ЗахIматалъе кьураб гIумру

ЦIунтIа районалъул ХутIрахъ росулъа ХIизбула ХIайбулаев ккола бищун кIудияв чи – гъоркьиса гьес тIубана 90 сон.

15 сон бараб мехалда, ай 1944 соналда, ХIизбула росдал гIадамалгун цадахъ гочине ккана Чачаналде. ГIумру гьабулеб букIана Ведено районалъул Эрсеной росулъ. Доба микьго класс лъугIун хадуб Ведено районалъул военкоматалъ ХIизбула ахIана Советияб армиялде. Армиялдаса тIадвуссун хадуб цIализе лъугьуна Челябинскалъул тракторазул заводалда цебе бугеб механизаторазул курсазде ва, гьебги лъугIизабун, тIадвуссана Эрсеной росулъе. Чачаналда ХIизбула хIалтIула 6-7 соналъ нухазул отделалда трактористлъун. 1957 соналда тIадруссуна ватIаналде.
Росулъе тIадруссарал гьезда батуларо я росулъ, я колода эхетараб мина-рукъ. Кинабго бухIун батула гуржияз. ЦIунтIал гочинарун хадуб Сталиница цIунтIадерил ракь кьун букIана гуржияхъе, риидал гIи-боцIи хьихьизе абун. ГIолохъанав ХIизбула жувана цIигьабун мина базе ва Замалъа абураб бакIалда букIараб кули къачIазе. ГIуцIана цIидасан магIишат, байбихьана хьихьизе гIи-боцIи, хIалтIизабуна ах-хур.
ЦIунтIа партиялъул райкомалъ гьев ахIула БежтIе, восула партиялъул мухъилъе, кьола нухазул отделалда тракторалда хIалтIизе бакIги. ЦIунтIа районалда нухал рахъулаго, ХIизбула хIалтIула 15 соналъ БежтIа-Кидиро ва Кидиро-ХутIрахъ бахъулеб нухда. 1971 соналда Кидиро-ХутIрахъ нухги рагьула ва ХутIрахъ росулъе нух бахъарав чиги ккола гьев. Росулъе тIоцебе трактор бачаралъухъ анкьго сон бараб оцги сайгъат гьабула гьесие жамагIаталъ.
1971 соналда, хIалтIул цеве­хъан хIисабалда, КПССалъул ЦIун­тIа райкомалъ ХIизбула ви­тIула МахIачхъала шагьаралда Совпартшколалда цIализе. Гьеб­ги лъугIизабун, росулъе тIад­вуссун вачIаравго, ХIизбула тIа­­мула ХутIрахъ росдал Энгельсил цIаралда бугеб колхозалъул пред­седательлъун. Районалдаго нахъеккараб колхоз букIана гьеб. ХIизбулал нухмалъиялда гъоркь гьеб ккана бищунго лъикIазул мухъилъе. КIвахI лъа­ларев, лъикIав нухмалъулев хIисабалда, 1970 соналда ХIизбула мустахIикълъана «В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон» абураб медалалъе ва райкомпартиялъул грамотабазегун шапакъатазе.
Пенсиялде ун хадувги хIалхьи­ялда чIечIо ХIизбула: колода гIи-боцIиги хьихьун вуго, гьесул буго 15 чIегIерхIайван. ХIизбулаца риидал гьабула хIан, нах ва бичизе босула МахIачхъалаялде.
ХутIрахъ росдал жамагIаталъ баркула ХIизбулада 90 сон тIубай. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги.