Канлъи: къаси араб къад гурого бачIунаро

Ахирал соназда улкаялъул хIукуматалъ кIвар кьолеб буго росабалъ ругезул гIумру цебетIезабиялде.

 

Амма Шамил районалъул Къелеб мухъалда ругел Сомода, Хьонохъ, ГIурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ, Ругъелда ва Ракьубгун Дагъбаш росабалъ токалъул рахъалъ расги лъикIаб хIал гьечIо. Кинха букIинеб, магIарухъ ругел санагIалъабазул бугезего бугеб токцин мех-мехалда унеб бугони. Чанго сон буго районалъул рехсарал росабалъе ток биччалеб подстанция Лъахъ росулъ бугелдаса. Кинаб гIайиб ккун ток аниги, рехсарал росабалъ ток букIунаро нахъисеб къоялъ радал сагIат микьго тIубазегIан. Гьедин букIиналъе гIиллаги подстанциялда къаси дежурнияв техник хIалтIизе штат гьечIин абулеб буго. Гьелъул хIакъалъулъ бицун гIемерал хьвадана гьел росабазул бутIрул токалъул иш тIубалел идарабазде. Бугеб ахIвал-хIал лъала районалъул бетIер МухIамад ХIасановасдаги. Хасалил чанго моцIалъ Лъахъ подстанциялда хIалтIулев дежурнияв техникасе гIарацги кьун букIана гьес. Хьитал хвезегIан республикаялъул идарабазде хьвадана Ругъелда росдал бегавул Гь. ГьитIинамухIамадовги. Амма гьеб суал тIубазе лъилго къуват гIолеб гьечIо.

 

 

ХIисаб гьабеха, подстанциялъул хIалтIухъанасе кьезе штат гьечIинги абун, 8 росдал жамагIатги, Ругъелда бугеб учасковияб больницаги, гьоркьохъеб школагун интернатги, мадрасалда цIалулелги токалдаса махIрумлъизе ккани, расги бигьаяб масъала гуро. Къойидаса къойиде квачалъ ханлъи гьабулеблъиги лъалеб бугони, щибдай гьабун лъикIаб букIинаян ургъалилъ руго росабазул нухмалъулелги. Щиб гIайиб жидеда бугебилан абулеб буго жамагIатазги.

 

 

Бокьилаан республикаялъул тIадал идарабаз гьеб суал роцIцIинабуни.