Гьудуллъиялъул нух

ГIодосанго мадугьаллъиялъул лъикIал гьоркьолъаби ратана Шамил районалъул Бакълъухъ, ГIасаб ва ГIахьвахъ районалъул Изано росабазул жамагIатазда гьоркьоб.

МегIер-гIалахалъулги гIи-боцIулги дагьабищха цоцазе кколеб жо букIунеб гIорхъицоял мадугьалзабазул.Умумулъанго киналго суалал гьел росабаз тIуразарулелги ратана гьудуллъиялда. Цоцазул хIурматги цIунун.

 

 

Росабазда гьоркьоб бухьеналъе квербакъулеб тIеренабго кунлъун букIана Изаноса ХIапури мегIер къотIун ГIасабе унеб чIедерабго нух. Советияб власталъул соназда гьудуллъиялъул гьоркьорлъаби жеги гIатIилъана. Гьединал шартIазда чIедераб нухалъ гIей гьабулеб букIинчIо. Пикру ккана машинадул нух бахъизе. Изано ва ГIасаб росдал жамагIаталъ субботникал гьарун, техника хIалтIизабун, жамагIаталъул газа кьурдаги рекIунилан абухъего, I972 соналда байбихьараб гьеб иш хехго рагIалде бахъана. Нух данде щвараб бакIалде рачIана тIоцересел машинабиги.

 

 

Гьениб кIалъазе рахъарал жамагIатчагIаз, масала, мунагьал чураял ГIасаса Мурад ГIалиевас, Изаноса Тахту Дибиргъазиевас бицана росабазда гьоркьоб гIодосанго ратарал гьоркьорлъабазул. ГIолилал ахIана умумузул лъикIал гIадатал хадурккунги хIалтIизаризе. ЦIияб нухда цIарги тана «Гьудуллъиялъул» абун.

Хадубккун гьеб нухлул тIалаб гьаби росабазул советаз тIаде босун букIарабани, жакъа газеталда гьелъул пашманаб къисматалъул хIакъалъулъ хъвазе ккечIого букIинеги бегьулаан. Амма гьелъул тIалаб гьабичIо, сухъмахъалде сверун буго.

 

 

КIиябго росдае гуребги пайда букIана нухлул. Риидал мугIрузде, хасало гъутабазде гьеб нухккун ХIапури магIардасан хьвадула ЛъаратIа, Шамил, ЦIунтIа ва цо-цо цогидалги районазул магIишатазул гIемераб гIи-боцIи. ХIужаби рукIана магIарда къварилъи ккун нух гьечIолъиялъ гIужда кумек щвечIого пашманал лъугьа-бахъинал ккеялъул. Масала, Изано росдал колхозалъул ракьалдасан руго Шамил, ЛъаратIа, ЦIунтIа ва цогидалги районазул колхозазул гIи-боцIи гочунел нухал. Кьварараб тIабигIаталъул бакIги буго гьеб. Гьеб лъикIго лъала гIухьбузда. Хасго къварилъи бихьула гьезда хаслихъе гъутабазде тIадруссун унаго — гьениб цудунго бала гIазу, ракIалдаго гьечIого пула гьури. Амма изандерица мадугьалзабазул гIиядаги цадахъ ругел гIадамаздаги гIакъуба бихьизе толаро.

 

 

Гьеб букIана 1965 соналъул октябрь моцIалъул бакьулълъи. Хинго, роцIун букIана дунял. Амма цинтIаго ХIапури мугIрузда тIад тIупун лъуна чIегIерал накIкIал, кIиго галиялъ цебе бугеб жоцин бихьулареб хIалалда базе лъугьана гIазу. Минуталдаса минуталде гьеб биццалъизе байбихьана. Бакъаниде бащдаб метралдасаги биццалъана гIазу. РакIалдаго гьечIого байбихьана буран. Гьеле гьеб заманалда изандерил росулъе хабар бачIана мугIруздаса нух бахъизе кIоларого гIиги гIадамалги ругилан. Колхозалъул председатель МухIамадов Ибрагьимил бетIерлъиялда гIухьбузе кумекалъе вахъана гьеб гьитIинабго росулъа хIетIе багъаризе кIолевщинав чи. ГIужда щвана магIарде кумек. БакI-бакIалде рикь-рикьун ратана ЛъаратIа районалъул Гьагьар росдал ва ЦIунтIа районалъул Кьадали росдал колхозалъул гIиял рехъаби, тIабигIаталъул гьеб балагьалде данде къеркьолаго квачанги сваканги ратана гIияхъаби. Гьел росулъе хинлъизеги ритIун, кинабго дандеги бакIарун, камизе течIого гIи гьезухъе кьуна изандерица ва кIиабилеб къоялда хIинкъи гьечIеб бакIалде щвезегIан гIи щвезабизеги ана. Гьединаб хIинкъиги нух бахъараб заманалда тIаса ун букIана. Гьелдаса батIиябги, ГIахьвахъан МахIачхъалаялде бугеб нухги гIезегIанго къокълъулаан.

 

 

Гьанибго бихьизабизе кола, цIияб нух бахъизе санагIат буго гьоркьоб инчIго километр гурони гьечIеб ТIасабакълъухъ росулъе. Гьелъул кIудияб кIварги буго. КIудияб ВатIанияб рагъ Грозниялде гIагарлъухъе щведал, Изано росулъе витIун вачIана инженер, цадахъ хIалтIухъабигун. Хехаб заманалда жаниб ХIапури габурлъухъан нух бахъиялъе тадбирал гьаруна ва байбихьана гьеб бахъизе. Гьенисан ине кколаан нахъе къалел аскарал. Кавказалдаса рагъ нахъе къараб мехалда, ХIапури габурлъухъе щведал нух бахъиги гьоркьоб къотIизе тана. Гьеб нух бахъулев вукIарав инженерги къадаралде щвана ва вукъун вуго Изано росулъ.