ГIорцIарасда вакъарав вичIчIуларо

Халкъалъул масъалаби — хIакимзабазе тIохде балеб цIад

 

ЦIалдолез «ХIакъикъаталъул» «РекIел ахIиялде» гIарзал хъваялъе аслияб гIилла ккола, бакIалъулал хIакимзабазухъа кумекги щвечIого, гьабизе жо тIагIиндал, балеб ахIи. ЦIалдолезул масъалаби ва гьез рорхулел гIемерисел суалал росдал бегавулас яги районалъул бетIерас бакIалдаго тIуразе ккола. Амма мискинчиясул гIарзаялъухъ гIенеккулев, гьесул масъалаби тIаде росулев хIакимчи, къад чирахъ бакун валагьаниги, къанагIатги ватуларин хъвалеб буго гьел кагътазда. ГIадатияв чиясул разиго квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразда гьоркьов  къанагIалъун вуго, гьел жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, гIадамазул масъалабазде регIулел гьечIо.

Унсоколо росулъа 80 сон барав захI­маталъул ветеран, пенсионер НурмухIамадов МухIамадзагьидица хъвалеб буго: «Гьаб соналъул март-апрель моцIаздаса нахъе нижее щвечIо хIукуматалъ захIматалъул ветераназе кьолеб букIараб 500 гъуруш, бицунеб буго, гьеб тIубанго къотIизабулеб рагIулинги. Гьари буго, гьеб кьогIаб хабар битIараб бугищали лъазабе», — ян.
ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялдаса щвараб баяналда рекъон, гьеб 500 гъуруш буго транспорталъухъ кьезеян ветераназе гьабулеб бигьалъи. ХIукумат мискинлъун букIиналда бан, кватIулеб гьеб Москваялдаса гIарац бачIарабго, щвезе буго.
Хадубги МухIамадзагьидица хъва­леб буго: «Ниж, захIматалъул ветеранал, ахIун рукIана Унсоколо район гIуцIаралдаса 80 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб данделъи­ялде. КIалъаязда хIакимзабаз бицана районалда бугеб лъабго пихъил консервазул заводги художествияб комбинатги хIалтIунгутIиялъе ругел гIиллабазул хIакъалъулъ. Рай­о­налъул бетIер ГIиса Нур­му­хIа­мадовасухъе чIахIияб гIелалъул ва­килзаби ун рукIана, художест­вияб комбинаталъул хIалтIи­гIаги рукIалиде бачеян гьарун. Ниж гIадада ккана, комбинаталъул директорлъун вукIарав ГIабдулмуминов АхIмадица гьелъул приватизация гьабун батанила, гьелда гьабизе кIо­леб жо жинда букIунарин абуна райо­налъул бетIерас.
Дагьаб цебе районалде вачIарав рес­публикаялъул бетIер Рама­зан ГIабдулатIиповасда ГIабдул­му­ми­но­вас гIарз гьабун буго, комбинаталда 60 чи хIалтIулев вугин, амма жиндие хIукуматалъул кредитал кьолел гьечIин абун. Жакъа комбинаталъул ракьалда хIайваналги хьихьун йигей цо яс гурони гьенив чи вихьуларо. Лъазе бокьилаан, гIадамазе хIалтIи чIезабиялъе гьабулеб иша­лъе замангойищ хIакимзабазда батуларебали. Ругел завод-фабрикал хIурудахъ риччай, хIалтIи гьечIого ругел гIа­дамазда аскIоб гьабулеб такъсирчи­лъи кколарищ?»
МухIамадзагьидица борхулеб буго, Унсоколо районалъе гуребги, республикаялъего кIвар бугеб суал. Амма квеш ккараб жо буго гьелъие жаваб кьолев чи ватулеб гьечIолъи.
Хасавюрт районалъул ТIукитIа росулъа МухIамадрасулов МухIамад­за­гьидица хъвалеб буго: «1944 соналда ТIукитIа росдал гIадамал хIукуматалъ хIалица гочинаруна чачаназул Даргъо росулъе. Гьениб нижеца 13 соналъ гьабуна гIумру. Гьениб ругьунлъараб халкъ 1957 соналда гочинабуна лъарагIлъиялда бугеб «Къамиш хъутан» абулеб бакIалде. Бана росу, гIуцIана цебетIураб колхоз. 90-абилел соназда кинабго хIурудахъ ана, биххана гIаммаб магIишат. Росдал чIухIилъун хутIана 1989 соналда бараб цо мажгит. Гьеб хIалтIулъ цIакъ кIудияб бутIа лъуна Тюменалда жиндирго кооператив гIуцIарав ГIумархIажи МухIамадовас, гьес рачIана мажгиталъур тIамизе тIан­сабиги. Гьесго бана, Хасавюрт районалдаго гьечIеб гIадаб берцинаб, лъабтIалаяб мадраса, къачIана мажгиталдаги мадрасаялдаги сверухъ бакIал, гьенир лъуна чирахъал.
Росулъ цIакъ къанагIалъи бу­кIана гьекъолеб лъел. ЦIияб арти­зианги бахъун, ГIумархIажияс жама­гIаталдаса гьеб къварилъиги тIаса босана.
Росу бакьулъ бугеб клубги, амбулаторияги, ВатIаналъул рагъул гIа­хьалчагIазул памятникги рукIана басралъун. Рагъул гIахьалчи АхIмадил ХIажил вас Зубаирица, киналго харжалги жиндего тIаде росун, берцинго къачIана памятник, киналго учреждениязда сверухъ лъуна маххул чали, паркалда — цIиял хьонбакIал, къачIана клуб, амбулатория, жанисанги къватIисаги цIигьабуна спортзал.
Росулъ гьечIо ясли-ах. Гьелъие бихьизабун букIана колхозалъул букIараб мина. Росдал бегавуллъун вукIарав Пахрудиновас, районалъул бюджеталда хъвачIого, ясли-ах къачIазе балагьун букIана лъабго миллион гъуруш. ЛъебергогIанасев чиясе хIалтIи букIунаан гьеб рагьун хадуб. Жидерго счеталде бачIун хадуб, районалъул тIалъиялъ гьеб гIарцуда тIад квер лъуна, гьединлъидал росулъ ясли-ах рагьиялда нижер букIараб хьул хIорго хутIана.
Рес бугел чагIаз росдае гьабгощинаб хIалтIи гьабулеб мехалъ, кибха бугеб Хасавюрт районалъул тIалъи, щиб кумекха гьелдаса нижер жамагIаталъе щвараб? Районалъул бетIерасдацин лъаларо нижер росу бугеб бакI», -ан.
Ахираб заманалда редакциялде гIемер рачIунел руго Октябралъул инкъилаб бергьаралдаса 100 сон тIубаялда хурхун хъварал кагътал. ГIемерисел руго чIахIияб гIелалъул чагIазе хъварал. Гьелги руго советияб улка гIуцIарал, рухIалда барахщичIого улка цIунарал, рагъдаса хадусел соназда чIунтараб халкъияб магIишаталда рухI речIчIизабулаго гIакъуба бихьарал бахIарзал. Кагътазда цIакъ ракIунтун кIварбуссинабулеб буго захIмат бихьун гьабураб халкъияб магIишат ва буголъи жакъа я пачалихъалъул, я халкъалъул ургъел гьечIел цо-цо чукъбуз чурхъулеб букIиналде. ГIемерисел кагътазда бицунеб буго, хIуригаталъул тIоцересел моцIаздаса байбихьун, советияб улка цIунизе къеркьолел рукIарал нилъер умумузул гIумруялъул хIакъалъулъ. Масала, Гъизилюрт шагьаралдаса Ахъбердиев ТIалхIатил кагътида бицунеб буго 1917 соналъул 25 октябралда «Зимний дворец» бахъиялъулъ гIахьаллъарав, Октябралъулаб революциялъул орденалъе мустахIикълъарав Хунзахъа МухIамад Дибирчуевасул хIакъалъулъ.
Хунзахъ районалъул БакьайчIи росдал хъутаналдаса Пирова Раисатица ва МухIамад НухIовас редакциялде битIун бачIун буго гIияда вукIарав 10 сон барав АхIмад авлахъалда вухIун ватидал гьабураб кечI. МагIнаялъул рахъалъ загIипаб букIиналъ, гьеб газеталда бахъичIо.
«ХIакъикъат» ккола республикаялъул газета ва гьенире ритIулел макъалаби рукIине ккола цIалулезе пайдаял, гьел ургъизе тIамулел, гIакълу щолел, кучIдулин абуни пасихIал, камилго хъварал. ЛъикIаб букIинаан хадубккун нижехъе хъвалел макъалаби, гIаммал рагIабазул ва пикрабазул гурел, гIемерал мисалаздалъун берцин гьаруни.
МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабун вугев Сиражудин Шамсудиновасул «Лъалареб жо бицун, гIайиб гIунтIизабуге» абураб бетIералда гъоркь хъвараб кагътида буго: «Ахираб ункъо соналда жаниб берцинлъун бачIунеб МахIачхъала бихьидал вохула дун. Ралел руго 10-12 тIалаял цIиял минаби, къачIалел руго гIадамазе хIухьбахъиялъе къваригIунелщинал бакIал, парказда хIалтIулел руго шахматал-шашкаби хIазе рукъзал, лъималазе рагьун руго гIемерал расанкIаби жанир ругел майданал. 2016 соналда рагьун буго 1364 бакI жаниб бугеб 12 лъималазул цIияб ах ва 4260 цIалдохъанасе бакI бугеб 12 школа.
Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул нухмалъиялдалъун, киналго районазде щун, халкъалъул гIолелги гIоларелги рахъал ралагьулел руго хIакимзабаз. Районаздаги росабалъги рагьун руго цIиял лъималазул ахал, спортзалал, больницаби, школал. Гьеб кинабго буго ГIабдулатIиповасул хасаб программа гIумруялде бахъинабиялъул баракат. Халкъалъе хадубги хъулухъ гьабиялда тIад ургъулев вуго хIалчIахъад. Цо-цоязе гьев рихун вуго, щайгурелъул, гьесул амруялдалъун риххизаридал, нухалги къварид гьарун, изнуго гьечIого, рарал минабиги заправкабиги, нухазда рарал минабаздеги ирга щвелеб батила гьесул. Гьеб лъикIаб хIалтIи киназего гуро дандекколеб бугеб, кколел руго гьев какулелги».
Сиражудинго гIадин рази руго гIемерисел Рамазанил хIалтIудаса. Дагъистаналъул бюджеталъулаб гIа­рац­ги бикъун, бечелъун букIараб агь­луялъул рачIчIалда тIад мал чIана гьес. ХIалтIизе тIамуна «бакъ аги, къо аги, Москваялдаса бачIунеб гIарац тIагIунгеги» абун гIумру тIамулел рукIарал районазул бутIрул. Сундухъго балагьичIого, хIалтIудаса рахъана, хIалтIи лъаларел, лъаниги, гьабуларел, хIукумат бикъулел гIемерал хIакимзаби. ХIамица гIундул кIирикIунин абун, бацI хIинкъуларо, къаси-къад чIечIого, Дагъистан цебе бачине Рамазаница гьабулеб бугеб хIалтIи бихьулеб буго нилъеда.
Нури Нуриев