Ракьалда лъалкIал

КечI букIана маяклъун

Сайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тIобитIана гьесул росуцояз, гIагарлъиялъ

КечI букIана маяклъун
Сайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тIобитIана гьесул росуцояз, гIагарлъиялъ

МахIачхъалаялда, «Экзотика» залалда тIобитIана Шамил районалъул Ругъелда росулъа ГьитIинамухIамадов Сайпулагьил 70 сон тIубаялъул тадбир.
«ХIакъикъаталъул» цIалдолезда Сайпулагь щивали лъаниги, бокьун буго гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам гьабизе. Гьевин абуни ккола тохтурги мугIалимги. Гьелдего тIаде, Сайпулагь машгьурлъана шагIир, журналист хIисабалдаги. Гьеб рахъ гьесие цIакъго хириябги буго. «Дун гьавураб къоялъ» абураб жиндирго кочIолъги гьес хъвалеб буго:
Цо-цо къварилъабаз къвал баниги щиб,
Къисматалъ недегьго веэдана дун.
ДандеккунгутIияз кеп кьечIониги,
КечI букIана даим дие маяклъун.
2014 соналда къватIибе биччана Сайпулагьил «Къелестан» абураб тIехь. Гьавураб бакI, ватIан гьесие цIакъ хириябги буго:
— Дур ватIан щиб? Дагъистан.
— ГIураб бакI щиб? Къелестан.
Цоги:
Дагъистан — цIвабзазул зоб
Къелестан – гьениб цо цIва.
Цоги:
Къисмат дудаса тIураб,
БатIияб гьалъул гьечIо.
Гьаб цо дур гъотIол гIаркьел,
Гьаб цо дур гIурул рикьи.
2019 соналда къватIибе биччана кIиабилебги тIехь ва гьелдаги цIар тана «Къелдерил сверуда» абун. Гьебги ккана хасаб сабаблъун гьеб тадбир тIобитIиялъе. Гьеб тадбир гIуцIана гьесул ракьцояз, гIагарлъиялъ ва гьудул-гьалмагълъиялъ. Гьесул буго лъикIаб тарбия щвараб 5 лъимер ва 13 лъимадул лъимерги.
Бищунго гьев чIухIулеб жо ккола ракIбацIцIадал, живго гIадал гIемерал гьудулзаби. «Экзотика» залалдаги гьезул вакил камураб цониги росу букIинчIин абизеги бегьула. РукIана Гъуниб, ЧIарада, Болъихъ районаздасаги гьалмагъзаби. Кавказалъул хъвадарухъабазул клубалъул филиалалъул директор Насрулаев МухIамадица гьесул каранда бана «Золотая медаль Есенина за верность традиции культуры и литературы» абураб шапакъат. Шамил районалъул бетIерасул рахъалдасан кьуна грамота ва гIарцулаб сайгъат. Гьев кIодо гьавизелъун гIуцIараб тадбирин абуни лъугьана унго-унгояб къелдерил «цIадахъ руссенлъун», магIарул годекIанлъун.
Гьеб тадбиралда щивав гьоболасе, гьесул гьудулзабазе сайгъат гьарурал кучIдул цIалана гьесул лъималазул лъималазги.
Сайпула киданиги хилиплъичIо жиндирго кочIол мухъазеги:
Гьобол-гьудул хиралъи,
Рогьояб, тIекъаб рихи,
РитIухъалда тIадрекъей,
Къадруяб ишин гьаниб.
Ругъелда росдал, ай гьев цIалараб, гьес лъугIизабураб школалъул музеялда хасаб бакIги букIине буго гьесул гьунар бихьизабулеб.
МухIамад ТIайгибов,
Ругъелда школалъул директор