Пихъ бокьараз квина нилъераб, химия бокьараз — дозулаб

Социалиял гьиназдасан гьабураб даран

 

Социалиял гьиназдасан тIибитIизабураб рекламаялъул хIасилалда, республикаялдаги гьеб тун къватIибехунги гIемерисезда рагIана Гъизилюрт районалъул Миякьоса Салмановал ХIажимухIамадицаги гьесул вас Камалицаги жидецаго гIезабураб микьир бичиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гIезегIан гIадамал щвана гьенире, гьездаго гьоркьов дунги. Гьезул буго 2 гектаралда гIезабураб ах. Гьениб бижулеб буго 30 тайпа цIолбол,  6 тайпа мокьрол, 3 тайпа куракул. Гьеб ахил бетIергьабазулгун ва гьабуна гьадинаб гара-чIвари.

— ХIажимухIамад, дуца ижараялъе босулеб мехалда, щиб хIалалда букIараб гьаб ракь?
— Росдал боцIуца мерхьараб, расги пайда букIинчIеб, чIобогояб ракь букIана. Дица ракь бегана, сверун къана, нух бахъана, лъим бачана. ГIурухъа (Сулахъ гIор) лъим бачинелъун, бана насосалъулаб станция, лъуна чIахIиял рогIрал. Нальчикалдеги ун, босана 407 цIулакьодул гъветI.
— Хас гьабун ахихъанлъиялде машгъуллъиялъе щиб гIилла ккараб?
— Нижер росдал гIадамаз кидаго гIезабулаан микьирги цIибилги. ЦIулакьо гIезабизе байбихьидал, бичIчIана нижер ракьалда гьеб лъикI бижулареблъи, ракъвана киналго гъутIби. Нижер умумуз гIезарурал цIолбол ва мокьрол ахал ккана ГЭСалъул лъеде гъоркье. Гьанже нижги тIаделъана умумуз гьабулеб батараб гьабизе.
— Рехун тараб бакIалда гьадинаб гьайбатаб ах гIезабизе ккани, кигIан захIмат бихьараб?
— Доб мехалъ дун вукIана 26 сон барав, ЧIикIаб ГЭСалда хIалтIун (скалолаз), моцIрое 500-600 гъуруш босулев чи. Кодобе щвараб кинабго гIарац дица биччана гьенибе. Бихьараб захIматалъул бицани, гьеб лъидаго, хасго жакъасеб гIелалда бичIчIуларо.
— Ижараялъухъ кигIан кьолеб?
— Цо гъуруш кьечIо, кьезе нигатги гьечIо, кьейин абун, чиги аскIове вачIинчIо.
— Щай?
— Доб мехалъ нижеца гьабураб къотIи-къаялъул цониги пункт тIу­бачIо совхозалъ. Дида цадахъ нижер росулъа 27 чияс босун букIана ижараялъе ракь. Жакъа кIигояв вуго, дунго гIадин, ах гIезабулев, хутIараз къо хIехьечIо.
— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щванищ дуе?
— Гьабураб хIалтIи, ракьул гIа­тIи­лъи, чIараб гъветI рикIкIун, пачали­хъалъ кьолеб дотация букIана. ТIо­цересел соназда диеги щвана гьелъул 2,5 азаргогIанасеб гъуруш. Фермерлъиялъул магIишат гIуцIизеги тIаделъун вукIана. Хадуб биххана пачалихъ, ккана гIемерал лъугьа-бахъинал, ва, мунги щиб гьабулев вугевин гьикъун, гьаниве гIаданги ваккичIо. Чанго нухалъ ана районалъул росдал магIишаталъул управлениялде — дун гьадинав чи вугин, хIалтIи гьабизе гъираги ресги бугин, гьабулеб кумекгойищ букIунаребин цIехезе. Щибго хIасил ккечIо, ва дида бичIчIана дун, вихъун хваниги, кумек щолареблъи.
— Кумек гьабулеб батичIони, квал­квалгIаги гьабичIого толищ?
— Я кумекалъе, я квалквалалъе гьа­ниве щивго вачIинчIо. Гьанже хIинкъун вуго гьалгощинал мухбирзаби рачIун хадуб, метер-сезе налогазул инспекторзаби рачIинадайин абун.
— ЛъагIалие кигIан продукци­я гьоркьохъеб хIисабалда ду­ца бакIа­рулеб, ва мун разияб къа­гIи­даялъ бачIунищ гьеб?
— Гъоркьиса цIолбохъ дие цо гъуруш щвечIо, квине щун гурого, щибго хутIичIо, хвана. Куракул букIинчIо кваназецин жо. Мокьроца мадар гьабуна. Исана куракги микьирги бегьулеб хIалалда букIана. Жакъа къоялда цIибил гIезегIан берцинго, лъикI буго, хвечIого хутIани, бихьилаха хIасил. Разилъиялъул бицани, бугелда шукру гьабизе ккола.
— Нилъер тукабазда, базаразда гьар­заго руго къватIисел улкабазда­са рачIунел нигIматал. Гьезда гъорлъ дур цIолбоегун мокьрое бакI­го букIунищ?
— БакI киб гурин щолеб, гьоркьо­ве лъугьани, гIадалъ жо бала. Сахлъиги гъираги бугони, пихъ гIезабизе захIмалъуларо. ЗахIмалъи букIуна бичизе. ГIезабураб гIечIого, къасилъи-къадлъи гьечIого, ургъизе кко­ла киндай гьеб бичила абураб суалалда тIад. Базар дирин чIа­разулгун дагIба-къец гьаби бигьаяб жо гуро.
— Базаралда бугеб къватIиса ба­чIа­раб микьирги дур ахикь бижарабги дандеккуни, киналъул даража цIикIкIунеб?
— 10 баллалъул даража босани, дие щвела 7, дозие — 3. БацIцIадаб, унго-унгояб микьир (гьединаб буго нижер) бакIарун хадуб 3-4 къоялдаса цIикIкIун цIунизе кIоларо. Хаслихъе добаса бачIараб микьир ихдалги туруларо, туризеги биччаларо хIалхьезегIан гъорлъе жубараб химиялъ. Пихъ бокьараз квинаха нилъераб, химия бокьараз — дозулаб…
— Дур пикруялда, пачалихъалъ щиб кумек гьабизе кколеб дуе ва мун гIадиназе?
— ГIезабураб бичизе квербакъулебани, гьелдаса цIакъаб кумек бу­кIинароан. Тахидаги кIусун, мискин­чиясда макьилъцин бихьичIеб гIа­рац­ги босун ругел гIадамал гIе­мер­лъараб гьаб заманалда, гIе­забуралда щиб гьабилебали лъаларо­го вугев пакъирасул, рехун тарал аха­зул, рекьичIого ругел хурзабазул ургъел бугел хIакимзаби гIемер гьечIо. 750 гектаралда бекьараб цIибил букIана нижер «Сулахъ» сов­хозалъул. КIудияб пачалихъ биххун хадуб, щу-щу дипломги кодоб ккун ругел гьанжесел хIакимзабаз вабаъ рещтIинабуна гьелде.
Чанго соналъ гIараб улкабаздаги хIалтIун, гьабсагIаталда Интернеталдасан бича-хисиялда вугев Камал, сезоналъул заманалда хъизамалъе кумек гьабизелъун, Гонконгалдаса вуссун вуго ватIаналде. Нилъер уни­верситеталъул къватIисел пачалихъазул мацIазул факультет лъу­гIарав Камалида лъикI лъалел руго магIарул, гIурус, ингилис, турк, гIа­раб мацIал. Гьес абухъе, хадубккун Гонконгалда гьабулеб хIалтIи гьанивго чIун тIубан букIинеги бегьула, Интернеталъ цойиде бачун бугелъул дунял. Гьесиеги кьуна дица чанго суал:
— Камал, гьаб бакъукь, гIетI тIун гьабизе кколеб хIалтIудаса дуе бигьа букIинчIищ, Гонконгалъул лъикIал шартIаздаса пайдаги босун, доваго вукIине?
— Сундулъго бигьаял нухал ралагьизе бегьуларелъул. Дунялго сверарав ХIамзатил Расулицаги абун гьечIищ гьаниб гIадин хIухьел цIа­зеги хIалхьи гьабизеги лъикIаб бакI жинда дандчIвачIин. Дидаги гIезегIан бихьана рахIатаб гIумруги лъикIал шартIалги, амма рокъобе ракI цIа­чIого букIунароан. КъватIисел па­­­ча­­ли­хъазда бихьараб росдал ма­­гIи­­шаталъул цебетIейги, дора хIал­тIи­зарулел цIиял къагIидабиги гьа­нир хIалтIизаризе ресал ралагьиял­да тIад­ги бокьун буго ургъизе.
— Доба бугеб цебетIейги бихьун, гьаниб бугеб ахIвал-хIалгун дандчIвайдал, ракIбуссиналъул асар бачIунарищ?
— БитIараб бицани, радал щугоялда тIадеги рахъун, Хасавюрталъул базаралде щведал, дора, кIиабилеб гIасруялда гIадин, гьакаца ящикалги раччун, руччаби хIалтIулел рихьидал, ракIхунги хутIула. Нилъер гьаниб дагьабниги цебетIей букIине ккани, тIоцебесеб иргаялда лъазе ккола нилъго ругеб бакI, нилъер даража. ГьабсагIаталда нилъ цIакъго нахъа руго, къватIисел пачалихъазул хIакъалъулъ бицинарин, улкаялъул гIемерал регионаздасаго. Нахъеккараб нилъерго даража бичIчIун хадуб ургъула, гIадамал церетIезе ккани, гьабизе кколелда тIад. Жакъа нилъ руго умумузул тарихалдасаги, нилъго нилъедасагоги чIухIун, бугъби гIадин. КъватIире щведал гурони бичIчIуларо нилъ нахъеккун ругеб куц.
— Социалиял гьиназдалъун тIиби­тIана дур цIар. Нужер хIалтIуе квер­бакъанищ гьез?
— ГIезабурав чи эмен вугониги, цIар щвана дие. РакIалдаго гье­чIого ккана кинабго. Гьаб ахикьа бакIарараб тIагIамаб микьир, гъо­тIодаса тIурабго, рес бугин нужее­ги щвезабизейин бахъараб ролик ди­ца лъуна Интернеталда. Гьелъ гьабуна кIудияб дандерижи. ГIемерал гIадамал рачIана кIалъан, рачIун рукIана мухбирзабиги телевидениялъул хIалтIухъабиги. Кибего щвана информация, цIикIкIана рачIунел заказалги. Дагъистаналдаса (гьиназдалъун) рукIарал заказазда рекъон, нижеца микьир щвезабулаан рокъо-рокъобе (кило — 60 гъуруш), гьедин бичана тоннагун бащадабгIанасеб къадар. Ахикьаго босизе рачIаразе кьуна 50 гъуршиде кило гьабун. Россиялъул цоги регионаздаса (Сибиралдаса байбихьун, Архангельскалде щвезегIан) рачIарал гьединал заказал тIуразе нижер рес кколаро. Микьир буго хехго холеб нигIмат, нилъер регионазда гьоркьоб транспорталъулаб (я гIодосан, я гьаваялдасан) бухьен низам гьечIеб, цIакъго хашаб букIиналъ хвезабула гIемераб хIалтIи.
— Гьеб цIияб къагIидаялъул букIи­несеб кин бихьулеб дуда Дагъистаналда?
Гьеб электронияб бича-хиси ду­нялалдаго къойидаса къойиде це­бетIолеб буго. Дида ккола ва хьул бу­го Дагъистанги гьеб рахъалъ на­хъе­ккезе гьечIин ва бегьиларин, жа­къа къоялъ гьадин нахъеккун ругониги.
Дун хIадурав вуго дидаго лъалебщинаб, гIемер махщел гьечIониги, бокьарав чиясда чIобого малъизе
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.