Администрациялъул ишал

ЖамагIаталда мугъчIвани, мекъи кколаро

Росабалъ гIадамал чIезе ккани, рекъарал шартIалгIаги рукIине ккеларищ?

Шамил районалъул росабазул лъикIал бегавулзабазда гьоркьоб цIар рехсола Ругъелда росдал бегавул ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовасулги. Рос­дал жамагIатги разиго буго гьесдаса. Гьединлъидал ахираб заманалда гьабураб хIалтIулги, гьабизе бугелъулги, дандчIвалел захIмалъабазулги бицун, нижеца гьабуна гьесулгун гара-чIвариги.
— ГьитIинамухIамад, учи­тель­­лъиги тун, бетIер унтизабулеб гьаб хIалтIи тIаде босиялъе гIи­л­­ла щиб ккараб?
— РакIалде ккана учитела­сул хIалтIудаса росдаеги жама­гIа­талъеги дидаса цIикIкIун хайир букIинин, гIолохъангоги вугин, нагагь бажаричIони нахъеги инин.
— Щибха ккараб, бажаранищ? Сундаса хIалтIи байбихьараб? Кинал хIалтIаби гьарун бажарараб?
— Дир хIалтIуе къимат жа­ма­гIаталъ кьела. Амма хIалтIи бай­бихьана росабалъ ругел гIо­лохъабазул сияхI гьабиялдаса. Щиб кканиги, гьезул кумек хIа­жалъулелъулха. Цинги ваккана бюджеталде. Администрациялде гьоркьобе унеб анлъго росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, ГIурчухъ, Хьиндахъ, Мусрухъ) бугониги, гьенир гьаризе кколел хIалтIаби гIемер рукIана. Амма, гIадамазул къадаралде балагьун гурони гIарац биччаларелъул, гьелги дагьго руго. Бугониги кIварабщинаб гьабизе байбихьана. Масала, ругъелдерил Къараде авалалде ва мусрухъезул лъарада тIасан лъуна машина хьвадизе рес кьолел кьоял. Сомода, Мусрухъ, Хьиндахъ рана кверкьовул рукъзал. Хьонохъ цIигьабуна росдал къулгIа, тIадеги бана хIамамги хIажатханаги. Хьиндахъ бана 25 тонна лъел жанибе унеб хIавуз. Гьединабго хIавуз бана участкаялъул больницаялъеги. Цоги рукъ тIадеги бан, гIатIид гьабуна администрациялъул мина. Ругъелда росдал клубалъе гьабуна капиталияб ремонт. Ремонт гьабуна Сомода росдал клубалъеги. ГIемерисеб хIалтIи буссараб букIана нухал-кьоял гьариялде. Ахираб заманалда цIикIкIун руго машинаби. Чара гьечIого хIажат букIана Ругъелда ва Хьиндахъ росабалъ машинаби чIезаризе майдан. ГIемераб гамачIги баччун, къедги гьабун, гIолохъабазул кумекалдалъун тIубана гьеб суал. Росулъ буго хIалтIулеб Т-170 бульдозер. Гье­лъул кумекалда­лъун нухал гьаруна магъилъеги кулабахъеги. Гьанже ругъелдисезул рес буго Гьадахъ колоде щвезегIан магъилъ минаби разе, сомолазеги гьаруна гьединалго нухал. Токалъул хIал гIоларого, Мусрухъ, Хьонохъ ва Сомода росабазул авалазда хисана трансформаторал. Дунго разияб хIалтIи буго байбихьун, амма исана гьеб рагIалде бахъинаро. Гьебги ккола ГъоркьамочIо абураб бакIалда бараб лъел хIавуз. Гьениб сверухълъи бацIцIад гьабун буго гъветI-хъарахъалдаса, къедги бан, лъел рахъги гьабун буго. Гьелда сверухъ рукIине руго волейболги футболги хIалел майданал. Сверухъ гъутIбиги чIезе руго.
— Мискинабго бюджет букIаго, кинха рес батараб гьелгощинал хIалтIаби гьаризе?
— Бугеб цIуна-къан хIалтIиза­буна. ГIемерисел хIалтIабиги гьаруна жамагIатазул кумекалда­лъун. Кумек гьабула депутатазги. Масала, цIакъ рази вуго райсобраниялъул депутат ГIабдулаев Мусадасаги ГIурчухъ росдал депутат Хайрулаев Магъиласдасаги. Гьел кIиялго руго жавабиял хIалтIуда ругел, амма рес батун росулъеги рачIуна, кумекги гьабула. Рази вуго дун Ругъелда росдал имам Аюбидасаги, Сомодаса ХирамухIамадидасаги, Хьиндахъа ХIамзатидасаги.
— Дуца нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна 2 СПК, цо гьоркьохъеб ва 5 байбихьул школа, участкаялъул больница, 6 медпункт, 2 ясли-ах, бухьеналъул отделение, 4 культураялъул рукъ, чамалиго тукен. Гьезул хIалтIуда хадуб халкквезеги лъикIаб-квешаб дандбазеги регIулищ?
— КIиябго СПКялъул хIалтIи квеш гьечIо. КъваригIараб-та­раб­ги дандбала. Ккани кумекги гьабула. ХутIарал идарабазул рахъал­дасанги кумек щола, дицаги бажарараб гьабула.
— Сунцаха жакъа, аслияб куцалда, бетIер унтизабун бугеб?
— БетIер унтизабулеблъун хутIулеб буго токалъулги телефоналъул бухьеназулги суал. Гьеб кIиябго букIинчIебани, дица цогидалъул бицинего бицинароан. Къелебе токалъул мухъ цIана 1968 соналда. ГIемерисел хIубал руго басралъун, турун. Дагьабниги гьури бахъани, уна ток, ток гьечIони букIунаро телефоналъул бухьенги. Къелебеги, Ракьубеги, Дагъбашалдеги ток биччалеб подстанция буго Лъахъ росулъ. Гьел росабалъе унел мухъазда авария кканиги, ток свинабула Къелебе. Ток биччазе подстанциялда хIалтIухъанги вукIунаро радал сагIат 8 тIубазегIан. Районалъул бетIер МухIамад ХIасановас 5 моцIрол харж кьуна подстанциялъул хIалтIухъабазе, къаси-къасиги гьел хIалтIуда чIаралъухъ. Токалъул бугеб къварилъиялъул бицун дун гIемеразухъе щвана. ЧIванкъотIараб кумек гьабулев чи гьечIого вуго. МугIрузул зонаялда вугев республикаялъул бетIерасул вакил МухIамад Камиловас кумек гьабуна хIубазул рахъалъан (19 хIуби). Къелебе ва Ракьубгун Дагъбашалде ток биччалеб подстанция базе рагIи кьун букIана ДРялъул бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасги. Лъаларо щиб гьелъул ккелебалиги. Гьелдаго цадахъ унтараб суал буго бухьеналъулги. Къелебе, Хьонохъ росдаде тIаде балагьараб бакIалда лъураб телевышкаялде сигнал бачIуна Хучада магIарда бугеб телевышкаялдаса. Гьенибе унеб токалъул мухъалда авария кканиги (гьеб цIакъ гIемер ккола) къотIула нижехъе бухьен. Дие рагIи кьун букIана цо хIакимас «Мегафоналъул» бухьен гьабизе. Гьелъие гIоло Хьонохъ бугеб телевышка жеги тIадегIан базелъун гьабуна машинаялъе нух. Гьебги жеги рагIалде бахъинчIо, дида бан гуребха.
— Районалъул нухмалъулезухъа кумек щолищ?
— Рес бугеб жоялъе гьезги, хасго бетIер ХIасановасги кумекги гьабула, хIалаеги ратула.
Сайпула ГьитIинамухIамадов