ТIабигIат — нилъер бечелъи

КIудияб гIурул унти
Аби буго 1000 соналъ цебе АваргIор Датуна росдада аскIоб бугеб
килисаялда цебесан чвахулеб букIанин

 

Гьедин, ай КIудияб гIорилан абулаан умумузго Шамил район кIийиде бикьулеб гIоралда. Бицен гьабулеб гIор ккола АваргIор — Аваргъойсу. Гьеб цIар нилъер гуро, тюрказулгун татаразул кьибил бугеб буго. ЛъарагI мацIалда гьелъул магIна ккола «ГIиял гIор» абураб.
… АваргIор жубала ГIандигIоргун Генуб росдадаса 3 километралъ тIадехун. ГIурул халалъи буго 178 км. Гьелъул байбихьи буго гуртиязул мугIруздасан, Гутан мегIералъул хьолбодасан. Гуртиязулги буго гьеб гIоралъе кьураб хасаб цIар — Симбирисхеви абураб, ай «эхебе чвахулеб». Буго цоги цIар цересел гIарабазул рагъухъабаз лъураб. Гьез гьелда абулаан «Нагьаралгеми» абун. ГIараб мацIалда гьелъул магIна ккола «гIиязул гIор» абураб. Гьаб цIар кьеялъе гIиллаги буго некIо магIарулаз ихдалги хасалихъеги гьеб гIорккун гIиял рехъаби гочинарулел рукIин магIарухъеги нахъеги. ГIи гочинабулеб нухги букIун буго АваргIорккун, Богос ва Нукъукь мугIрузде тIаде. Гьел гьенир тIубараб рииялъ, ай хаслихълъи щвезегIан хьихьулаан.
… АваргIурулъе чвахулеб лъаразул къадар 440-ялде бахуна. Аслияллъун ккола Журмут, ХьвангIор, СарагIор, ТемиргIор, ХъахIабгIор, Ракьуб, Гичину, Тобот, КъаралгIор.
КIудияб гIор чвахула Нукъукь мегIералъул къваридаб расалъиялдасан. Гьелъул хIакъикъаталдаги байбихьи буго Ансухъ росдада аскIоб. Гьенирго журала бищунго кIудиял рикьалаби — Журмут ва ХьвангIорал.
… ГIурул гIамал цIакъго ццидалаб буго, хасго ихдал мехалъ. Хасало гьеб гIодобцуна. ЦIакъго жаниб цIола АваргIор май моцIалдаса август моцIалде щвезегIан. Риунел цIорол мугIруз, халатрахъарал чвахун цIадаз гьелъул лъим цIикIкIуна. Гьеб заманалда гIурул рагIаллъабазда талихIкъосарал лъугьа-бахъиналги ккола. Гьалаглъараб гIоралъ жиндирго нухда батараб кинабго босун уна: гъутIби, рукъзал, боцIи-панз.
1963 соналда гIор бищунго кутакалда щун букIана. Гьелъул хIасилалда лъеца росун ана Советский (цебесеб цIар) районалъул централъул гIемерал рукъзал, щущазаруна нус-нус километр нухазул, росун ана кьоял, лъелъе ана ахал, хурзал, огородал. Гьаб кинабго рукIалиде ккезабизе къваригIана чанго сон.
НекIсияб, мажусияб дин гьабулеб заманалда букIараб абиялда рекъон, кутакалда ццидахун гIор щварабго гьелъ ахал, хурзал хвезарун гуребги, гIемерал гIадамалги росун унел рукIун руго. Гьеб мехалъ гIорги ракIгъанцIулеб хIалалъ рурудулеб букIун буго. ГIор гIодобе буссинелъун гIадамаз цо хасаб бакIалде хъураб гIи-боцIул къулагIаби рехулел рукIун руго.
… Сверана сонал, гIасраби, замана. КIудияб гIурул рагIаллъабазда гIадамаз рана росаби, кулал, гIумруялъе квегIенал жанир чIолел бакIал.
…АваргIорккун эхеде рачIунаго, Датуна росдада аскIоб буго жеги нахъе хутIараб, Дагъистаналъул мугIрузда цого-цо бугеб насраниязул килиса. ТарихчагIаз чIезабун буго гьеб бараб заманаги — X-XI гIасру. ЧчукIелазул хIасилалда гIор жакъа гIага-шагарго бащдаб километралъ килисаялдаса рикIкIалъун буго. Аби буго 1000 соналъ цебе АваргIор килисаялда цебесан чвахулеб букIанин.
НекIо заманалда КIудияб гIоралъ гIадамазе лъим гуребги, квенги кьолаан. ГIурул рагIаллъабазда гIумру гьабулел гIадамазда «хьиндалалин» абула. Гьеб рагIиги бачIун буго «лъим» абураб рагIудаса. Гьениб гьарзаго лъимги хинлъиги букIуна. Гьенир рижула мугIрузда къанагIатал субтропикалъул гъутIбиги (карудал, тутил, гранаталъул, инжиралъул, хурмадул, багIлидал, хъахIаб ахбазаналъул).
Цоги сундалъунха цIар ун букIараб КIудияб гIурул? Нусгоялдасаги соналъ цебе щибаб къойил гIадин лъебелазулги цIунтIадерилги рохьахъан гIурулъе риччалаан накIкIигъутIбузул чIулби ва гьел цоцада рухьунаан. Гьунар бугел лъетIахъабаз гIурул сангаралги квегъун, чIулби жиндир гIужда цIул хъухъалеб заводазде щвезарулаан. Гьедин гьез мугIрузулаб Дагъистан хьезабулаан къиматаб, минаби разе хIажатаб цIуладалъун.
…Доб заманалда гIурул рагIаллъабазда бусаби лъолаан лъарал хIанчIаз, чIегIерал ордеказ, заз-хъарахъалда гъоркь рукъзал ралаан турхаз (выдры). ГIурул байбихьуда, лъебелазул рохьал тун тIадехун, ракьулъан рухIарал лъимал кIанцIулел бакIал гIемер рукIана. Цересел соназ хIухьбахъизе гIадамал гьанире Гуржиялъацин рачIунаан. Гьанже лъиналги дагьлъун руго, гIурулъ масакI ччугIаги къанагIалъун буго. ГIилла — лъим чороклъи.
НекIо ахал лъалъазе кIососез, гьакьадерица, гьоцIдерица ва цогидазги ГъойсугIурул лъим бачунаан, цо-цо бакIалдасан, кьурабалъан цIулал яги шагIил гонгалги лъун. Ахал лъалъазе чIезабураб хасаб тартибги букIун буго. Гьанже гьел ахазул хутIараб жо гьечIо. Умумузул ахазе гьабулеб букIараб хъулухъги гIадамазда кIочон тана.
Гьанже КIудияб гIорги «унтун» буго. Унтунги буго дунялалда тIад ругел аза-азар гIоралго гIадин. Гьеб унтуда цIарги гIадамазул ургъел гьечIолъи буго.
Нухлулазда рихьизе бегьула, Генуса унаго, АваргIорги ГIандигIорги журалеб бакIалдаса байбихьун пластикалъул шушбузулги пакетазулги гохIал. Бицунеб буго гьез ЧIикIаб хIорги цIезабун бугин. Гьединабго хIал буго Рихьуниб ва ГьоцIдерил ГЭСазда сверухъги. БацIцIадаб гIурул лъелъе щибаб къойил жубалеб буго канализациязул лъимги.
Цебе туалетал рукъзабаздаса рикIкIад ралаан яги гъваридал гундби рухъун, чороклъиялде тIаде рохъо балаан. Гьанже гьел канализациялъе рогIрал лъун лъелъе тIамулел руго. Росабалъа чваххулел лъараз гьеб кинабго КIудиябгIурул лъелъе босун бачIуна. Лъаразул лъимги гьанже гьекъолеб хIалалъ гьечIо. Лъиеха бокьилеб партал чурараб порошокалъулги туалетазулги жубараб лъим гьекъезе. ТIадежоялъе, гьеб лъимги кьишнидул гъонолъан чвахун унеб буго. АваргIурул рагIаллъабаздаса, Маххул кьодаса бахъараб ЛъаратIе щвезегIан хIажатханаби гIурулъе чвахула.
Нилъ ургъизе ккола тIабигIаталъе гьабулеб заралалда тIад. ГIадамал рукIине ккола мацI бичIчIулеллъун. ГъойсугIурул расалъабазда ралел ругел ГЭСаз гендерил, рихьундерил, хьергебдерил жамагIатазе зарал гьабулеб буго. ТIоцебесеб иргаялда, гьениб хисана гьава-бакъ, регьел гIемерлъана, рада-радал тIад лъураб русулнакIкIалъ квалквал гьабулеб буго ахбазан хехго барщиялъе. Цебеялде дандеккун гьанже гьеб ахбазан 10-15 къоялъ кватIун барщула. Пихъил тIагIамги цебе гIадинаб гьечIо.
Дагьаб цебе бан лъугIана ГьоцIдерил ГЭС. Проектазда рекъон дагьалги станциязул каскадал разе рихьизарун рагIула. ГIурул рагIаллъабиги жагъаллъиларищ, хIоринир ахалги тIерхьина, расалъабазул рагIаллъабиги ччукIун ина. АваргIурул расалъи тIабигIаталъул заповедник гуребги, нус-нус соналъ цебе гIадамаз гIумру гьабизе тIасабищараб бакIги ккола. Тарихиял гIелмабазул доктор, профессор ГI. М. Давудовасул рагIабазда рекъон, ГьоцIдерил ГЭСалъул хIоралъ гъанкъизабун буго некIсиял хабалаби ругеб бакI (некрополь), гьебгиха гIелмиял цIех-рехазе кIудияб къимат бугеб. ПалхIасил, цIияб хIорил тIинде тIерхьун ана умумуз чIарал ахал гурелги, маданияталъе къиматабщинабги.
Гьеб киналъего батIияб нух бугищ? Буго. Масала, церетIурал улкабаз некIогоялдаса нахъе ралел гьечIо гIоразда сангарал ран чIахIиял ГЭСал. Гьезул бакIалда ралел руго гьитIинал ГЭСал. Гьел ралаго хIалтIизарула гIелмиялгун технологиялъул церетIурал къагIидаби, тIабигIат цIунулел сурсатал. ТIабигIат цIуниялъул маданият хурхараб буго умумуздасан щварал гIадатаздаги, маданияталъул цогидал бутIабаздаги, нилъер цебесеб бечедаб тарихалдаги.
…ГIажаибаб къуват буго тIабигIаталъул. Инсанас тIабигIат цIунизе ккани, букIине ккола гьелде рокьиги къуватги.
Цо чанго соналъ цебе АваргIор щвеялъул хIасилалда, Шамил районалъул ХIебда (центр) росулъ росун ана гIадамазул рукъзал, даран-базар гьабулеб бакIалде кIанцIана лъим. ГIадамал гьабизе жо тIагIун, рихха-хочун кодобе щвараб буголъи, къайи хвасар гьабизе рортана. ГIорги тIадеялдаса тIаде гьалаглъулеб, ццидахунеб букIана…
Къварилъи ккаразе кумек гьабизелъун актаби гьаризе МахIачхъалаялдаса вачIарав ригь арав чияс абуна: «ГIуруе те гIор щварабщинаб бакI, гьеб буго гьелъул рукъ», — ан. Гьес гьедин абуна гIурумухъ ккун ран ругел рукъзал рихьидал.
КIудияб гIоралде бачIараб къварилъи-балагьалъул гIемераб хъвазе бегьула. ГIадамазги гьелда тIаса лъугьаян гьаризе ва хадубккунги гьеб цIунизе жигар бахъизе ккола. Нилъеца гьелъул къимат гьабичIони, гIун бачIунеб гIелалъ гьениса лъим гьекъезе гьечIо.

МухIамад Гъазалиев,
Гьандихъ росу