ЗахIмалъабазухъ балагьичIого

Цере гIадинал квалквалал гьечIо гьанже

 

Цебе мугIрузул районазде газетал ва журналал жиндир заманалда щунгутIиялъул масъала букIана. Ахирал соназда, абизе бегьула, гьеб рахъ роцIанин, подписчиказухъе газетал щола гьел къватIире риччарал къояздаго.
Машинаялдаги лъун, росабалъе поч щвезабула МухIамадкамилов Гъа­зимухIамадицаги. Хасго, хасало гIазу бараб мехалъ, БежтIаса Кидиро, Мокъокъ ругел почалъул отделениязде хьвадулаго, Гьинухъ габурлъиялдаса вахине захIмалъи букIунаанилан бицуна гьес, гьединго захIматал нухал ругила ЛъаратIа районалъул ТIохьотIеги.
Цересел соназда анкьида жаниб цо-кIиго нухалъ отделениязде поч щолеб букIун батани, жакъа анкьида жаниб лъабго нухалда щола подписчиказухъе газетал ва журналал, гьелъул хIасилалда гIадамалги разиго руго почалъул хIалтIухъабаздаса.
ГIиса ГIабдулаев