Лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?

 

   Нижер районалда буго 5 батIияб мацI: авар, кIаралазул, гIахьвалазул, багвалазул ва тIукадерил. Гьединлъидал, лъица щиб бицаниги, авар мацI рахьдал мацIлъун кколаро кIараласе, гIарчосесе, гIанчихъесе, тIарадаинхелосесе, рацилъесе, маштадасасе, рачабулдасесе, гьединго авар мацI рахьдал мацIлъун кколаро тIадмагъилъесе, кIудиябросулъесе, лологъонилъесе, изаносесе, лъибищосесе, лъисисесе ва тIукитIесесе.

   Гьезул эбел-эмен лъималаздаги кIалъала жидерго рахьдал мацIалда. Советияб власталда цебе гьел росабазул гIадамазул гIемерисезда лъалебги букIун гьечIо жидерго мацI гурони. Мунагьал чураяв дир эмен 1936-1937-абилел соназ Изано росдал школалъул директорлъун вукIана. Гьес бицунаан гIемерисел изандерил кIудиял гIадамазда, хасго руччабазда, авар мацI лъалароанин абун.

   Авар мацI ккола авар миллаталъул жидедаго гьоркьоб бицунеб мацI. Гьединлъидал литературияб авар мацI малъизе байбихьараб советияб заманалда гьеб лъугьана кIиабилеб рахьдал мацIлъун дица тIадехун рехсарал жидерго мацIал ругел росабазул гIадамазеги. Масала, цIолодисесда кIаралазул, гIахьвалазул, тIукадерил яги лъибщадерил (багвалазул) мацI лъаларо. Амма кIаратIисесда, гIахьваласда, тIукитIисесда, лъибищосесда цIолодисесдасаги лъикI лъала литературияб авар мацI.

 

    Жакъа ахIи бахъун буго авар мацI кIочон тезехъин бугин, гьелъие гIайибияблъунги бихьизабула улкаялъул хIукумат. Ахирияб заманалда гIадатлъун лъугьун буго кинабго мекъабщиналъул гIайиб президентасдеги хIукуматалдеги рехизе.

ХIакъикъаталдаги гьединищха бугеб?

  1. Цебе заманалда кIаралазул мацI бицунеб Сивухъ росу гочун буго гьанжесеб ГIахьвахъ районалъул ракьалдаса Гумбет районалъул ракьалде. Хадур гьел гочинарун руго Чачаналде, цинги — Хасавюрт районалде. Амма щайха, кире гочаниги, гьезда жидерго рахьдал мацI кIоченчIеб?
  2. Рагъул соназда гIахьвалазул ТIунсикь росу гочинабун буго Чачаналде, хадуб — Хасавюрт районалде. Гьанже гьел руго Советское (Гъарасуй) абулеб росулъ. Щайха гьезда жидерго рахьдал мацI кIоченчIеб?
  3. Рагъул соназда ГIахьвахъ районалъул Рацилъ росдал гIадамал гочинарун руго Чачаналде, хадур — Хасавюрт районалъул Кокрек росулъе. Гьезги кIочене течIо жидерго мацI.

Гьел мисалаз нугIлъи гьабула рахьдал мацI лъималазда лъазе букIиналъе, эбелалъ рахьгун цадахъ бицунеб бугони Президентасги хIукуматалъги гуро, бабацаги дадацаги бицине ккола.

    РачIа гьанже авар мацI унго-унголъунги рахьдалаблъун кколеб росулъе сверилин. МестIерухъ росдал ясли-ахалъул лъимал гIурус мацIалда кIалъалел руго авар мацIалдасаги лъикI. Гьеб лъан лъикI. Амма шагьаралда гIумру гьабун ругел местIерухъезул гIемерисел лъималазда лъалебищха авар мацI? Гьезул дадаги бабаги авар мацIалъ лъималазда кIалъазе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ яги хIукуматалъищ?

    КIудияб гIелалъ ракIалде щвезабе Дагъистан АССРалъул герб. Гьелда хъван букIана гIурус ва Дагъистаналъул аслиял миллатазул мацIаз «Киналго улкабазул пролетарал, цолъе нуж» абун. Гьединабго букIана ДАССРалъул тIадегIанаб советалъул указал рахъулеб бланкги. Лъицаха гьукъун рукIарал Дагъистаналъул депутатал Герб тасдикъ гьабулелъул гьелда сверун гIурус ва аслиял миллатазул мацIаз «ЧIахъаги Дагъистан» абун хъвазе?

    Гьел гурищ халкъалъ рищарал чагIи рукIарал жидерго халкъалъул мацIги, цIарги, гIадатги, гIадлуги цIунизе.

Цебе щибаб росдал советалъу­л пе­чаталда (мугьруялда) хъван бу­кIу­наан гIурусалъги ва жидерго ми­ллаталъул мацIалъги. Масала, «Исполком Каратинского сельского со­вета народных депутатов» абун. Ва авар мацIалъги – «КIаратIа росдал халкъиял депутатазул советалъул исполком» абун. Жакъа щай гьедин хъвалеб гьечIеб? Дагъистаналъул Конституциялда гурищ бихьизабун бугеб Дагъистаналда пачалихъияб мацIлъун кколин гIурус ва цогидалги миллатазул мацIалин абун.

   Лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?

Советияб заманалда обкомпартиялъул  пленумазда, конференциязда, гьединго генералияв секретарас съездалда гьабураб докладцин миллиял мацIаздеги руссинарун рахъулаан газетазда. Районазул газетаздаги рахъулаан гьебго къагIидаялъ. Жакъа гьедин гьабизе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?

   Районазул газетазул редакциялги типографиялги хIебтIизе гIарац кьола районазул администрацияз. Щай абуни гьезулги ва районазул собраниязулги гIемерисел кIвар бугел хIукмаби къуваталде лъугьунаро газетазда рахъичIони. Цо чамалиго соналъ цебе хасал гIадамаз жидеего хайиралъе гIоло хIаракат бахъулеб букIана аваразул районазда ругел типографиялги редакциялги къан, районазул газетал къватIире риччазе «ХIакъикъат» газеталъул тIамчал (приложениял) хIисабалда. Гьеб къабул гьабичIо ва инкар гьабуна тIоцебе ГIахьвахъ райадминистрациялъги. Гьайгьай, гьедин гьабиялъе гIилла букIана «ХIакъикъат» хъвалезул ва цIалулезул къадар цIикIкIинаби. Амма газета цIикIкIун хъвазе ккани, гьеб букIине ккола цIализе гъира балеблъун. Гьединаб газета гьабиги бараб буго мухбирзабазул ва редколлегиялъул махщалида. Жакъа миллатазул мацIалги цIаралги цIуни, цо къадаралда, бараб буго, дир пикруялда, миллатазул мацIазда рахъулел газеталгун журналазда. Гьаб заманалда инсанасухъе батIияб-цIияб хабарги лъугьа-бахъиналги газеталгун журналал къватIире рачIиналдего щола. Гьединлъидал мухбирзабаз, редколлегиялъ гIадамазухъе кьезе ккола макъала магIнагун ва битIун бичIчIулеб, пайда босизе бегьулеб къагIидалъ. Нилъер аваразул газеталда щай бегьулареб щибаб соналъ хас гьабун бицине цо районалъул, районазул газетазда — цо росдал. Щиб, нилъер росабиги районалги бицине тарих гьечIелищ ругел? Бицине ккола жакъасеб заманалъулги, лъикIалъулги квешалъулги, ругел гIузрабазулги, гьел тIуразе ругел нухазулги хIакъалъулъ. Гьелъие бутIрул хIалтIизе ккола бетIерал редакторзабазулги.

  ЦIакъ гIемер бицуна тарихалъул. Гьеб лъазе ккола. Бицуна гIадатазул. Гьебги лъазе ккела. Ва амма жакъа къойилго бицаниги, телевизоралдасан бихьизабуниги, дир чIужу гIеретIги босун инадайха лъел цIезе къулгIадухъе, умумузул чергес-хъабалоги ретIун.

   Бищунго квачараб хасел бакьулъ рахинадайха «Булъаде» дирги цогидазулги васал лал тIамизе.

    Бицине ккела умумуз нилъее ирсалъе тараб гIаданлъиялъулги, адабалъулги, яхI-намусалъулги, иманалъулги, исламалъулги, гьудуллъиги, гьалмагълъиги, гьуинлъиги, гьоболлъиги цIунизе ккеялъулги. Чороклъиялдаса рацIцIалъи лъикIаб буго, кьалда рукIиналдаса ракълида рукIин цIакъаб буго, квешлъиялдаса лъикIлъи беццараб буго. Гьеб кинабго лъикIабщинаб босизе ва бицине ккани, инсанасда лъазе ккола мацI. Аварасда — авар мацI, чачанасда — чачан мацI. Гьединлъидал нилъер лъималазда рахьдалги миллаталъулги мацI лъай бараб буго, тIоцебе эбел-инсуда, хадуб — миллатазул мацIазул газетазулгун журналазул хIалтIухъабазда, хъвадарухъабазда, кучIдул хъвалезда ва ахIулезда. Нилъеца малъичIони, мацIги лъаларо, нилъеца кьечIони, тарбияги щоларо, нилъеца адаб цIуничIони, нилъерги адаб гьабуларо. Нилъеда цебеса гьеб гьабизе нилъехъе хIукуматги министралги рачIунаро.

Аллагьас икъбалги къуватги кьеги.

 

ХасмухIамад Муслимов,

ЗахIматалъул ветеран, ДРя­лъул муниципалияб хъулухъалъул мустахIикъав хIалтIухъан