Рагъда гIахьаллъарал улкаби

(Цебесеб 6-номералда)

 


Бразилия

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1942 соналъул 22 августалдаса 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1942 сон): 43,1 млн чи.
Рагъул авалалда Бразилиялъ цонигиязул рахъ кколеб букIинчIо, щайгурелъул 1930-абилел соназда Германия букIана бича-хисиялъул рахъалъ гьелъул аслияб къайицадахълъун.
Немцазул ва италиялъулазул лъелъ рукъулел гумуз Бразилиялъул гумузде гьужум гьабун хадуб, улкаялъул гIадамазул немцаздаса разилъунгутIи загьирлъана. Гьелдаса хадуб Бразилиялда рукIарал Германиялъул предприятиял ва банказул счетал къана.
1942 соналъул 22 августалда Германиялда ва Италиялда данде рагъ лъазабуна Бразилиялъ. Латиназул Америкаялда гъорлъе унел улкабазда гьоркьоса фронталде солдатал ритIана гIицIго Бразилиялъ.

Великобритания

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1939 соналъул 3 сентябралдаса 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1939 сон): 47,961 млн чи.
Германиялъ Польшаялде гьужум гьабун хадуб, 1939 соналъул тIоцебесеб сентябралда Франциягун цадахъ Великобританиялъги Германиялда рагъ лъазабуна.
Ингилисазул шагьаразде гьоркьоса къотIи­чIого бомбаби ралел рукIана немцаз. 1941 соналъул анкьабилеб декабралда япониялъулаз Перл-Харборалде гьужум гьабун хадуб, Япониялде дандеги рагъ лъазабуна Великобританиялъ.

Венгрия

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1941 соналъул 27 июналдаса 1945 соналъул 8 маялде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1941 сон): 9,2 млн чи.
Жал рагъулъ гIахьаллъизе гьечIин лъазабун букIаниги, 1938 соналда Венгриялъул рагъулал аскараз Словакиялъул югалда ва 1941 соналда Югославиялъул северияб рахъалда кверщел гьабуна.
1941 соналъул 27 июналда СССРалде данде рагъ лъазабуна Венгриялъ ва немцазе кумекалъе аскар битIана. 1944 соналъул августалда СССРалъулгун рекъел гьабизе бокьун бугин лъазабуна Венгриялъ. Сентябралда советияб аскар Венгриялде щвана ва 1945 соналъул 13 февралалда гьез Будапешт кверде босана.

Венесуэла

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1945 соналъул 15 февралалдаса 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1945 сон): 4,3 млн чи.
1939 соналъул ункъабилеб сентябралда Венесуэлалъ лъазабуна жал рагъулъ гIахьаллъизе гьечIин. Амма Германия рагъда къолеб букIин якъинлъидал, ай 1945 соналъул 15 февралалда, гьезги Германиялда рагъ лъазабуна.

Гаити

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1941 соналъул 8 декабралдаса 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1941 сон): 2,8 млн чи.
1941 соналда Гаитиялъ Япониялде, 12 декабралда – Германиялде ва Италиялде данде рагъ лъазабуна.
Рагъулъ гIахьаллъилъун Гатиялъе лъугьана жидеца рахъ кколел улкабазе кванил нигIматал ритIи.