Ахирисеб кагъат

— Вай, бабал дару-дарман, эбелалъул берзул канлъи, дир рекIел тIегь, бабал мацIалда хъвараб гьоцIо. Унго-унголъунги чIалгIун йигеб куцха дун духъ, Шамил. ГIащикълъиялъ ургьимес гьалдезабулеб бугоха, эбелалъул маулхIаят! Бокьун бугеб куцха, дур кIаркьеналда дирго кIаркьенги цвизабун, мун каранде къазе…


Гьедин гаргадилей йикIана ПатIимат, Шамилил сураталде тIадеги къулун. Гьелъ хъвалеб букIана армиялда хъулухъ гьабун вугев васасухъе кагъат.
Амма эбелалда лъалеб букIинчIо гьеб кагъат ахирисеб букIин, Шамилихъе гьеб щвезеги гьес гьеб киданиги цIализеги гьечIеблъи.
Цо заманалдаса ургьиб гьунарого гIадин лъугьана ракI, гьелъие бокьун букIана карандаса къватIибе кIанцIун лъутун ине. Гьелъие бокьун букIинчIо гьебсагIаталда эбелалда рагIизе бугеб рикIкIгIан кьогIаб хабаралъухъ гIенеккизе, бокьун букIинчIо гьеб лахIзаталъ эбелалъул лъугьине бугеб ахIвал-хIалалъе нугIлъи гьабизе.
— Салам, Шамил. Щиб хIал бугеб чорхол? Гьаб ахираб заманалда дур кагъталги къанагIалъулел руго. Шамил, гьанже заманги гIагарлъулеб бугоха мун рокъове вачIине. Гьаб кагътиегIаги дуца жаваб кьелин хьулги буго. Мун тIадвуссун вачIиналде, эбелалъ рукъзалги къачIазе руго, нилъер рохел гIахьал гьабун рачIаразе кьезе сайгъаталги росун руго. Кинабго хIадур буго, бабал дарман. Амма щаялиго каранлъ цIа лъолел пикрабаз рахIат толеб гьечIоха, дие. РекIел бухIиги хIалуцунеб буго… РахIат гьечIого лъугьуней йиго. ХутIанщинаб хадусеб кагътида бицина…
ПатIиматица васасул сураталда цоги нухалда баана ва кагъат конверталъуб лъуна. Почтальоналъухъе кагъат босун ине тIаде яхъун ячIуней гьей цо балъгояб къуваталъ лъалхъизаюна. Лъалаго хIал хисун лъугьана гьей. РоцIун букIараб роол къоги рукIкIун ана гьелъие, чIегIерал накIкIаз хъамун бакъги ана. ТIанусдерил балазул тIогьалги тIупун накIкIул цIуна. ПатIиматида цеве паркъана жиндирго Шамил. ЦIумалъул сипаталда гьалда цеве вачIарав гьев ана зобалазде воржун. Жиндагоцин лъачIого, кIиябго квер борхахъе хутIана гьелъул. Эбелалъул рахIат бикъана Шамилица. ТIабигIат магIу тIезе лъугьана. ПатIиматида лъалеб букIинчIо васасул жаназа росулъе щолеб букIана.
ПатIиматида лъалароан Шамил Афгъанистаналда вукIин. Гьелъул хIакъалъулъ лъалааан цохIо МухIумагIалида, гьесул ункъгIалалъул бетIергьанчиясда ва эмен ГIабдулкъадиридаги.
ПатIиматида гьеб лъалебилан хIинкъун, зама-заманалдасан ГIабдулкъадирица, Шамилил рахъалдаса жинцагоги хъван, кьолаан ПатIиматихъе кагътал.
ПатIиматида гьеб хабар киндай лъазабилаян ургъулеб букIана гIагарлъи.
— ПатIимат, щиб гьабулейха йигей?
— Валагь, Шамилиде кагъат хъвалей йигоха. Гьаб ахираб заманалда кIвахIаллъулев вуго гьев дихъе хъвадаризе. Амма ургьимесалда цIаги рекIунеб буго, диего кколеб бугеб жоги бичIчIулеб гьечIо.
Хвалил хабар босун вачIарасул гьурмада бугеб цIакъго гъваридаб пашманлъи бихьидал, эбелалъул керен беж-бежизе лъугьана.
— Нилъер Шамилие къадар ккун буго, — ян гьес абидал, ПатIимат лъавудаса ана…
ГIажалалъул квачIикье ккараб цоги гIолохъанлъи. ХIасратай эбелалъул хIеренаб рекIеда лъугьараб къисматалъул согI.
Исанаги щвана дун школалде, исанаги «щвана» Шамилихъеги — гьев цIалулев вукIараб классалда гIуцIун буго Бихьинчи-лъиялъул бокIон. Гьелъ кIочене толаро гIагараб ТIануси росдал бахIарчияб тарихалда жиндирги лъалкI бугев, «БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер Шамил ГIалихановасул гвангъараб къисмат.
Диеги гIагараб буго гьеб къисмат. Гьесие тIоцересел дарсал кьуна дир эбелалъ. ГIемер щолалан дун гьелъул классалде. Классалъул лъималазда гьоркьов лагаялъ бищунго гьитIинав вукIана Шамил. Амма, гьесухъ гIенеккидал, бичIчIулаан чIахIиял, машгьурал ишазул бетIергьанлъун гьев вахъине вукIин.
Эбелгун цадахъ щолаан гьезул рокъоеги. Доб мехалда росабазул школазда хIалтIулел учительзаби цIалдохъабазухъе щвезе рокъо-рокъореги унаан.
Жакъаги цебеса унеб гьечIо мунагьал чураяй ПатIиматил сипат. Ниж жанире лъугьун рачIиндал, гьелъул гьурмаде щолеб букIараб бакъ!
— РачIая, рачIая, хехго жанире лъугьа, нужерго Шамилги вугин нуж рачIиналъухъ валагьун, — илан хIеренго гьелъ абидал, дун йохулей йикIараб куц.
Шамилил мина буго росу рагIалда, гIурабго борхалъия-лъул кьурде тIаде балагьун. Цо нухалда лъималгун васандулев вукIарав гьев, доб кьурдасанги вортун, кIкIалахъ речIчIун вуго. Жиндирго ГIобода росулъе ине йикIарай дир эбелалда вихьун вуго гьев гирун унев. Гьелъ ахIи-хIур бан буго. Киналго риххун руго, гIадамал тIаде щолелъул, кIанцIун тIадеги вахъун, Шамил цеве чIедал, росуцояз махсара гьабун абун буго:
— Валлагьги, гьаб кьурулъа вор-таниги щибго лъугьинчIев гьав киданиги хвезего ватиларо, — ян.
Амма чIухIараб, пахруб цIудуда гIажал батана Афгъаналъул мугIрузда…