Рагъда гIахьаллъарал улкаби

(Цебесеб 6-абилеб номералда)

Бельгия

ГIахьаллъи гьабураб заман: 1940 соналъул 10 май — 1945 соналъул 8 май (1824 сордо-къо).
Халкъалъул къадар (1939): 8,367 млн чи.
Рагъул байбихьуда Бельгиялъ лъазабун букIана лъилго рахъ кколарин. 1940 соналъул 10 маялда Германиялъ Бельгиялда кьаби щвезабидал, гьеб улка хIажатаблъун ккана Англиялдагун Франциялда кумек гьаризе.
28 маялда Бельгиялъ лъазабуна жал къунин ва улкаялъул нухма-лъуда вукIарав Леопольд Лъабабилев хIажатавлъун ккана Германиялъе мутIигIлъизе.
1944 соналъул сентябралъул байбихьуда союзниказул кумекалдалъун тIолабго улка эркен гьабуна немцазул фашистаздаса.
Ккараб ками: хвана 13 азарго рагъулав хъулухъчи ва гIадатияб халкъалъул 75 азарго чи.

Болгария

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1941 соналъул 13 декабрь – 1945 соналъул 7 май. Халкъалъул къадар (1941 сон): 6,3 млн чи.
1941 соналъул тIоцебесеб марталда Болгария Гитлерил блокалда гъорлъе лъугьана.
1941 соналъул 9 апрелалда Грециялде ва Югославиялде гьужум гьабуна Германиялъ.
Гьеб кIиябго улка мукIур гьабун хадуб, Югославиялда гьоркьобе унеб букIараб Македониялъул бутIа, Фракия ва югалъулабгун бакъбаккул Сербиялъул бутIа Болгариялъе кьуна. Болгариялъин абуни, Босния-Герцеговинаялда рукIарал партизаназде данде рагъ гьабуна.
Германиялъул тIадецуй букIа-ниги, Болгариялъ СССРалда рагъ лъазабичIо. 1941 соналъул 13 декабралда гьез рагъ лъазабуна Великобританиялда ва СШАялда. 1944 соналъул 26 августалда Болгариялъ лъазабуна жиб рагъулел улкабазда гьоркьоса нахъе унеб бугин ва жидер ракьалдаса немцазул аскариял нахъе рачеян тIалаб гьабуна.
1944 соналъул 28 октябралда Болгариялъул хIукуматалъ СССРалъулгун рекъел гьабиялъул документалда гъоркь гъулбасана.

Боливия

Рагъда гIахьаллъараб заман: 1943 соналъул 7 апрель — 1945 соналъул 2 сентябрь. Халкъалъул къадар (1943 сон): 2,8 млн чи.
СШАялъул тIадецуялъул хIаси-лалда, 1943 соналъул 7 апрелалда Боливиялъ Германиялъулгун рагъ лъазабуна. Рагъулъ гIахьаллъулел улкабазе пахь битIулаан Боливиялъ. Жибго рагъулал лъугьа-ба-хъиназулъ гIахьаллъичIо.

(Хадусеб букIине буго)