Нижедаги лъана доб рагъул кьогIлъи

ТIубараб росу Чачаналде гочинабулеб заманалда ункъо сон барав вас вукIана дун. Дидаса кIиго соналъ кIудияв Булатханил букIана анлъго сон. Лъабабилев вас Байдуко гьеб заманалде хун вукIана. Гьеб букIана 1944 сон. Мугъзда чIван дунги, кверги ккун Булатханги вачун эбел къватIие яхъана, кинабго магIишатги гъоркьго тун. МагIишатги нижер квешаб букIинчIо, эмен хIалтIулев вукIиндалха харж щолеб хIалтIуда. Гьев вукIана росдал байбихьул школалъул заведующий. Росулъ гIурус мацI лъалев чи гьев гурони вукIун гьечIо. Гьесие гъоб заманалда премиялъе бачIараб патефон гьабсагIатги нижехъ буго.

 

Росулъа Гьидерил кьодухъе ва гьенисаги ХIотодаса чиясул хIамида къайи-цIаги лъун, чанго сордо-къоги нухда бан щола Буйнакскиялде. Гьениб нижер къвачIиниб букIараб квен-тIехги нахъе босун, ганчIал лъун ратула ниж тохлъарабго. Гьениса поездалда щола Хасавюрталде, гьенисанги — Чачаназул Зандакъ росулъе. Гьенир ракъиялъги бакъул унтиялъги холел гIемерал гIадамал, хабалъ лъезе чи гьечIого, гIанхварабаз гьумер-кIал кванан батулаанилан бицунаан эбелалъ. КIудияб талихI ккун буго эбелалъеги школалда уборщицалъун хIалтIизе щвей.
КигIанго захIмат букIаниги, гьелъ кинабго хIехьана, инчIо росасе, жийго кваначIого йикIунги ниж кваназаруна, цIализаруна, гIадамалъе рахъинаруна. Гьедин бугониги, Булатханица лъугIизабуна Хасавюрталда педучилище, Ростовалда — тIадегIанаб партшкола. Дун цIалана Буйнакскиялъул медучилищеялда, заочно лъугIизабуна росдал магIишаталъул институт. Исана 60 сон тIубала дир росулъ фельдшерлъун хIалтIулев вугелдасаги. Гьеб кинабго нижее щвана эбелалъул баракаталъ. Кидаго цебеса унаро гьитIинал нижехъги ялагьун гьелъ тIолеб букIараб магIу. Эмен хвезе рес гьечIин, вачIине вугин абулаан гьелъ. Гьединаб хьулги букIана гьелъул гIемераб заманаялъ. Эбел къадаралде щвана 85 сонил ригьалда. Бищун ниж рохулеб, чIухIулеб жо буго бецлъарай, захIматалъ кIвекIарай эбелалъе хъулухъ гьабизе щвейги. 1957 соналда нахъеги ниж тIад руссине ккана рехун тарал чIвадназухъе. ЦIидасан гьабизе ккана магIишат. Гьебгощинаб захIмат-гIакъуба нижер хъизамалда бихьана инсул вац ХIалда сабаблъун. Гьев армиялде ине бокьичIого вахчарун вугеб мехалда инсуда лъазабун буго валагьеян. Вахчарав кIудияв вац, валагьун гьезухъе кьезе бокьичIого, яхIалъ живго ун вуго гьесул бакIалда фронталде. Инсул брон букIун буго, гьев армиялде витIулароан.
Нижеда бихьичIо инсул гьумер. Кин бугониги, нижер мурад букIана инсул хIакъикъат лъазаби. ГIемераб цIех-рехалдалъун нижеда лъана эмен вукъараб бакI. Гьанжеялдаса щуго соналъ цебе, кIудияв вас МухIамадгун, сапар бухьана инсул хабаде. Гьеб батана Брянский областалъул Севский шагьаралда аскIоб. Вацлъиялъулал хобал ратана цIакъ берцинго къватIисанги жанисанги къачIан, чIварал бахIарзазул цIарал мармаралъул къоноялдаги хъван, чода рекIарав солдатасул суратги тIад бахъун. Гьелъ дие кIудияб асарги гьабуна. Гьенир чIван рукIун руго Кавказалдаса гIемерал кавалеристал. Гьезул полк гIуцIун букIун буго Дальний Востокалда, хас гьабун, Кавказалдаса гIолохъабазул. Полкалъе кIудияб ками ккун буго Севский шагьар хвасар гьабулаго. Гьениб бижана дир хивал гIагараб росулъа рагъда хваразе гьадинабго памятник гьабизеги.
25 чиясул цIар хъвараб памятник бан рагIалдеги бахъана Аллагьасул кумекалдалъун. Щибаб соналъ Бергьенлъиялъул къоялъ тIубараб жамагIатго данделъула гьениб. РакIалде щвезарула рагъда чIва-ралги тIад руссаралги. Къулгьу-алхIамги гьабула, садакъаги бикьула. ЛъикIаб гIахьаллъи гьабула школлъималазги.
Нижер эмен Урбаев МухIама-дицаги кIудияв вац Ибрагьимицаги (гьев араб бакI лъачIого тIагIана) рухI кьуна ВатIаналъе гIоло. Жакъа Булатханил буго анлъго лъимер, дир — микьгоял. Гьезулги лъимал руго. Гьел киналго гIезаруна ватIан бокьиялъул тарбиялда. Киданиги гьездаса тохаб, хIалихьатаб иш лъугьинчIо ва лъугьинеги батиларо. Щибаб Бергьенлъиялъул къоялъ гьез гIахьаллъи гьабула дир инсулги цоги рагъда хваразулги сураталгун «Хвел гьечIеб полкалда» ва чIухIула кIудияв эмен ватIаналъе гIоло рухI кьуразул кьерда вукIиналдаса.