«Нужер росулъги вуго вукIинисев устар, дуда гьев РогIрахъ ватила»

 

Нилъер халкъалъул тарихалда бищунго къваридал соназул цояллъун рукIана араб гIасруялъул лъеберабилел сонал. Гьел соназ рухIаниял тушбабиян цIарги лъун, араб бакI лъачIого тIагIинавуна нилъер аза-азар гIалимчиги цIаларал чагIиги. Гьезда гьоркьор рукIана нилъее баракат щваял устарзаби КъахIиса ХIасан-Афандиги гьесул маъзун ГIасаса МухIамад ЯгIсубиги. Гьеб заманалда гъурбаталда шагьидлъаразда гъорлъе ккана ЧIикIаб росдал имам СагIидги. Гьединаб кIудияб къварилъи Дагъистаналъул халкъалде бачIараб 1937 соналъул 21 октябралда ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас. ГIабдурахIманица гьесда лъуна росдал имамасул цIар, СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо.

Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб «Ясенги» цIалун, ГIабдурахIманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчилъун вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна. ГIабдурахIманил эмен ккола МухIаммад Аца, гьесул эмен–ЯхIя-хIажи, гьесул эмен МухIамадгIали, гьесул эмен ХIажияв ва гьесул эмен ГIамирхан. СагIид-Афандиясул кIудияв инсул эмен ЯхIя-хIажи вукIана имам Шамилил гIарадачагIазул нухмалъулев.

ГIуриса ХIусенил МухIамад Афандиясул муридлъун йикIана КIудиясул эбел – мунагьал чураяй ГIаишат. Гьелъ бицунаан СагIид ургьив вукIаго, жинда хIикматал макьаби рихьулел рукIанилан. Цо сордоялъ гьелда макьилъ бихьун буго васасул кинигун цадахъ зодоеги йоржун, тIаса гIодое, цIунцIрабазул гохIал гIадал шагьаразухъ балагьун. Кинида вукIаго, инсуца гьитIинав СагIидил гIинзунибе хирияб «АлхIам» цIалулаан ва гьасул цо батIияв чи лъугьине вугилан абулаан. Гьесул  анищ букIана васасул гIалимчи вахъинавизе.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе СагIид вукIана гIодове виччарав, гIамал берцинав, кIудиязул адаб-хIурматги гьитIиназда гурхIелги гьабулев ва кидаго кьураб рагIи кколев чи. СагIидица анкьго сон бараб мехалъ гьесул эмен Аллагьасул къадаралде щвана. Гьеб букIана Къуръан цIалулев СагIид «Ясеналде» щвараб заман. Эбелалъул кумекалдалъун гьитIинав СагIидица Къуръан лъугIизабуна.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе хIалал-хIарамалда гьоркьоб цIакъ гIорхъи чIварав чи вукIана СагIид-Афанди. Цо къоялъ росдал колхозалъул ахикьа рачIунел руччабаз цIолбол хьоп кьедал, вукIинисев устарас гьеб босизе инкар гьабуна. Дуца щай гьеб босичIебан гьикъидал, гьеб жиндие хIарамаб бугилан жаваб гьабуна гьес. Цоги нухалъ Гелбахъалде ролъуда хадув арав СагIид-Афанди рокъове щвейгун, тIадвуссине къачIана. Мун киве уневан гьикъидал, гьес абуна гьал жиндир хьитазда жанире ккарал тIорал бетIергьабахъе нахъруссинаризе Гелбахъалде унев вугилан.

Жеги кIикъоялда анцIабилел соназдаго ГIуриса КIудияс жиндихъего ячIарай ЧIикIаса КIигьилай абулей муридалда абун буго: «Нужер росулъги вуго вукIинисев устар, дуда гьев РогIрахъ ватила», – ян. Росу рагIалде щведал, гьелда расандулел лъимал ратун руго, амма гьезда гьоркьов гьитIинав СагIид гурони гьелда лъалев васги ватун гьечIо.

Мунагьал чураяв ГIаркьухъа Насруллагь-хIажияс бицунаан цо нухалъ жив МухIамадгIариф-Афандигун цадахъ машинаялда рекIун ЧIикIасан унаго, гьев мубаракас абунин: «ЧIикIабги буго нилъер хирияв Аварагасул  рас, гьеб загьирлъараб заманги бачIине буго», – ян. Доб заманалъ гьеб хабар рагIидал, СагIид-Афандияс, чIикIасезул кIудиял гIалимзабазухъе ун, цIехолеб букIун буго гьеб хирияб рас лъихъдай бугебилан.

Зах1матаб лъимерлъи ва т1арикъаталде нух

ЧIикIаб росдал школалда анкьго классги лъугIизабун, гьев мубарак бетIербахъиялъе гIиявехьлъун хIалтIизе лъугьана. Гьелдаса нахъе ункъо соналъ вехьлъиги гьабун, армиялде ана СагIид Афанди ва 1955–1958 соназ рагъулаб хъулухъ гьабуна Литваялъул Каунас шагьаралда. Армиялда вукIаниги, гьес какги кIалги гьоркьоб течIо.

ГIазу-цIад балеб къо букIаниги, мегIер-гIалахалда щибаб как, кидаго какги ахIун, къаматги гьабун балаан гьев мубаракас. Гьесул гьалмагълъун вукIарав Алмахъалдаса Расулица бицунаан гIазу-цIералъ какие чурунги, СагIид-Афандияс мегIер-гIалахалда какалде цIакъ кIвар кьолеб букIанилан. Мажгит гуреб, чиго гьечIеб бакIалда как ахIулеб гьаб кинаб къагIидаян гьалмагъас гьикъидал, КIудияс абулаан: «Какил гьаракь рагIараб мехалъ чIахI-хералъул хIалхьела», – ян. Инсул букIараб анищги ракIалде щун, жиндие гIелму цIализе квербакъи гьабеян ракI-ракIалъго Аллагьасда гьарун, гIодулев вукIунаан мегIер-гIалахалда гIияда вугев СагIид-Афанди.

Цадахъ вехьлъун вукIарав ЧIикIаса ГIиса-хIажица тIарикъат босун бугин рагIидал, гьев вихьизе цIакъ гъираялда вукIана КIудияв. ТIоцебе ГIиса-хIажияс бицана СагIид-Афандиясда тIарикъат щиб жо кколебали. Цинги гьес ГIиса-хIажихъе жиндирго чIумал кьуна Инхоса ГIабдулхIамид Афандиясда гьезда тIаде дугIа гьабеян абизе. Инхоса КIудияс ЧIикIаса муридзабазда цIехолаан: «Нужер росу рагIалда цо бесдалав мубаракасул рукъ буго, гьев кин вугев?» – абун. Инхоса КIудияс СагIид-Афандиясухъе шазалияб тIарикъаталъул вирд битIун бачIана. Гьеб букIана 1969 соналъул риидалил заман.

Шазалияб тIарикъаталъул вирд гьабизе байбихьаралдаса тIуванго хисана СагIид-Афандиясул гIумру, гIамал-хасият. Гьес хIукму гьабуна вехьлъиги тун, тIубанго гIелму цIалиялде вуссине.

 ЛъагIелгIанасеб заманалъ вирдги гьабун, ана СагIид-Афанди тIоцеве Инхоса КIудиясухъе. Шазалияб тIарикъат гьабизе лъугьаралдаса дагьабги цIикIкIана СагIид Афандиясул гIелму цIалиялде букIараб рокьи. Гьелдаса нахъе гIиги бичун-бикьун лъугIизабун, ЧIикIаб ГЭС балеб бакIалде хIалтIизе лъугьана гьев.

Г1елму ц1ализе байбихьи

Цинги СагIид-Афандияс байбихьана доб заманалда ЧIикIар рукIарал кIудиял гIалимзабазул цояв ПатIал ХIажиясдасан гIелму цIализе. Гьеб букIана 1970 соналъул байбихьи. Анлъго соналъ хьвадана КIудияв гьесда аскIове гIелму тIалаб гьабизе. ПатIал ХIажи вукIана цIакъ мухIканго дарс кьолев мугIалимги, гIелмуялда гIамал рекъарав гIалимчиги. Цинги Якъубил ХIажиясда цере «ИхIяалги» цIалана гьес. СагIид Афандияс бицунаан «ИхIяал» цIалулаго Якъубил ХIажияс кверал данд кьабулаанила «ИхIяалги» цIаличIого гIумру гIадада ун бугилан. ТIарикъаталъул вирдги гьабун гурони, цониги къоялъ дарсидеги унароан СагIид-Афанди. ГьитIинго Аллагьас кьураб пагьму-гьунаралдалъун КIудиясе бигьалъана гIелмуялъул тIахьал ричIчIизе. Рокъове щведал, щибаб дарс цIакъ кIвар кьун цIалулаан гьес.

Лъебералда хадуб сонги барав лъабго лъималги ругев чи вукIана СагIид-Афанди гIелму цIализе байбихьараб мехалъ. Гьелъул хIакъалъулъ КIудияс бицунаан: «ГIелму цIализе байбихьараб заман букIана. Гьаб цощинаб дир гIумру гIадада хвараб жо букIинадай абун щакдаризе бачIунаан. Рехун тезеги кIоларого, щиб гьабилебали лъаларого вукIана дун. Дида бицунеб рагIана гIелму цIализе ккани, устарасул изну букIине кколилан. Цинги мунагьал чураяв МухIамадхIажиявги дунги рилълъана Инхоса КIудиясухъе. Гьес абуна устарасда гьав гIелму цIализе лъугьун вугила, гьасие изну бокьун бугилан. Щиб цIалулеб бугебилан гьикъана дос. «Ун музаж» цIалулеб бугилан абуна дица. Дос абуна, ХIасан устарас абун бугила нахIвиялъул цо жо къваригIани, жив «Ун музаж» тун батIияб тIехьалде ваккизе ккечIин, кинабго жо жинда гьениб батанилан. ЛъикIила, цIалейин абуна дос. Гьеб мехалъ дир ракIалда чаран лъуна. Дол хивалалги ана, гьанже дир гIумру гIадада холарин абун, унго-унгояб нияталда байбихьана».

Устарзабаз г1анса гьасухъе кьуна

ТIарикъаталде лъугьараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе СагIид-Афанди вукIана устарасдехун хIакъикъияб рокьиги, гьев Аллагьасул вали вукIиналде игIтикъадги бугев унгоунгояв муридлъун (муридун свадикълъун). ГIелму тIалаб гьабизе байбихьулаго, Аллагь лъаялъулаб гIелмуялде бугеб гIорхъи гьечIеб рокьиги, муридасул игIтикъадги загьир гьабун хъвараб чанги назму буго КIудиясул.

1977 соналъ Аллагьасул къадаралде щвана ГIабдулхIамид-Афанди. Цинги СагIид-Афанди ана Нечаевкаялде  Меселасул МухIамад Афандиясухъе.

1987 соналъ Нечаевкаялдаса КIудияс СагIид-Афандиясе устарлъиялъе амру гьабуна. Гьеб мехалъ аскIов вукIарав ЧIикIаса Расулил МухIамадица бицун буго: «Цо къоялъ СагIид Афандиги, дунги, ГIалил ГIабдурахIманги ана Нечаевкаялде. ГIадан-чиги аскIов гьечIого, живго ватана КIудияв. «РачIая, дир лъимал, рачIая», – ян абуна КIудияс ва ниж хIужраялъур гIодор чIезаруна. 

Гьанже, къанщун бералгун, Нечаевкаялдаса КIудияс абуна: «СагIид, дир вас, дун кIодолъунги вуго, херлъунги вуго, хвезе мех гIагарлъунги буго, дие гьаб иш цIакъ захIмалъунги буго, дир вас. Дица дуда амру гьабулеб буго дудаго малъараб куцалъ гIадамал тIоритIизе байбихье», — ян. АскIове вачIарав чиги нахъчIваге, ахIун чиги вачунге». ЛъабцIул тIатIалаго гьедин абуна КIудияс.

«Дунги щив чийилан абун халкъалда цеве гIодов вукIинев? Дихъа гьеб бажаруларо»,  – ян гIодана СагIид-Афанди. «Мун гIадин дунги вукIаравха, – ян абуна Меселасул МухIамад Афандияс, – дица кьун гьаб унаро, дир вас, Аллагьасдасан буго. Дур гIумруялда (ригьалда) гьаб иш тIаде бачIарав чиги (устарзабазул) ГIасаса МухIаммад гурони вукIинчIо».

Гьениса тIадвуссун росулъе щвезегIан гIодана СагIид-Афанди. Гьелдаса хадубги моцIгIанасеб заманалъ жиндихъего рачIарал муридзаби гьев мубаракас Нечаевкаялде ритIулел рукIана. Цинги гьес КIикIуниса ГIали-хIажи витIана Нечаевкаялде, бегьулеб батани, жив живго теян гьаризе.

Амма гьесдаги Меселасул Мух1амадица абула: «Я дир вас, ГIали, дуца гьесда абе Аллагьасе рецц гьабейин, нилъер силсилаялда гьоркьов ГIасаса МухIаммад (ЯгIсуби) гурони гьеб ригьалда гьеб изну бачIарав чиги гьечIин. Гьеб бачIиналъухъ дуца шукру гьабейин абе гьесда. КIиабизеги, шукру-рецц гьабейин абе гьелъул агьлулъун живго ватидал. Цинги шукру-рецц гьабейин абе гьел машаихзабаз гьев къабул гьавун жидедаго нахъа лъеялъухъ. ТIаде вачIарав чиясда малъизе кколеб жоги малъун, бихьинчи киниги вукIаян абе гьесда», – ян К1ик1униса Г1алил каранда килищ цула устарас.

Нечаевкаялдаса КIудиясул гьел рагIабаз къуват кьурав СагIид-Афандияс гьелдаса нахъе гIадамал къабул гьаризе байбихьана. Хадуб, Бакълъухъа КIудияс ХасмухIамадги, ГIабдуразакъги, СайидмухIамадги ритIана ЧIикIаре иршадалъул халгIатги мугьруги гьесухъе кьезе. Гьеб букIана 1987 сон. Гьелдаса нахъе дагь-дагьккун гIемерлъана муридзабиги, къойил машинаби цIун халкъ хьвадизе байбихьана ЧIикIаса КIудиясухъе.

СагIид-Афандиясе амру гьабун гIемер мех балелде, 1987 соналъул ноябралда накълулъана Меселасул МухIамад Афанди. Гьелдаса нахъе дагьабги цIикIкIана ЧIикIаре рачIунел муридзабазул къадар. Цебеккун цониги тIарикъаталъул устарасухъе рачIунел рукIинчIеб хIалалъ гIемер гIадамал хьвадизе байбихьана ЧIикIаре.

Бакълъухъа КIудияв цIакъ рази вукIунаан СагIид-Афандиясдаса. Гьес гIемер абулеб букIана: «Цо рохел батула рекIелъ. Щиб рохелдай бугоян балагьараб мехалъ нахъа СагIид Афанди вукIин батула», – ян. 1995 соналъул риидал къадаралде щвана Бакълъухъа СагIадухIажиясул МухIамад Афанди. Гьес жиндирго бакIалда нилъер Дагъистаналда устарзабазулги устарлъун, ай къутIбулъун тана СагIид-Афанди. Гьеб заманалда рухIияв эмен ватIалъиги тIаде бачIараб къутIбаниятги захIмалъун, чIикIасезул магIарда чIун моцI бана гьев мубаракас.

*  *  *

Щибаб къойил нус-нус, хIатта азарго мурид къабул гьавулев вукIаниги, риидал-хасало батIалъи гьечIого, сордо бащалъун хадуса тIадеги вахъун, рогьинегIан Аллагьасе тIагIат-гIибадаталда вукIунаан СагIид Афанди. Ражаб, ШагIбан, Рамазан – лъабабго моцIалъ кIалги кколаан гьес. ХIеж рагьаралдаса нахъе, санайил хIежги гьабулаан мубаракас.

КIудиясда аскIор рукIараз бицуна, Ражаб моцI байбихьилелде цересел къояз СагIид Афандиясухъе азарго чи вачIараб къоги букIунаанилан. КигIан гIемер муридзаби тIаде рачIаниги, кинал суалал гьез кьуниги, щибго хIал лъазе течIого, гьезда тIарикъаталъул вирдал малъулев, гьел битIараб нухда тIоритIулев вукIунаан КIудияв. Чанги зияраталъ вачIарав чиги, гьесда бер кIутIарабго, тIарикъаталъул вирдги босун, лъикIав муридлъун лъугьунаан. КIудиясул тIахьал цIалун, гьев вихьидал, исламалде рачIарал цIибусурманал гIадамазул къадарги цIакъ кIудияб буго. КIудиясда аскIоре щванщинахъе, дунялалъул ургъелги кIочон тун, ТIадегIанав Аллагьги ракIалде щун, гIажаибаб асар лъугьунаан муридзабазул ракIазе. МагIарул мацIалда КIудиясул тIахьал цIализе рес щварал нуж талихI бугел чагIи ругилан абулаан муридзабазда батIияб миллаталъул гIадамаз.

Вирд босизе рачIарал рукIа, зияраталъ рачIарал рукIа, ялъуни цогидаб къваригIелалъ рачIарал рукIа, рокъоре рачIарал чагIи СагIид-Афандияс кваназаричIого киданиги нахъе риччалароан. КIалтIе вачIарав чи, кватIараб заман букIун, яги рузманкъоялъ нахъчIван ватани, цIакъ пашманлъулаан гьев. КIалтIа таразда мубаракас абулаан: «Нужеца гьаб нилъер кIалтIе вачIарав чи, дунги рокъов вукIун, къватIисанго нахъе витIуге. Нужеца нужго гъозул бакIалда лъе, бокьилаанищ нужеего? Цо нухалъ магIарухъа рачIарал херал чагIи нахъе ритIун ратана, гьездаса дун жакъаги нечон вуго. Гьедин гIадамазул ракIбакъ- вазабизе бегьу ларо. Нилъ чIухIарал чагIи гуро, рахIат тIалаб гьабулел чагIиги гуро. Аварагас нахъчIвалел рукIаралищ гIадамал?» – абун.

СагIид Афанди вукIана Аварагасда  цIакъ гIамал-хасият релълъарав камилав инсан. Хирияв Аварагасул суннат бугелъул цIияб ретIел бачIиндал, басрияб ретIел бикьи, КIудиясул гIадат букIана рии лъугIарабго риидалил ретIел бикьулеб. Гьединго, хасел арабго, хасалил ретIелги бикьулаан гьес. 

 «Гьаб буго Магьди вахъине гIагарлъараб ахирзаман. Магьди вахъун гурого гьал питнабиги роцIцIине гьечIо. Аварагасул  хIадис буго: «Магьди вахъунаро хабалъ вугев чиясул бакIалда живго вугеванищан чиясда ккараб мехалъ гурого», – ян. Гьединаб заман буго гьаб. Гьевги загьирлъизе вуго Масжидул ХIарамалда Ибрагьим аварагасул  макъа малда цеве. Цинги гьев ине вуго Байтул Мукъадасалде, гьениб рогьалил как балаго, Дамаскалде рещтIине вуго ГIиса авараг, гьениве вачIине вуго Магьдиги. Гьенисан байбихьизе буго кIиязго. Аварагасул хIадис буго: «Ахирзаманалда нужеда нахъчIвазе кIоларел балагьал рачIине руго, гьебмехалъ нужеца сабру гьабе», – ян абулаан гьес г1емер.

Ахирал соназда СагIид-Афандияс абулеб букIана: «Дун чIвазеян дир рокъове вачIарав тушманасе дица квалквал гьабизе гьечIо, гьес жинцаго кьела Аллагьасда цебе гьелъул жаваб», – абун. Гьев мубаракас цоги абулеб букIана жиндие, нужеда тIарикъат малъулаго, хвезе бокьилилан. Гьедин ккезеги ккана.

2012 соналъул 28 августалъ муридасул сураталда ячIарай диналъул тушманалда шазалияб тIарикъатги малъун, шагьадат битIулаго, гьелъ кьвагьизеги гьавун, рокъор рукIарал анлъго муридгун цадахъ шагьидлъана гIумруялъул 75 сон барав устарзабазул къутIбу, накъщубандияб, шазалияб ва джазулияб тIарикъаталъул камилав муршид, хIикматав гIалим, Аллагьас жиндир сирруги рухIги бацIцIад гьабеяв ЧIикIаса СагIид-Афанди. КIудиясул хъизан Узлипат-хIажиялда цебесеб сордоялъ макьилъ бихьун буго хирияв Аварагас СагIид-Афандиясда хадуб битIанилан хъахIал чуяздаги бан къачIараб гьоко рукъалъул кIалтIе бачIун, цо дагьал чагIигун цадахъ гьелдаги рекIун КIудияв нахъе унеб.

МухIамад ХIамзаевасул «ЧIикIаса СагIид-афанди» тIехьалдаса