СагIид-Афандиясул баракаталъ цIунана Дагъистан питнаялдаса

 

ТIадегIанав Аллагьасе реццги гьабун, хирияв Аварагасде свалатги битIун, байбихьулеб буго гьаб ахир заманалда ислам тIибитIизабизе ва гьелъул тIадегIанаб даража халкъалда бичIчIизабизе хIалтIарав машгьурав къутIбу СагIид-Афандиясул хIакъалъулъ дидаго халлъарал, халкъ бахиллъарал, гIакълу-гIелмуялъул агьлу тIад кIалъазе бакI тIагIарал хIикматазул бицине.

Нилъер Аварагасул  хIадисги буго: «Хварал лъикIалдалъун рехсе», – ян. Нилъеда рекъараб буго гьев дунял тун арасул асарал хъвазеги, цоцазда рицинеги, гьезда гIамал гьабизеги. СагIид-Афандиясулгун хурхен гьабуразда бичIчIана гьев мубарак цо хасаб даражаялъул инсан вукIин, ва гьесда берчIварабго лъана гьев гIадатияв чи гуреблъи. Дагьал гьечIо муридзаби СагIид-Афандиясухъа вирд босизегIан, батараб щвараб гьабулелги рукIун, гьес малъараб вирд гьабизе лъугьаралдаса кьучIдасанго тIабигIат-гIамалги хисун, церехун жидецаго гьарурал ахIмакъал жалаздаса ракIги бухIун, тавбу гьабун, битIараб нухде лъугьун, шаргIалда рекъон гIумру гьабулел.

Пикру гьабе, хириял вацал ва яцал, жакъа гьаб пасалъиялда хIалкIварабгIан дунялалъул «давла» цоцаца гуккунги, ришватал росунги, хIукуматалъ халкъалъе  биччараб бикъунги бечелъиялъул гурони миллатги гьабичIого хьвадулел гIадамазда гьоркьор рацIцIадал, устарасдасан баракат щварал муридзаби кин ругелали. Гьаб хIал нилъеда цебе бугогури. Аварагасда  мунапикъзаби лъалел рукIарал гIадин, СагIид-Афандиясеги балъгоял рукIинчIо цо-цо батIулал, муридзабиян хIалел, гIадамазда уян ккезе устарасухъе рачIунел чагIи. Цо къавмалъулъ валиги умматалъулъ Авараг гIадин вукIунин бугелъул, нилъер устарасги мунапикъзабазул хьвадиялда ругел къватIир чIвазаричIого тана. Амма питнаялде халкъ цIаялъул мурадазда хьвадулезе мухIканаб жаваб кьуна ва гьезул макруялдаса халкъги цIунана, маслихIат гьечIеб жо бичIчIизеги гьабун.

Аварагас асхIабзабазда абун буго: «Цо заман бачIине буго рокъо-рокъоре рачIун гIадамал чIвалеб», – ан. Гьеб мехалъ щиб гьабизе кколебилан асхIабзабаз гьикъидал, хирияв Аварагас накабазда квералги лъун, абун буго гьале гьадин чIвазе чIаян. Гьедин къабул гьабунин тола дица КIудияс Аллагьасул къадар. Накълулъилалде цересел къояз СагIид-Афанди цо унтарав херав чиясухъе зияраталъ индал, дос абун буго: «Я устар, дуца Аллагьасда гьаре дир рухI хехго бахъизабе», – ян. КIудияс абун буго: «Нилъ кIиялго цере-хадур ккеларищха», – ян. Абухъе, дов херав хун дагьал сагIатаздасан КIудиявги накълулъана.

ТIехь цIалулезда жидедаго бихьунги, рагIунги, бичIчIунги батила ЧIикIаса КIудиясул халкъалъе ккарал маслихIатал ва хасго Дагъистан питнаялде ккечIого хутIиялъе устарас кьураб кIвар. Дицаги дида релълъарасги бицунги хъванги гьев мубаракасул хIакъикъат баянлъун бахъинаро. Гьесие мустахIикъаб къимат кьолев чи вукIине ккела гьесул макъам-даража лъалев. Гьал дица рехсолел жал руго цо гIадатияв инсанасда халлъарал жал.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе КIудияв кив, щиб пишаялда вугониги, сверухълъиялда халлъана гьесул тIабигIатазулъ, хадуб пикру гьабураб мехалъ гурони ричIчIун рахъунарел хасал пишаби. Рокъор, къватIир, сапаралда, хIалтIулъ, кир ругониги, рукIуна хIасил бихьараб мехалъ гурони гIадатияв инсан кантIуларел лъугьа-бахъинал. Амма рукIуна нилъеда бихьуларебги бихьулел, нилъеда бичIчIуларебги бичIчIулел хасал чагIи. Гьединал рацIцIадал вализабаз абулеб букIана ЧIикIаб Аварагасул рас загьирлъизе бугилан. Гьал рагIабазул магIна доб заманаялда бичIчIулеб букIинчIо. ХIежалда СагIид-Афандиясда бер кIутIарабго, Америкаялдаса вачIарав лъабго гIарабияс тIалаб гьабуна вирд босизе. Жакъа хIалтIизе гьабулеб бугеб техникаялъги, лабораториязги рихьизе гьарулел хIасилаз даса гIемер мухIканго хIакъикъат баян гьабулеб букIана СагIид Афандиясул цо гьитIинабго ишараялъ. Гьеб кинабго бичIчIулеб букIана гьев устарлъун вихьу лезда. Амма гIадатияв чилъун гьев вихьараздайин абуни, берал ругониги, хIакъикъатги бихьичIо, гIундул ругониги, хIакъабги рагIичIо, бутIрул ругониги, хIакъаб батIа гьабизеги лъачIо.

Пачалихъги биххараб, ихтияралги гIатIилъараб, перестройкайилан бокьа-бакьараб гьабизе гIадамалги лъугьараб заманалда вагьабиязул бутIруз Идараялъул хъулухъал кодоре росизе хIаракат бахъулеб букIана. Вагьабиязул питна Дагъистаналда тIибитIиялда хIинкъиги букIана. Гьелдаса КIудиясул баракаталдалъун Дагъистан хвасарлъанин ракIчIун абизе кIола. КIудиясул нухмалъиялда гъоркь Динияб идараялъ хIалтIи гьабун букIинчIебани, Чачаналъ ккаралдаса цIикIкIарал биял гIодоретIеял ккезе рес букIана Дагъистаналдаги.

КIудиясул малъа-хъваялда рекъон байбихьана Динияб идараялъ радио-телевидениялдасан, газет-журналаздасан дин тIибитIизабиялъул хIалтIи гьабизе. Кидаго Дагъистаналда росабазе имамзабиги, мадрасабазе мугIалимзабиги цIикIкIинаризе цIакъ хIаракат бахъана КIудияс. Гьедин росабалъ ва шагьаразда рагьана мухIканаб, Шамил имамасги ккун букIараб кьучIалда гIуцIарал мадрасаби. Гьенир хIадурарал гIалимзабаз исламияб дин унго-унгояб къагIидаялъ ккуна. КIудияб гьари буго тIехь цIалулезда гьал рехсарал жалазулъ дир хатIалъи ккун батани, битIизе гьабеян. Гьединго гьарула гьав машгьурав къутIбуясул хурхен ккарал гIадамазе къокъаб заманалда жаниб лъугьараб рухIанияб хиса-басиялъул, нужецаго цIалун течIого, цоги-цогияздаги бицеян. Нилъеда Халикъас лъазе гьабураб жоялда гIамал гьабизеги цогидазда бицинеги нилъеда тIадаб буго. Хириял диналъул вацал ва яцал! БетIергьанас нилъ гьареги гьев кIудияв къутIбуясул баракат щвараллъун ва МахIшаралда Ливаул ХIамдалда гъоркь гьевгун цадахъ дандчIвалеллъун. Амин.

ХасмухIамад-хIажи Абубакаров,

гIалимчи, профессор