Халкъалъе г1оло г1умру кьурал

9 декабралда Россиялда, 2007 соналдаса байбихьун, г1адатлъун лъугьун буго Ват1аналъул Бах1арзазул къо к1одо гьабилъун.

 

Гьеб къоялъ цоги нухалда рак1алде щвезарула бах1арчиял ишаздалъун халкъалъул тарихалда лъалк1 тарал г1адамал.

Рагъул г1ахьалчаг1азул рак1алде щвеяздасан, журналистазул ц1ех-рехаздасан нилъеда лъала чан мустах1икъав дагъистаниясе бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун Бах1арчиясул ц1ар щвеч1ого хут1арабали. Гьел х1ужабазул ахир-къадги лъик1аб х1асил ккеялде жакъаги божилъи холаро.

Жакъа Дагъистаналъул чан вугев Совет Союзалъул, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи абураб суалалда т1асан цо-цо ц1акъго г1орхъолъа рорч1арал «рит1ухълъиялъул рахъ ккураз», цогидаз гьеч1елги жидер бах1арзал ругин ч1езабулеб заманалда, щаклъи рехизабула ругездеги.

Гьединлъидал киналго бах1арзазул ц1арал, гьезул г1умруялъул нухал ва суратал ралагьун, гьабураб х1алт1ул х1асилалда гьезул х1акъалъулъ т1ехь х1адур гьабуна ва гьеб басмаялде бахъана. Щварал баяназда рекъон, Дагъистаналдаса вахъун вуго 75 Совет Союзалъул, 102 Социалистияб Зах1маталъул ва 37 Россиялъул Бах1арчи.

Совет Союзалъул 75 Бах1арчиясде т1аде нилъер руго «Рагъулаб рецц» орденалъул лъабабго даражаялъе мустах1икълъарал, жал Бах1арзазда ращад гьарулел микьго чиги. Пал–х1асил,   нилъер Совет Союзалъул Бах1арзазул къадар бахуна 83 чиясде. Гьелдаса нилъ ч1ух1аралги руго.

Т1олабго улка, Дагъистан ч1ух1араб буго Гъуниб районалъул Мох1об росулъа Баренцово ралъдалъ букъун хьвадулеб гамил командир Мух1амад Х1ажиевасдаса. К1удияб Ват1анияб рагъда гьесул нухмалъиялда гъоркь гамил экипажалъ, 1942 соналъул 13 июлалда тушманасул        лъабго гама гъанкъизабуна.

Совет Союзалъул Бах1арчи, ралъдал авиациялъул летчик Юсуп Акаевас т1аг1инаруна тушманасул 70-ялдасаги ц1ик1к1ун лъедолел алатал.

Совет Союзалъул Бах1арзаллъун т1оцере рахъарал дагъистаниял ккола 1939 соналъул ноябрь моц1алда — Николай Жердев (вукъун вуго Батаюрт росулъ), 1941 соналъул августалда – Мах1ачхъалаялдаса Дмитрий Кузнецов, 1942 соналъул июналда — Мах1ачхъалаялдаса Леонид Гальченко.

Дагъистаналъул ва татаразул халкъазул вакил Амет-Хан Султан к1иц1улго вахъана Совет Союзалъул Бах1арчилъун (1943 ва 1945 сонал).

Дагъистанияз бах1арчилъи бихьизабуна Гитлерил фашизмаялдаса цогидал улкаби эркен гьарулаго ккарал рагъазулъги. Лак районалъул Чит1ур росулъа Х1асан Камаловас 1945 соналъул 26 апрелалда унго-унгояб бихьинчилъи бихьизабуна тушманасдаса Италия хвасар гьабулаго. Гьев ккола Италиялъул Бах1арчиясул меседил ц1ва каранда барав, гьеб улкаялъул миллияв бах1арчи. Гьеб ц1ва барав солддатасе, Италиялъул законалда рекъон, генералас честь кьезе ккола.

Хулисма росулъа Кущаев Х1осен вахъана Франциялъул миллияв бах1арчилъун. Гьесие 1943 соналъул ноябралда Франциялда партизаназул рагъулъ Гитлерил генералгун цадахъ рагъулаб часталъул штаб кверде босиялъе г1оло кьуна «Бах1арчиясул г1аламат» хъанч.

Афгъанистаналда бук1араб рагъулъ г1ахьаллъарал Россиялдаса 66 чи вахъана Совет Союзалъул Бах1арзаллъун, гьезул 23-ясе гьеб ц1ар кьуна хун хадуб. Гьезда гьоркьов вуго Белиджиялдаса Исрафилов Г1абасги.

1988 соналъул 21 декабралда Совет Союзалъул Бах1арчилъун вахъана нилъер ракьцояв, лётчик-космонавт, СССРалъул спорталъул мастер, полковник Муса Манаровги. Гьес космосалда бана, г1аммаб куцалда, 541 сордо-къо.

1941-1945 соназул рагъул бах1арзазул бицунаго, к1очене бегьуларо командирзабаз х1адурги гьарун, хадуб полказул, дивизиязул корпусазул, армиязул командующияз тасдикъги гьарун, Совет Союзалъул Бах1арчиясул ц1арал кьезе фронталъул штабалде рит1ун рук1арал, амма бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун гьел кьеч1ого хут1арал 24 дагъистаниясул къисматги. Гьезда гьоркьор рук1ана Советияб Армиялъул офицерзаби ва мухъилал солдатал. Гьезул ц1ик1к1арасезе кьуна «Бах1арчилъиялъе г1оло» медалазде г1унт1ун шапакъатал.

Жакъа 37 дагъистанияв ккола Россиялъул Бах1арчи. Дагъистаниязда гьоркьов т1оцебе авиациялъулаб техникаялъул х1албихьиялъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло гьеб т1адег1анаб ц1аралъе 1992 соналъул ноябралда мустах1икълъана Мух1амад Т1олбоев. К1удияб Ват1анияб ва Афгъанистаналда ккарал рагъазулъ бихьизабураб гьунаралъе г1оло гьеб т1адег1анаб ц1ар кьуна Дахадаев районалъул Худуц1 росулъа Мух1амад Х1амзатовасе (1997) ва Ц1унт1а районалъул Гениялъ росулъа Нух1идин Х1ажиевасе (1997).

1999 соналъул август-сентябралда террористазде данде къеркьей гьабулаго ккарал рагъазулъ, ракълилал г1адамал малъич1ого, ч1вана 279 солдат ва офицер, лъукъана 800-г1анасев чи. Гьениб бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло, 7 дагъистаниясе кьуна «Россиялъул Бах1арчи» абураб ц1ар.

Нилъ руго ц1акъ зах1мат бокьулел г1адамал. Зах1маталъул бергьенлъабиги г1емерал руго нилъер халкъазул. Гьединлъидал г1ажаиблъи гьабизе бач1унаро Дагъистаналда Социалистияб Зах1маталъул 102 Бах1арчи ва «Зах1маталъул Реццалъул» лъабабго даражаялъул орденазул 2 кавалер вук1иналдаги. Гьезда гьоркьор руго 23 ч1ужуг1аданги. Гьездасан жакъа ч1аго руго к1игоял: Бавтугъаялда йигей Ч1охъа Г1исалова Аминат (1936) ва Мах1ачхъалаялда г1умру гьабун вугев Хунзахъа Махулов Мух1амад (1915).

Рагъулъ ва зах1маталъулъ г1емерал бах1арзал рахъин буго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб щулияб гьудуллъи бук1иналъул х1асилги. Лъик1аб бук1инаан, г1олеб г1елалъе тарбия кьолаго, нилъеца гьезул мисалаздасан хъизамалда жанибги школалдаги пайда босани.