МугIалимзабазулги мугIалим

Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас бицана жидер рай-
оналда бищун къадруял директорзабазул цояв кколин ГьентIа росдал
школалъул директор МухIамад МухIамадов (АхIматIиласул МухIамад). 

 

 

— Ноябралъул авалалда МухIамад гьавуралдаса 80 сон сверула. Ни­лъер миллияб «ХIакъикъат» газеталдасанги бегьилаан берцинаб гIамал-хасияталъул инсанасда, учительзабазулги учителасда юбилейги баркизе, гьесул хIакъалъулъ цо чанго рагIиги абизе, — ян кIалъана М. ХIасанов.

Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Ибрагьим ХIаживасги бицана гьадин: «МухIамад ккола нижер гIакълучи, кумекчи ва насихIатчи. Жакъа районалда гьесдаса лъикIав школалъул директор гьечIин абуни, мекъиги ккеларо. Нижер управлениялъул коллективалъги баркула МухIамад Гулаевичасда 80 сон тIубаялъул юбилей, гьарула гьесие щулияб сахлъи», — ян.
МухIамад гьавуна 1940 соналъул кIиабилеб ноябралда учителасул хъизамалда. Гьесул эмен АхIматIил МухIамад вукIана росдал байбихьул школалъул заведующий. Росуцояз жакъаги бицуна гьесул гIаданлъиялъул ва лъикIлъиялъул хIакъалъулъ. Амма гьев магIаруласул гIумру гIолохъанго гьоркьоб къо­тIизабуна. Нахъасан мацIги гьабун, 1941 соналда гьев жанив тIамуна ва туснахъалда хвана. Хадуб лъана гьесда щибго гIайиб букIинчIеблъи ва судалъ ритIухъги гьавуна.

Дол къваридал соназда, эмен гьечIониги, кIудадаби АхIмадица ва Магьдилас МухIа­ма­дида я чадикълъи, ялъуни ратI­ликълъи бихьизе течIо.
Гьес тIаса бищана инсулго нух, цIалана учителасул махщалие ва гIумруялъго хIалтIана росдал школалда.

Кидаго къамартIав, гIадамалъ гьуинав ва рекIелъ восулев МухIамадил хIисаб гьабидал, дида ккола гьесул сипаталъ ва гIамалалъ, цIалдохъабазе гуребги, гьезул улбузеги тарбия кьолин.
Жиндирго дарсал МухIамадица лъазаруна рагьараллъун. Гьединлъидал, дарсал кьезе бугеб махщалил хIалбихьи лъазабизе гьесул дарсазде рачIуна мадугьалихъ ругел росабазул школазул учительзабиги.
МухIамадовас 1960 соналда лъугIизабуна Авар­педучилище. Гьебго соналъ ва­чIа­на гIагараб росдал школалде хIал­тIизеги. 1972 соналда, заочно цIалун, лъугIизабуна ДГПИялъул географиялъул факультет. ИчIго соналъ хIалтIана школалъул директорасул заместительлъун, 1984 соналдаса нахъе — школалъул директорлъун. МухIамад вуго унго-унгояв гIуцIарухъан ва магIишатияв нухмалъулев, гъваридаб лъаялъул ва камилаб махщалил специалист. Гьев рикIкIуна бищун лъикIал учительзабазул цоявлъунги. Гьелъие нугIлъи гьабула районалда тIоритIулел олимпиадабазда гьесул цIалдохъабаз кидаго цересел бакIал кколел рукIиналъги. Гьединго гьесул цIалдохъабаз призалъулал бакIал росула республикаялъул олимпиадабаздаги. Масала, 2011 ва 2012 соназда 10 классалъул цIалдохъан МухIамадов ХIажица росана кIиабилел бакIал, гьебго соналъ 9 классалъул цIалдохъан МагIазов МагIазица ккуна лъабабилеб бакI, 10 классалъул цIалдохъан МухIамадов ГIабдулмуслимица – лъабабилеб бакI, 11 классалъул цIалдохъан Абакаров ХIажица – кIиабилеб бакI ва 11 классалъул цIалдохъан Хадижалов ХIажица – лъабабилеб бакI.

Директорлъи гьабулел соназда Му­хIамадовас кьучIдасанго хиси­забуна школалъул сипат-сурат. Шко­лалъул минаялда тIад бана кIи­абилеб тIала, къватIисанги жанисанги къачIана, дарсал кьолеб къагIида кабинетазулаб системаялде сверизабуна ва школа цо сменаялъ хIалтIулеб низамалде бачана. Гьес гIуцIана цоцалъ гъункараб ва бокьараб масъала тIубазабун бажарулеб педколлектив, чIезаруна учителасул хIалтIуе шартIал ва школалда лъугьинабуна творческияб ахIвал-хIал. Бана спортзал ва хъил тIураб спорталъул майдан. ГIураб къадаралда чIезаруна компьютерал ва дарсазе хIажатал цогидалги алатал.
Гьесул бажари-жигаралдалъун бана ва жакъаги хIалтIулеб буго 215 цIал­до­хъанасе бакIги бугеб типалъулаб школа ва гIатIидаб спортзал.
Учительзабигун цадахъ лъугьун гьабураб хIалтIул хIасилалда, директорас школа бачана районалда бищунго лъикIал школазул мухъилъе. 1998, 1999, 2002 соназда школалъе щвана «ЛъагIалил школа» абураб тIадегIанаб цIар, 1998 соналда мустахIикълъана президентасул гранталъе ва школалъе щвана миллион гъурущ.

Директорасда лъала щивав учителасул ва цIалдохъанасул рекIелъе нух батизе. КъваригIараб лахIзаталда гьес гьабула тохлъи биччарав учительги, гIадлу-низам хвезабурав цIалдохъанги тIад ургъизе тIамулеб калам. Барахщуларо мустахIикъасе гьабулеб реццалда.

Районалде рачIарал Лъай кьеялъул министерствоялъул хIалтIухъаби гIемерисеб мехалда рачуна ГьентIа росдал школалде ва гьениса нахъеги уна коллективалъул хIалтIудаса разиго. Гьединго, директорасул ва учительзабазул хIалтIул хIалбихьи лъазабизе ва гьез дарсал кьолеб къагIида бихьизе рачIуна районалъул росабазул учительзабиги. Гьайгьай, гьеб кинабго ккола директорасул бажари ва кIвахI тун, гIетI тIун, щибаб къо­йил хIалтIул лъикIаб хIасил.

МухIамад вуго хъизамалъул мисалияв бетIер, гьесул буго гьайбатаб, захIмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб ва талихIаб хъизан. Лъимал — МухIамад, ПатIимат ва Зайнаб руго тIадегIанаб лъаялъул, жамагIаталъе пайдаял, чIахIиязул хIурмат цIунарал чагIи.

МухIамад МухIамадовасул ракI­ба­цIцIадаб хIалтIуе, гIуцIару­хъан­лъиялъул гьунаралъе ва ишал­дехун бугеб творческияб бербалагьиялъе хIукуматалъ тIадегIанаб къиматги кьуна. Гьев мустахIикълъана СССРалъул краеведениялъул отличник (1984), ДАССРалъул халкъияб просвещениялъул отличник (1978), ДРялъул мустахIикъав учитель (1996), ЛъагIалил директор (1999), РФялъул гIаммаб лъай кьеялъул хIурматияв хIалтIухъан абурал цIаразегун шапакъатазе. Гьединго МухIамадие щвана республикаялъул ва районалъул даражаялъул гIемерал ХIурматалъул грамотаби.
Щибаб росдал вукIуна жиндирго цевехъен, щаклъи кколареб къадруялъул жамагIатчи. МухIамад ккола гьединаб къадруялъул, камилаб гIакълуялъул ва гIадлуялъул инсан, ай гьидерицаго къимат гьабулев мустахIикъав магIарулав. Гьев жигаралда гIахьаллъула росуцоязул рохалил тадбиразда, гьединго хIадур вукIуна хIажалъи ккарасе кумекалъе вахъине.
ЖамагIаталда гьоркьоб МухIама­дил бугеб къадру бихьун, гьев ахIула дагIба-рагIи ругезда гьоркьоб рекъел гьабизеги, рос-лъади рекъезаризеги. МухIамадица, ясбер гIадин, цIунун буго гьобол къабул гьавия­лъул умумузул гIадатги.

АхIматIиласул МухIамадил гIу­цIарухъанлъиялъе бугеб махщелги, халкъалда гьоркьоб гьесул бугеб къадруги бихьун, районалъул тIа­лъиялъ гьесда чанго нухалъ гьарана колхозалъул яги советалъул председательлъи гьабеян. Амма гьес тIаса бищана учителасул хIалтIи.
Гьеб хIалтIул бицунаго, МухIа­мадица абуна: «Жакъа хIукуматалъ, харжалъул ва коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гIарцул рахъалъ учитель цIакъ къварид гьавулев вуго. Гьеб киназдаго лъалеб жоги буго. Гьединлъидал цоги бакIазда цIалун бажаруларев чи гурони учительлъун цIализе унев гьечIо. «ЦIалун» рахъунел гIолохъанал учительзабазул лъайги буго бицинего нечараб даражаялда. Кинаб лъайги тарбияги гьез лъималазе кьелеб? Чара гьечIеблъун ккола, хIукуматалъул тIалъиялъул даражаялда учителасул къадру борхизаби. Гурони, хIинкъи буго Россия дунялалъул цивилизациялъул рачIчIалда хутIизе букIиналда», — ян.

ХIурматияв МухIамад Гулаевич, росдал школалъул учительзабазда, цIалдохъабазда ва тIолабго жамагIаталда цадахъ нижецаги баркула дуда юбилей. Гьарула сахлъи, талихI, парахалъи, халатаб гIумру.