Миллаталъул чIухIи

МухIамад Танкаев – рагъул гIахьалчи, генерал-полковник. Гьавуна ГIурада росулъ (1919-1998). КIиго соналда жаниб лъугIизабуна 4 класс. 1930 соналда ана Буйнакскиялде, рабфакалда цIализе. ЦIалана Гъунив — колхозазул гIолилазул школалда. Дагьаб заманалъ гIагараб росдал школалда хIалтIана учительлъун.

1939 соналда, КIиабилеб дунялалъул рагъ байбихьидал, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталда лъабабилеб курсалда цIалулев вукIарав МухIамад Краснодаралъул пехотаялъул училищеялде цIализе лъугьана ва гьеб лъугIизабуна КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизе щуго къо хутIараб заманалда.
Рагъул соназда М. Танкаевас нухмалъи гьабулеб букIана взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Гьесул рагъухъабаз гIахьаллъи гьабуна бищунго захIматал рагъазулъ. Гьес нухмалъи гьабулеб полк, рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло, мустахIикълъана Александр Невскиясул орденалъе.
Бергьенлъиялъул къоялъ гьев вукIана Прагаялда. МухIамадил полк гьоркьобе унеб 100-абилеб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегIан нахъа тана 1700 км рагъулаб нухлул ва эркен гьабуна 1500 шагьаргун росу.
Рагъ лъугIулеб мехалда М. Танкаев вукIана подполковникасул чиналда. Рагъда бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ гьесие кьуна «БагIараб Байрахъалъул» лъабго орден ва КIудияб ВатIанияб рагъул тIоцебесеб даражаялъул орденги.

Улкаго чIухIарав багьадур

ХIурматияв ГIарипов ХIажилгун бицен ккедал, рагIи кьун букIана Танкаев МухIамад ракIалде щун кIалъай гьабизе. Гьеб кидаго дица рикIкIунаан дирго бацIцIадаб налъилъун. Амма щибаб нухалда нахъаса-нахъе тIамун хутIулаан.

Чан нухалъха дун гьеб ниятгун рещтIарав дирго ругьунаб столалда нахъа ва кигIан халатал сагIтал сокIкIарал гIицIаб кагътиде тIадеги къулун къалам кIвекIулев! Унго, бигьа гьечIеб куц щущарал дирго пикраби данде ракIаризе ва дирго гIазизав гьудул-гьалмагъасул гьайбатаб сипаталъеги тIадегIанаб цIаралъеги мустахIикъаб даражаялда калам гьабизе.
МухIамадил хIакъалъулъ дица цереккунги хъван рукIана цо-цо мухъал ва цо-цо тIанчал. Амма чанцIулго тIатIала вуссун хIисаб гьабуниги, щибаб нухалъ бищунго цебе ракIалде бачIуна МухIамадилгун ккараб тIоцебесеб дандчIвай. Гьаб жакъаги дида цере руго дол кIочонарел лахIзатал.
Доб букIана 1958 соналда, Москваялда. Хинаб роол къо. БагIараб майдан. «Гум» абун улкаялдаго машгьураб бичулеб къайидулги гьеб босулел гIадамазулги бугIун цIураб тукабазул кIалгIа. ТIоцебесеб тIалаялъул ракьанда гьабсагIатги буго доб ххамил тукен. Тахшагьаралде щванщинахъе алхинчIого ваккулаан дун гьениве, дирго эбелалъе гьей разияй ретIел-кун босизе. Гьаб нухалдаги гьениве щварав дир гIинда рагIана цо нилъерго тайпаялъул хIеренаб кIалъаялъул сас. Хал гьабидал, аскIорго гIадин руго тIара-ахаде щун нилъерго гьидерил макъамалда хъахIаб кIазалъ яхчарай бахьинаб гьумералъул, беричаб лагаялъул сонал арай магIарулайги, гьимун бадивеги валагьун гьелъул-гун хIалимаб накъиталда эхетарав, борхатаб ва чергесаб лагаялъул гIолохъанав генералги. Гьезухъ балагьун хIайранлъарал гIадамал чанги рукIана, амма дир хIикмалъиялъул бицинегойишха ккелеб. АскIовеги вилълъун, дица салам-калам гьабидал, гьел кIиязулгоги тамашалъи расги къураб букIинчIо. Гьеле гьедин гIажаибго ккана нижер лъай-хъвай. Дунго гIадин МухIамадги вукIун вуго рикIкIадаб Дагъистаналдаса тIадмагIарулазул ГIурадаса Москваялде жиндирго вас вихьизе сапар бухьарай эбелалъе сайгъат-салам босизе вачIарав чи.
Узухъда, дида рагIараб жо букIинчIо нилъер заманалда магIарулазда гьоркьоса вахъарав генераласул бицен. ЦIехараб мехалъ хIатта Дагъистаналдаги ватичIо дида гьеб лъалев чи. Гьеб букIана дие ракIалда гьечIого щвараб рохел ва чIухIи. ЧIухIиларевги кинха: цо рахъалъ – нилъерго дагъистанияв, цоги рахъалъ – нилъерго магIарулав, гьелде тIадеги гьададигIан сипат бугев, рагIи гьуинав, рекIелъ восулев, гIолохъанав, Советияб Армиялъул Генералияб штабалъул академиялда цIалулев, цIар рагIараб дивизиялъул лебалав командирасулгун божилъиги гьудуллъиги ккараб мехалъ. ХIисаб гьабе цо – ниж кIиязулго лъай-хъварай ккараб мехалъ МухIамад вукIана жеги кIикъойиде вахинчIев чи. ЦохIо гьелдалъун бичIчIулаан нилъеда, живго чIухIи гьечIев, гIадатияв чи вукIаниги, МухIамад гIадатияб гуреб гьунаралъулги, гIакълуялъулги, къадруялъулги бетIергьан вукIин.
МухIамадицаги дицаги цоцахъе кьуна адресалги телефоналги. Гьел рукIинчIо цоцазде нух бахъизе захIматал адресал. Ниж рукIана цо шагьаралъул чагIи – тахшагьара-лъул «цIалдохъаби»: МухIамад — Генштабалъул, дун ЦКялъул «вепешаялъул». Дир рекIелъ цо къватIибе бицунареб чIухIи букIунаан тIоцеве нилъерго цIар рагIарав генераласулгун божи-рокьи ккарав чи дунго вукIиналдаса. МухIамадил гьудул абун рехсолеб цо къадругицин букIана дир гьалмагъзабазда гьоркьоб. Дидасан лъана Москваялдаги МахIачхъалаялдаги гIемерал дагъистаниязда МухIамадги, гьесул хIакъикъатги. Гьел рохун рукIунаан дида цадахъ МухIамадихъе ине, гьевгун цадахъ рукIине щвараб ресалдаса.
МухIамад вукIана кутакалда жиндирго Дагъистаналде ракIги бугев, гьаниве щвезе гIищкъуги бергьарав инсан. Гьелдаго цадахъ къанагIат гурони рес щолароан гьесие гьададигIан жиндие хирияб ватIаналде ваккизе. ЦIакъго чIахIиял ва бакIал рукIана досул гъуждуз раччарал гьирал: нилъеда кидаго гуро ричIчIулел рукIарал улкаялда бищунго тIадегIанаб даражаялъул аскариял хъулухъазул хIалуцинги тIубан жинда жаваб кьезе кколел вазипабазул бакIлъиги, гьеб киналдаго хурхарал махIрумлъаби. Амма нилъеда бичIчIулаан, нилъерго генерал нилъерго ракIалде гIагар гьавизе, гьев Дагъистаналда щулаго вухьинавизе, гьанжеги нилъерго халкъалда гьев лъазавизеги заман щун букIин. Ва бихьулаан живго МухIамадилги гьединаб мурад букIин. МухIамадиеялдасаги гьеб цIикIкIун хIажат букIана нилъеего. МухIамад, нилъеда лъала, вукIана жиндирго нух жинцаго бищарав, жиндирго барти жинцаго квегъарав, жиндирго масъала чияде ккечIого, жинцаго борхарав ва гьаб жакъасеб тIадегIанаб даражаялде жиндирго хIатIаз вачарав щулияв, лебалав, гIакъилав багьадур. Амма жакъа тIаде щун букIана Дагъистаналъе жиндир Танкаевги ва Танкаевасе жиндирго Дагъистанги къваригIараб заман. Жиндир бищун цIакъал васазе мугъ рехулеб ВатIанги букIунареб, цIар тIокIаб ВатIаналде ракI гъоларел лъималги рукIунарел!
Цо нухалда МахIачхъалаялде щварав дирги гьалмагъзабазулги бицен ккана нилъерго генераласул суалалда тIасан. РакI лъикIав, аваданав, сахаватав магIарулав вукIана мунагьал рахчаяв БакьагьечIиса Къадиев Зиявудин, дол соназда обкомалъул орготделалда замлъун жив хIалтIулев. Доб букIана республикаялъул Верховный Советалде рищиязде хIадурлъизе лъугьараб, гьенире кандидатал тIаса рищулеб заман. Зиявудин вукIана гьеб ишалда жанив гIурав, бугеб ахIвал-хIалги лъалев, кIудияб хIалбихьиги бугев саламатав, божарав чи. «Щай бегьулареб нилъерго Верховный Советалде нилъерго цо вугев генерал вищизеян» бадиве валагьидал, жиндирго ругьунаб гьимигун «гьесдаса лъикIал депутатал киса нилъеда ратилел!» абун кьабгIун квер бачана дир гьес. Гьебго къоялъ хIалчIахъаяв Къадиевас, Даниялов ГIабдурахIманида дандги бан, суал тIубазабуна. Нахъа-нахъаги ГIабдурахIманица дие рецц-бакъ гьабулаан, лъикIаб хIалтIи ракIалде щвезабунин жидедаян.
Гьелдаса нахъе рес щвана Танкаевасе щибаб соналъ жиндирго гIазизаб Дагъистаналде вачIинеги, хIасратаб гьидерил улкаялда гьоболлъи базеги, некIсиялги цIиялги гьудул-гьалмагъзабигун заманаби тIамизеги. Дида кIочонаро МухIамад гьелдаса рази вукIараб куц. Даим дие баркалаялда вукIунаан. Дида кIолеб букIарабани дунго вахъинавилаан дица депутатлъунилан махсараялда нахъе чIвалаан дица генераласул рагIи.
Гьайгьай, дирги МухIамадилги букIана хасаб гьудуллъи. МахIачхъалаялде щун, дир рокъове ваккичIого гьев нагагьги хутIулароан. ХIатта сардал ранги вукIунаан. Дир гIисинал лъималазул букIараб рохелалъул бицинегойищха ккелеб.

Генераласул формаялъул пиджак тIад ретIине щванани ва гьесул таманчаялъ ишан босизе ихтиярги кьунани – тIокIабги щибха гьезие къваригIараб. Танкаев вачIун вугилан, авал-рохеналдаго букIунаан цо чIаголъи, тухум-кьибил бакIарулаан, гьудул-гьалмагълъи рещтIунаан. Гьидалъа, ГIурадаса рачIунаан МухIамадил гIагарлъи.
Унго-унгоги букIараб цIакъаб, берцинаб заман!
Дирги МухIамадилги божилъиги гьудуллъиги, тIадехун бицахъе, букIана Москваялда бижараб ва щулалъараб. Гьудуллъи лъугьана ниж кIиязулго гьалмагъзабазда гьоркьобги. Гьеб букIана бихьиназул гьудуллъи: МухIамад Москваялда вукIана живго, хъизанги лъималги цинги нахъа рачана гьес Кривой Рогалдаса жиндаго аскIоре. Нижги рукIинарищха жалго-жалго бихьинал. Гьеб магIнаялда ниж рукIана «холостякал». Гьединлъидал гIемер кколаан цоцада цадахъ. Байрамал баркулаан цадахъ. Театразде унаан цадахъ. Цоцаде тIаде-гъоркье хьвади букIана ризго. Нижер «вепешеялде» Танкаевги гьесул гьалмагъзабиги рачIараб мехалъ цадахъ цIалулел нижер гьалмагъзаби рукIунаан генералзабазул къокъаялъухъ балагьун хIайранлъун. Нижер рекIел букIараб берцинаб макъам бичIчIизе захIматаб иш гуро.
Дида лъалаан МухIамадил 40 сон сверулеб букIин. Вепешеялда нижер хIукму ккана, щибниги гьасдаги абичIого, генераласул къоялде хIадурлъизе. Цо-кIиго къо хутIараб мехалъ нижеца МухIамадида лъазабуна. Нижеда гьоркьоб нижедаго гурони лъалареб цо рехсезе кколеб лъугьа-бахъин бугин, мунгун цадахъ гьабичIого гIолареб ва дурго божарал гьалмагъзабиги гIахьаллъизе кколеб. «Руччаби-чагIи ратани, гьелги бегьилилан» — махсара-хочIги гьабуна. ПалхIасил, цIараб гIужда МухIамадги вачIана, цадахъ кидагосев гьесул гьудул, рагъул заманалдаса нахъего аскIоса жив ватIалъичIев, аваданав, кIудияб кеп-хочIалъул ва квен-тIехалъул магIна лъалев генерал Антиповгун. Къокъвиццатав Антиповги, чIурканав, логода ворхатав Танкаевги: гIадамазе кеп щолаан гьезухъ балагьун, жидецагоги цо-цо махсароде рагIаби рехулаан жидедаго тIасан.
Гьоболлъиялъе, ВПШялъул хIа-кимзабазул изнуялдалъун къачIан букIана, гьитIинабго букIаниги, цо рекъараб, гIураб гIатIилъиялъул берцинаб рукъ. ВакIарун вукIана 20-гIанасев чи – нилъералгоги ва цогидал божа-рокьаралги. Столалда камураб тIагIам букIинчIилан бицунаан гьелдаса сонал ун хадубги МухIамадица. Дагъистаналдаса бачIинабун букIана батIи-батIияб сорталъул ччугIа. Икраги бакъвараб гьанги, горал-горал гьарун цере рехарал ракъварал бакьалги. РухIилаго хIохьлад росарал хинкIазул цIурал гъадрулги: хинкIал рукIана батIи-батIияб тайпаялъул, миллат рикIкIун цIар лъурал, цIуралги цIечIелги, тIереналги риццаталги. ЦIигьан букIана белъарабги бежарабги, пихъ-мичIги, гьакълил шушбиги – кинабго букIана нилъерго Дагъистаналдаса бачIинабураб.
РехсечIого гIоларо – гьеб кинабго бажаризеги берцинлъизеги гьабурал, тIолабго гьеб тIотIол свериялда нур гьабурал чагIи рукIана кIиго дагъистанияй – нижгун цадахъ «Вепешеялда» цIалулел рукIарал Дадашева Бурлиятги Керимоваги. Дагъистаналда гьел лъикI лъалаан: цояй йикIана Минпрослъун, цогияй йикIана Минсоцобеспечениялда.
Бокьилароан гьел рехсарал сипатал жидеего рецц-бакъ гьабун рицунел рагIабилъун гIадамазда рихьизе. Бокьун цохIого цо жо – Танкаев Мамадидехун нилъерго букIараб ва абадиялъего нилъер хутIараб гIаданлъиги, хIурматги, рокьиги загьир гьабилъун ва гьелдаго цадахъ гьеб къоялъ, МухIамадил, гьеб данделъиялда гьесулги гьесул рагъулав гьудуласулги букIараб рохелги разилъиги ракIалде, цо гIуж-куцалъениги гьелъул бицен гьабилъун гьеб бичIчIизе. Генераласда нижер щивас баркана гьев гьавураб баракатаб къо, гьесул кIикъоябго сон баялъул рохел загьир гьабун, абуна рекIелъан рачIарал ва рекIелъе рортулел хIасратал рагIаби, гьарана гьесие щулияб сахлъиги, аваданаб гIумруги, лъугIи гьечIел бергьенлъабиги. Гьанже гIадин чIахIиял ва къиматал сайгъатал кьолеб гIадат доб заманалъ букIинчIониги, гIиси-бикъинабги сайгъат-салам камун течIо доб къоялъ нилъерго тIадегIанав генералги гьесул ракIбацIцIадав гьудулги.
ДандчIванщинахъе ракIалде щвезарулаан мунагьал чурадица доб къо: додинаб аваданаб, разияб, берцинаб данделъи нагагьги бихьичIилан абулаан ракIбохадица. Дуе хIалалаб букIанилан нижецаги абулаан…
Дирги МухIамадилги тIоцебе лъай ккаралдаса ана 40 сон. Гьале сверана 80 лъагIел. Нижер букIана берцинаб, лъикIаб, щулияб, «бихьинаб» гьудуллъи. Дир рекIелъги гIадалъги свин гьечIеб канлъи кьуна гьев МухIамадица дие. Гьеб гьудуллъиялъул нухазда нижеда дандчIвана ва цадахъ ккана гIемерал гIадатиялги машгьуралги гIадамал. МухIамад вукIана гьезие киназего гIажаибго хирияв, ракIалъ восулев, мукIурав, гьез кутакалда кIодо гьавулев ва гьединаб хIурматалъеги хъатиралъе-ги мустахIикъав инсан. Кавказ ва улка жиндаса чIухIарав бахIарчи. 20 гIасруялда вахъинчIо Дагъистаналда Танкаевасул даражаялда рагъулаб мазгьабалда ва аскариял гIелмабазда жанив хIалкIварав инсан. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, тIубан магIнаги бичIчIун, мустахIикъаб къиматги кьун гъваридал тIахьал хъван бажарулеб заман жеги бачIине буго ва хъвазе хIалкIолел гIадамалги жеги рукIине руго. Жакъа нилъеда мухIканго лъачIого гIоларо ва кIочон тезе ихтиярги гьечIеб жо ккола Танкаев МухIамад вукIин Дагъистаналъул тарихалда бищунго гучал, бажарарал, лебалал церехъабазулги багьадурзабазулги чIухIараб ччотIролъ хиси гьечIеб, мустIахъикъаб цо жинца хасаб бакI ккурав, амма жеги гьеб киналъего мустахIикъаб къимат кьун нилъедаса бажаричIев, бищунго тIадегIанаб даражаялъул инсан!
МухIамад Танкаев ракIалде щун хъвазе жо дир гIемер бугоан. РукIана кIочонарел лъугьа-бахъинал, хутIана цоцаде хъварал кагътал, руго чIагоял пикраби.
ГIемерал асарал тана гьес нахъе. Абун гьечIищ: ракьулъ вукъунилан инсан холаро, халкъалда нур барал асарал тедал. МухIамадил гьеб рухIияб ирс чIаго гьаби, тIатIала руссун цIи гьаби ккола нилъер бацIцIадаб налъи.

ХIажи ХIамзатов,
1999 сон