Баракатаб хIалтIиги хIалалаб магIишатги

Гъуниб районалъул ГIобохъ росулъе щведал, ниж данд чIвана «Урусов» КФХя­лъул нухмалъулев ГIабдусамад Уру­совгун. Гьеб магIишаталда бугеб 40 бетIер чIегIербоцIул (гьезда гьоркьоб 4 бечIчIулеб гIакаги) тIалаб гьабула ГIабдусамадица, гьесул хъизаналъ ва 2 васас.

— ГьабсагIаталда хIалтIи захIмат бугин абизе бегьиларо, — ян бицана ГI. Урусовас. – Эркенлъи буго бокьарабгIан боцIи хьихьизе. Гьебго заманалда захIматаб масъала­лъун лъугьун буго гIезарурал нигIматал ричиялъул суал. Масала, хIан, нах бичиялъул къварилъи гьечIо, гьан бичиялъул рахъалъ буго захIмалъи.

— ЧIегIербоцIуе хIажатаб кIалцIи-хер кин хIадурулеб, лъица тIубалеб ветеринарияб хъулухъ?
— ИсаналъагIан нижецаго хIадурулаан харил хIажатаб къадар. Сон ракъдалаб букIиналъ, исана босизе ккана 300 танг къараб харилги (190-200 гъурущ цо тангихъ хIисаб гьабун). ЛъагIалие нижее къваригIуна отрубазул 300 хъап. БацIцIадаб кIалцIул 10-20 хъап гурони босизе кколаро нижеца. Кинабго ветеринарияб хIалтIи тIубала росулъ вугев ветеринарияв хIалтIухъанас

— МагIарухъ ругел шар­тIазда рекъон, гIи хьихьийищ яги чIегIербоцIи хьихьийищ пайдаябги бигьаябги бугеб?
— БоцIи хьихьи бигьаяб буго. Гочинабун хьихьизе рес бугони (ихдал магIарухъе хаслихъе гIодоблъиялде), гIи хьихьи гIезегIан лъикIаб, гьабизе бегьулеб магIишат буго. Амма цохIо магIарухъ гьеб хьихьизе ккани, кутакалда захIмалъула, хасго хасало къо бихьула. Хайирияб рахъ босани, гьаб заманалда гIиязул, хасго хухазул къимат буго, лъикIаб багьа бу­го гIиял гьаналги. Гьединлъи­дал гIияхъанлъиялъул ва бо­цIухъанлъиялъул пайда-хайир цого даражаялда бугин абила.

— КигIанасеб рахь бечIчIу­леб ва щиб гьелда гьабулеб?
— Маялдаса бахъараб октябралде щвезегIан, къойида жаниб, гьоркьохъеб хIисабалда, бечIчIула 60 литр рахьдал (гьеб ккола 6 кило хIанил). Кинабго рахьдал нижеца гьабула хIан, нах ва аслияб куцалда гьеб бичула райцентралда.

— Нужеца боцIийищ бичулеб яги гьанищ?
— КIиябго бичула. ЧIагояб боцIи босизе рачIуна даргиял. Багьа чIезабула тIаде балагьун, мисалалъе, лъагIелгун бащдаб бараб баси бичула 35-40 азарго гъурщиде.

— Советияб заманалда къиматалда букIана чIегIер­боцIул къехь, тIом…

— Гьанже гьеб лъиениги къваригIун гьечIо. Гъоркьиса хъураб боцIул тIомал, гIодоре рехизеги барахщун, гIодор лъуралъурго руго. Цо нухалда Хьаргаби базаралдецин ун вукIана, лъицаго росичIо. 

— Пачалихъалъул гIезегIан руго фермеразе кумекалъе прог­раммаби. Дуе щванищ гье­динаб кумек, киданиги лъу­гьине кканищ къарзазда ха­дув ва гьебго заманалда хи­сулеб бугищ пачалихъалъу­л идарабазул халгьабиязул, хIи­саб-суалазул къадар?
— Чанго соналъ цебе щун букIана грант, ай нахъ буссинабизе кколареб гIарцул цо млн гъурущ. Гьел халгьабиязул бицун пайдаго гьечIо, хасго доб грант щун хадуб бизар гьавуна. Гранталда, ракьул ва цогидал суалазда хурхун гьанибе щвечIеб комиссияги, баккичIеб идараги хутIун батиларо. Аллагьасе рецц, гьаб ахираб заманалда лъалеб хIалалда гIодобе биччана гьезул букIараб тIадецуй. Гранталдаса хадуб бихьараб гIела, бокьиларо цоги нухалда добго гвандиниве лъугьине. Гьединлъидал дун лъугьинчIо къарзалда хадув, лъугьине ракIалдаги гьечIо.

— МагIишат гIатIид гьабизе ракIалда бугищ?
— Аллагьас квербакъани гIа­тIид гьабизе буго, хасго цIикIкIун кIвар кьезе буго рахьдаде.

— Гьаб хIалалда гIуцIараб магIишат дур васаз хвезе телин абураб хIинкъи бугищ?
— ГьечIо. Дицаго абулаан гьезда шагьаралда бигьалъиги бугин, айин гъоре абун. Амма гьез инкар гьабуна. Гьезие бокьун буго росулъ чIезе, гьаб хIалтIи гьабизе.
Дир эменги гIумруялъго вехьлъун вукIана, дунги киданиги пашманлъичIо гIи-боцIуда гьоркьов вукIиналда­са. ЦIикIкIараб хайир гьечIеб бугониги, баракатаб хIалтIи буго гIи-боцIи хьихьи.