ХIалтIухъабазул захIмат киназдаго бихьула

Нухазул магIишаталъул хIалтIухъанасул къо (октябрь моцIалъул лъабабилеб гIодобкъо) Россиялда кIодо гьабизе байбихьана 1996 соналдаса нахъе. Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналдаги кIодо гьабуна
гьеб байрам ва гьелда бан нижеца гара-чIвари гьабуна Шамил районалъул «Шамильское ДЭП-43» АОялъул генералияв директор Амин ХIажиевасулгун.

 

— Амин, бокьилаан коллективалъул хIакъалъулъ бицани…
— Предприятиялда хIалтIулев вуго 90-гIанасев хIалтIухъан. 25-яв ккола нухазул ремонтерлъун. Коллективалда вуго «ДРялъул мустахIикъав бакIал ралев» абураб цIар щварав щуго чи, цояв мустахIикълъана РФялъул Транспорталъул министерствоялъул ХIурматияб грамотаялъе, кIигояв ккола «Россиялъул ХIурматияв дорожник».
Нухазда гIунгутIи яги квалквал бугони, сундухъго балагьичIого, хIалтIухъаби гьел къачIазе рахъуна. Нижеца хъулухъ гьабула ЧIалдаса бахъараб ЛъаратIа районалъул гIорхъоде щвезегIан хъил тIураб 67 километр манзилалда бугеб нухлуе, росабалъе унел нухазе (187 километр) ва кьоязе.

— Ахирал соназда щиб гьабун бажарараб?
— КIиго километралъул манзилалда Гьолокьа ТIелекье унеб нух къачIана, хъил тIуна ва гьениб бугеб басрияб кьо цIи гьабун къачIана. Къородесезул Кьодухъан унеб нухлул кIиго километр къачIана, ХIебда-Гьидерил кьо участкаялъул кIиго километрги къачIан рагIалде бахъинабуна. НитIаб ва Къваниб росабалъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр, гьединго Могьохъ росулъе унеб нухлул лъабгогун бащдаб километр къачIана. Щуго километра­лъул манзилалда цIияб нух бахъана ЗанатIа росулъе, цIияб кьо лъуна ва лъабго километргун 700 метралъул манзилалда нух цIидасан къачIана ТIасияб Колоб росулъе. ГIурада-ТIидиб-НакIикь нухлул лъабгогун бащдаб километр къачIана. Дагъбаш росулъе унеб нух бугеб лъарада тIасан лъуна 15 метр халалъуда бугеб кьо. ТIадран унел руго ЧIалда-Къорода шагьранухда гьарулел хIал­тIаби. Гьелъул хIасилалда нухде ба­чIараб кинабго ганчIил 35 азарго куб, хIорил рагIал щула гьабиялъе хIалтIизабуна. Хучада-ЦIекIоб-Лъа­нуб росабалъе унеб нухда щуго километралъул манзилалда кьуру кьвагьиялъул хIалтIаби гьаруна.

— Хъил тIолелъул гьелъул бицалъи кинаб букIине кколеб?
— Гьеб кинабго бихьизабун букIуна проекталда. Аслияб куцалда, хъилил гъоркьияб гъаталъул бицалъи букIуна анлъго, тIасияб гъаталъул — щуго сантиметр. Амма гьел роценал, проекталда рекъон, щибаб нухалъе батIи-батIиял рукIуна. Гьел хIалтIабазул хIалбихьи гьабула лабораториязул ва Автодоралъул инженераз. ЦIех-рехги гьабун, нух къабул гьабичIого, заказчиказ изну кьоларо хадусел хIалтIаби гьаризе.

— «Безопасные и качественные дороги» ва «Мой Дагестан — мои дороги» абулел программаздасан нужее кумекго щванищ?
— ГIезегIан щвана, масала, гъоркьиса кIигогун бащдаб миллион гIарацги харж гьабун, ХIебда росдал аслияб нухде тIуна хъил, гьединго, цогун бащдаб миллион гIарацги харж гьабун, исана Басрияб Гьоориб росдал сиязде унеб туристазул маршруталъул нух къачIана ва майдан гьабуна.

— Исана районалъул нухал къа­чIаялъе хIукуматалъ кигIа­насеб гIа­рац биччан букIараб?
— Районалъул нухазде биччана 60 миллион гъурущ. 40 миллион харж гьабуна ЧIалда-Къорода нух къачIаялъе, 20 миллион — Хучада-ЦIекIоб-Лъануб росабалъе унеб нух къачIаялъе.

— Шамил районалъул кинал росабалъ ругел бищунго хварал, ай машинаби хьвадиялъе хIинкъи бугел нухал?
— МугIрузул районазда гьоркьоб, нижер районалда руго бищунго лъикIал нухал. ГIатIидал, квегIенал, машинаби хьвадиялъе щибго хIинкъи гьечIел нухал чIезарун руго районалъул киналго росабалъе. Бищунго рикIкIад бугеб Дагъбаш росулъе буго чIедераб нух, ракIалда буго гьеб гIатIид гьабизе.

— Цо-цо районазул ДЭПазул нухмалъулезул гIарз букIуна жидер техника басралъун бугин, цIияб босизе рес гьечIин. Гьеб рахъалъ щиб хIал бугеб?
— Нижер буго гIураб техника: 12 КамАЗ, кIиго автогрейдер, кIиго экскаватор, цо погрузчик, ункъо бульдозер, ункъо каток, цо хъил лъолеб машина…
Республикаялда гIемер буго хIалтIи гьечIого хутIараб нухазул техника, къваригIани, нижеца гьеб ижараялъе босула.

— Нухазул хIалтIуе квалквалал гьарулел кинал масъалаби дандчIвалел?
— Аслияб масъала ккола тIадеялъул гьаризе ругел хIалтIаби нижеда лъангутIи. Цебе, гьаризе ругел хIалтIабазул планал рахъулаан районалъул нухмалъулелги гIахьаллъун. Тендеразда гIахьаллъичIони, жакъа нижеда лъаларо я гьаризе ругел хIалтIаби, я гьезул гьитIинлъи-кIо­долъи. ХIисаб гьабе, гьаб соналъ гьаризе кколел хIалтIабазул тендер лъазабула май-июль моцIазда, республикаялъул бюджет къабул гьабула декабралда. ГIажаибаб жо, январь-февраль моцIал гIоларищ нухазда гьаризе ругел хIалтIабазул объемазул хъвай-хъвагIаял гьаризе ва тендер лъазабизе?! Дагъистаналда март моцIалъго байбихьизе бегьула хIалтIаби гьаризе. КIиабизе, бигьаго гIарац «тIезабиялъул» мурадалда тендеразда гIахьаллъула цо мугьру гурони жидер щибго чIаголъи гьечIел подрядчикал. Тендералда бергьиналъул мурадалда, гьез квал­квал гьабула хIалтIул хIалбихьиги, специалисталги, техникаги бугел предприятиязе хайир щолеб къагIидаялда хIалтIизе. Цебего заман щун буго гьеб суал роцIинабизе.
Дир хIисабалда, нухазда гьаризе кколел хIалтIаби лъала районалъул ва росабазул администрациязда, ДЭПазул нухмалъулезда. Гьединлъидал, тендеразул квалквал гьабичIого, гьел риччазе ккола нухал гьариялъул ва гьел къачIаялъул масъалаби тIуразе.

А. ХIажиевас лъугIизабуна политехникияб институталъул «Автомобильные дороги» факультет. ХIалтIана Дагъавтодоралда. Гьезул хъизамго рикIкIуна нухазул специалисталлъун. Масала, кIудияв эмен ХIасан хIалтIулев вукIана районалъул нухазул участкаялъул начальниклъун. 49 соналъ эменги хIалтIана гьебго хъулухъалда ва жакъаги хIал тIулев вуго кIудияв специалистлъун.