РекIел хинлъи сайгъат гьабураб Дагъистан

Гьал къоязда нилъехъе гьоболлъухъе рачIун рукIана «Россия жакъа» абураб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул журналистал Юлия Насрудиноваги Владимир Песняги. Дагъистаналде рачIиналъе ккараб
гIиллаялъулги мугIрузулаб улкаялъ гьел къабул гьарураб куцалъулги бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Ю. Насрудиновалъулгун.

 

— Юлия, Дагъистаналде сапар бухьиналъе гIилла щиб ккараб?
— Москваялда ва цогидал чIахIиял шагьаразда гIумру гьабулел ракьцоязда цIакъ лъикI лъала къватIисел улкабазул берцинлъи, тIабигIиял, ва тарихиял бакIал. Гьебго заманалда лъазего лъаларо халкъазул тарих, маданият ва тIабигIияб берцинлъи. Гьелда бан, нижер агентствоялъ гIумруялде бахъинабулеб буго «Россия рагьулаго» абураб проект. Гьелъул мурад буго гьалбал хириял, тIабигIат берцинал, гьайбатал ва дунялалда тIокIалъ гьечIел гIадинал регионазул хIакъалъулъ бицин. Нилъер кIудияб улкаялдаги руго гIамал берцинал гIадамалги, спорталъул базабиги, маданияталъул централги, музеялгун театралги, инсанас квер хъвачIеб гьайбатаб тIабигIатги. Гьезулги бицун, россиялъулал Россиялда жанирго сапарал гьаризе тIамиги буго нижер проекталъул мурад.
Дагъистаналде дун ячIана машгьурав фотожурналист, МИАялъул хасав фотомухбир, «ПроФото» абураб фотоконкурсалъул (суратал ра­хъулезул конкурсазда гьоркьоб гьеб бащалъула «Оскар» кинопремиялда) премиялъул лауреат Владимир Песнягун цадахъ (гьес рахъарал Дагъистаналъул суратазухъ балагьизе бегьула Фейсбукалда – ред.). Нижеца суратал рахъана Поволжьеялъул, Дальний Востокалъул, Татарстана­лъул, Уралалъул, Крымалъул. Гьанире рачIун рахъарал суратаздалъун нижеца дунялалдаго бихьизабизе буго Кавказалъул гьайбатаб тIабигIатги, гьалбал хириял дагъистаниялги, нижеда дандчIвараб гIаданлъигун яхI-намусги. Дида ракIалде ккола, гьес Дагъистаналда рахъарал суратал бищунго тIадегIанаб къиматалъе мустахIикълъизе ругин абун.
Дида киданиги кIоченаро Гумбет районалъул МелъелтIаса вехь ХIайбула. ГIумруялда жаниб тIоцебесеб нухалда дида бихьана рорхатал мугIрузда хьихьулеб чIегIербоцIул рехъен. ГIухьби ругоан, чодаги рекIун. Гьединал суратаз кIудияб асар гьабула. Хасаб хинлъи рещтIуна тIаде рачIарал гьалбадерие гьез ракIбацIцIадго гьабулеб хъулухъ бихьулеб мехалда, ракI-ракIалъ гьез гьарзаго цере лъурал нигIматазул хIалбихьидал! Гьеб кинабго дуе маян кьолеб буго, щибгIаги жо гьелъухъги тIалаб гьабичIого. ГIажаибал гIадамаз гIумру гьабулеб буго мугIрузда. Цо анкьцин гIоларо гьаниб бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе.
— Мун щвана батIи-батIиял регионазде. Дагъистаналъул хаслъи сундулъ батараб дуда?
— Швейцария хIухьбахъиялда тезе заман щвана! Гьаниб кинабго буго цивилизация хъинтIичIого цIунараб. ХIажат буго гIицIго туризмалъулаб инфраструктураялде кIвар кьезе: разе ккола кафеял, гьалбадерил рукъзал, хIадуризе ккола тариха­лъулгун маданияталъул бицун бажарулел махщелчагIи. Дида лъала, нужер министерствоялда гьеб рахъалъ хIалтIи гIуцIун бугеблъи. Нижеда рихьана цо-цо бакIазде рачIарал туристалги гьенир гIуцIун ругел шартIалги. Амма гьабизесеб хIалтIи жеги гIемер буго.
Дун гIажаиблъана магIарул росабалъ ругел берцинго къачIарал, машина бачине санагIатал нухал рихьидал. Гьайгьай, руго лъелго хьвадизе кколел бакIалги – гьединал бакIал рукIинеги ккола, туристаз гьаб гьайбатлъиялдаса лазат босизе.
— Дагъистаналъул гьайбатлъиялъ асир гьаюрай дуца щиб гьарилеб дагъистаниязе?
— КIудияб баркала буго цееккун «Россия жакъа» абураб МИАялда хIалтIарай дир ишцояй ПатIимат Расуловалъе – гьелъ гIемераб кумек гьабуна нижее: гостиница балагьизеги, сапарал гIуцIизеги, республикая­лъул хаслъи бичIчIизеги. Баркала кьола дица нижее гьоболлъи гьабурав щивав дагъистаниясеги, хасго вехь ХIайбулагьие ва гьесул хъизамалъе – нижеда цебе гьез лъуна магIарулазул богогьанлъиялъул тIолалго нигIматал: хинкIалгун белъараб гьанги бакьги, цIурачадал, корониб бежараб хъабахъгун чIакIултIан, цIоросаролъ… Кинабго рехсезе хIал кIвеларо. ХIакъикъаталдаги, кIочонареб рекIел хинлъигун толеб буго дица Дагъистан.
Дагъистаналъул хIакъалъулъ гьадин бицана фотомухбир Владимир Песняца:
— Нилъер улкаялъул цо-цо регионазул гIадамазда Дагъистан лъала гьоркьоса къотIулареб рагъ-кьал унеб ва тIаде вачIарав чиясе квешлъи гьабизе къачIараб халкъалъ гIумру гьабулеб регион хIисабалда. Республикаялде ниж рачIана цо мурадгун: гьелъул бугеб гьарзаяб ва цивилизациялъул балагьаз чIунтичIеб тIабигIатги гIадамазул лъикIлъиги дунялалъего гьурщизе. Сверухъ гьайбатаб тIабигIат, географиялъул рахъалъ гьарзаяб ракь, тарихиял балъголъабазул гъамас, ралъадгун салул авлахъ, мугIрулгун гIатIиракь – щибго камун гьечIо гьаниб.
Дир пикруялда рекъон, лъикIал гIадамаз берцин гьабула гIумру гьабулеб ракь, ватIан, улка. ГIадамал квешал ругони, пуланаб бакI цIакъаб бугин абиларо лъицаниги. Гьаниб щибаб районалъул буго хаслъи, щибалъул буго цогидазда релълъенги. Дун пана гьавуна басрияб Гъамсукь росдал тIабигIаталъ. Рехун тараб росдалцин бугеб гьайбатлъи! Гьелъул некIсиял минабазул риххун унел къадазулъ бессун бугебщинаб тарихгун балъгояб чIухIи! МугIрузде вахараб мехалда гурони тIубанго бичIчIун бахъунаро гьезул тIадегIанлъиги сихIкъотIиги. Дагьабго заманалъ кьурабазухъ гIенеккани, гьез бицине бугин ккола гIасрабаз жаниб цIунун тараб тарих. Огь, цо гьезулъ дида халлъараб чIаголъиги гIумруялде рокьиги!