Миллияб мацIалде рокьи бугони…

МагIарулаз гъастIа бицани, чIаголъила рахьдал мацI

 

Росдал хасаб, болмацIалдаса батIияб лугъат бугезе захIмалъула магIарул мацI лъазабизе. Гьединлъидалги батила, ахирал соназда гIемерлъулел руго рахьдал мацIалъул дарс хIажат гьечIин абураб пик­ру загьир гьабулел дагъистаниял.
БежтIа участокалъул Качалай росдал школалда февраль моцIалда тIобитIана магIарул мацIалъул ва адабияталъул анкь. Гьелъул хIасил гьабуна магIарул мацIалъул учительзаби Къалиянова Зулпиятицаги Будунова ПатIиматицаги гIуцIараб дандеруссиналда.
ЦIалдохъабаз бихьизабуна магIарул мацIалъул гуч, пасихIлъи, камиллъи. Гьез рикIкIана Р. ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечIги. 5-8 классазда гьоркьоб тIобитIана «Бищун берцинаб хатI» абураб къец. Гьелда тIоцебесеб бакI ккуна ГIалиева Заираца (8 кл.). Къадал газеталъул къецалда бергьана анлъабилеб класс. Микьабилеб классалъ бихьизабуна халкъияб кIалзул гьунаралдаса «Къайицадахъал» абураб маргьаялда рекъон гIуцIараб сценка.
Дарсазда учительзабаз хIаракат бахъана, нилъер лъималазе магIарул мацI лъазабизе кигIан захIмалъулеб бугониги, кIвараб хIалалда гьеб бичIчIизабизе. МагIарул мацIалъул ва адабияталъул декадаялъул ахирисеб къоялъ тIобитIана музыкалияб майдан: щибаб классалъул цIалдохъабаз берцинго, пасихIго рикIкIана ва ахIана Дагъистаналде ва рахьдал мацIалде гьарурал кучIдул.
Жамалудин Къалиянов,
Качалай росдал школалъул гIуцIарухъан