АхIи базе ккараб хIал

МагIарулазул бищун кIудияб республикаялъулаб казияталъул коллективалъул рахIат хвезабун буго къойидаса къойиде «ХIакъикъат» цIалулезул къадар дагьлъулеб букIиналъ. Миллионалде гIунтIун чи вугеб миллаталда щуазаргоцин подписчик гьечIин абураб жоялда божизецин кIолеб гьечIо.

 

 

Редакциялъул хIалтIухъабазги хIаракат бахъулеб буго цIалдолезул тIалабал тIуразаризе, халкъалъулгун бухьен чIезабизе. Амма кази­яталъулгун гьудуллъи щулалъизабиялъулъ мукъсанлъи биччалеб буго магIарулаз. Масала, Хасавюрталъул зонаялда (Хасавюрт, Гъизи­люрт, Казбек районал ва Хасавюрт, Гъизи­люрт шагьарал) вугев хасав мухбирас хIаракат бахъана бакIалъулал администрациязул нух­малъулезулгун кIалъа-басаял гьаризе, гьезухъ гIенеккизе.

Росабазул бегавулзабазда гьоркьор руго ка­зият цIалулелги, ратана гIурус мацIалдайищ гьеб бахъулебин цIехолелги. ХIалчIахъаги Комсомольское росдал бегавул Казбек ГIабдуразакъовасул. Гьес абуна гьадин: «Дица щулияб рагIи кьола 2021 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалие къого экзем­пляр «ХIакъикъаталъул» хъвазе», — ян. Гьес­даго релълъун, киналго бегавулзабаз щула гьабулебани казияталъулгун гьудуллъи, жакъа гIадинаб къадар (39) букIинароан Гъизилюрт районалда казият цIалулезул.

 

Гьанибго абичIого гIоларо, баркала буго Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Ша­бановасе. Гьесул хIаракаталдалъун районалда тIубараб лъагIалиего хъван буго 300 экземпляр «ХIакъикъаталъул». МухIамадидаса мисал бо­сизе ккела цогидазги.

Нилъеда бичIчIизе ккола, казият гьечIони, мацIги, адабиятги, маданиятги, тарихги мукъ­санлъулеблъи. Гьеб масъалаялда тIад ургъизе заман щун буго.

 

Хасавюрт шагьаралда буго цогидал районазде ва Гъизилюрталде поч баччулеб бетIераб идара. Гьелъул нухмалъулев МахIач ГIумаровгунги дандчIвана дун.

— Дица дирго рокъоб я хъизаналъе, я лъимала­зе магIарул тун батIияб мацIалда кIалъазе изну кьоларо. «ХIакъикъат» казиятги хъвала, гьебги цIалула. Гьаб буго захIматаб заман. КIвар кье­ла. МоцIида жаниб цо-цо нухалда данделъула почалъул отделениязул нухмалъулел. Гьениб­ги гьоркьоб лъела гьеб суал ва чIванкъотIарал хIукмабиги гьарила, — ян бицана гьес.

 

Хасавюрт районалда буго магIарулазул 16 росу. Кинабниги 10388 цIараки. Гьелгощинал гIадамал магIарулазул ругеб районалда 2020 соналъул кIиабилеб бащалъиялъе 81 гурони «ХIакъикъат» хъван гьечIо.

Хасавюрт шагьаралда яшав гьабулеб буго 145 азаргоялдаса цIикIкIун чияс. 2010 соналъ гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, халкъалъул гIаммаб къадаралда гьоркьоса магIарулазул буго 30 процент. Амма 2020 сона­лъул кIиабилеб бащалъиялъе «ХIакъикъаталъе» подписка гьабун буго ичIго чияс.

 

Дида киданиги ракIалде ккун букIинчIо магIарул миллат гьадигIан мискинлъун батилин. Дун гIемер щола магIарухъ ва гIатIиракьалда ругел росабалъе. КъанагIат гурони бихьуларо кIи-кIи, лъаб-лъаб тIадагьаб букIа, юк баччулеб букIа, машина рагьда гьечIеб мина. Гьебищ­ха магIарулазул гьанжесеб мискинлъи. Ми­скинлъун гуро нилъ ругел, мукъсанлъун руго, гIарцул гурони пикру рекIелъе биччалеб гьечIо. Гьединаллъунищха нилъ рукIине кколел, бер­гьарал гIалимзабазул ирсилал?

Казбек район кидаго букIана казият хъвале­зул ва цIалулезул цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ реццалъе мустахIикъал руго Алмахъ росдал гIадамал. 80-ялдаса цIикIкIун «ХIакъикъат» хъван буго алмахъаз. ХIатта 3500 цIараки бугеб Дилималдацин 60-ялде бахун гьечIеб мехалда.

 

Коронавирусалъул хIасилги батила гьеб. Кин-щиб батаниги, тIад ургъизе ккарал суалал гIемер руго.