Кинаб гамачIдай букIана эбелалъул каранлъ?

— Щай лъабго лъимадул эбеллъун яхъарай гIаданалъ, гьабун бахъарабго, лъимер рехун толеб? Сунца тIамулей гьей гьеб вахIшияб иш гьабизе, — ян абун, палатаялда цадахъ йигей чIужугIаданалъухъ ялагьун, ургъалилъ йикIана дун.

 

ХIикмалъизе бачIунеб букIана гьелъухъ бала­гьун.

 

— Гьеб пикруялдаса рекIекълъизеги бегьу­ла гьей. ТIоцебесей нухалда гурелъул эбел­лъун яхъуней йигей. КIиго лъимер рокъобги бугин гурищ гьелъ бицун букIараб. Лъимадуе детдомалъул цIорорал къадал гурел, эбелалъ­ул рокьиги недегьлъиги хIажат букIиналде кантIилей ятила гьей…, — абун дирго ракI бати­забулей йикIана.

ГIакълуялъ кинго къабул гьабулеб букIинчIо, дирго берда цебе гьединаб нахъегIанаб лъугьа- бахъин кколеб букIин. Росасдаги йигей, гIакълу- лъаялъги лъидасаго нахъе ккечIей 27 сон ба­рай гIолохъанчIужуялъ лъабабилеб лъимадаса больницаялдаго инкар гьабиялъе гIилла кинго бичIчIулеб букIинчIо.

 

Палатаялда регарал цогидал ясазда данде- ккун, Марина йикIана гIодое йиччарай ва гIемер гаргадизе бокьуларей гIадан. Нилъер гIадаталги лъикI лъалел гьечIоан гьелда. Эбел гIурусай, эмен Дагъистаналдаса вукIиналъниги батилаха.

Медсестраялъ бицун лъалаан нижеда Мари­наца ясалдаса инкар гьабун букIин, амма гьелда бичIчIичIо жиндирго балъголъи нижеда тIатун букIин. Щай духъе лъимер бачун бачIунаребин цIехедалги, гьелъ жаваб кьуна яс унтарай ва загIипай йикIиналъ тохтурзабаз гьукъун бугин гьей ячине.

 

Маринал гьурмада пашманлъиялъул лъалкIал цIехолей йикIана дун, амма бихьичIо гьелъул я магIу, я рекIел бухIи. БукIана гьелъул ягъа-яша­риялъулъ хIинкъараб гIанкIил гIадаб хехлъиги щакдариги. Радалго яхъун бахунеб косметика­ялъул гъаталъукь бахчун бугин гьелъ жиндир­го намусги яхIгийин кколаан ракIалде. Щибго ккечIеб гIадин, телефоналъусан гьудулзабазда кIалъалаан, нижер лъимал реэдулаан.

Гьале жакъаги гIедегIун тумбочкаялъуса къайиги бакIарун, палатаялъуса къватIие ана гьей. Маринаца мугъ сверарабго, гьей какизе лъугьана палатаялда рукIарал ясалги.

 

— Гьалда ракIалде кколеб батилаха нилъеда щибго лъаларин. Гьелъул хIакъалъулъ тIоцебесеб къоялъго медсестраялъ бицун букIана гурищ нилъеда. Бихьанищ гьелъ ххвелал гьарулел ру­геб куц. Жиндир лъимер унтун бугила. Ункъо кило бугей, кигIанги сахай яс йиго гьелъ гьаюн, — ян щурщудизе лъугьана ясал.

Марина кватIичIого ячIана. Жиндирго къай­иги босун, къватIие ине къачIана. Унелъул­ги гьелъ нижергун къо-лъикI гьабичIо. Жий гьалмагъа-лъул дое уней йигин, къваригIелги тIубан яс ячине радалго тIад юссинин рагIи кьу­на гьелъ. Ясал цоцазухъ ралагьана, амма Мари­нада щибго абичIо.

 

Марина индал, палата найил тIалаялда релъ­лъун букIана. Цогидаб палатаялъуса ясалги са­нитаркабиги рачIана нижер палатаялде гурхIел гьечIей эбелалъул хIакъалъулъ бицине. Мари­нада абичIеб чIегIераб-хъахIаб рагIи течIо гьез. Киндай гьединал гIадамал гьаб ракьалъ хIехьон ругелин абун ахIи балеб букIана гьез.

Маринаца лъимер рехун танин абураб жоялда божизе кинго бокьунги букIинчIо.

 

— Гьанже нужеца бицунелъул магIна щиб, ясал? Марина йигеб бакIалда щибго лъалареб ххвелги гьабун, гьанже рахъун гъибат-бугьтан щай нужеца гьабулеб? Гьелда бадибе щай ки­набго абичIеб? Щай нилъер цонигиялъ гьелда чохьол лъимер рехун теялъе гIилла цIехечIеб? Щиб лъалеб, гьелъулги букIун батила цо кинаб бугониги къварилъи, — ян абуна дица яхI гьаби­зеги кIвечIого.

Чияр лъимадул ургъалица гьеб сордо кин рогьарабали лъаларо дида. Чанго нухалъ щва­на лъималазул палатаялдеги. Дир ясалъулал­да аскIоб букIана Маринал ясалъул бусенги. ЗобхъахIилал чIахIиял беразул гургинаб гьу­мералъул гьитIич нянькаялъ хъулухъги гьабун рахIаталда кьижун ятулаан.

Марина ячIинин абураб хьулгун радалал­дасаго нуцIихъ ялагьун берал свакан рукIана. Къалъуда нижехъе яккизе ячIарай палатаялъул тохтуралъ бицана Маринаца гьабун бахъарабго инкар гьабунин лъимадаса.

 

-Гьелъул пикру хисизабун бажаричIо психо­логалдацин. Яс гьаюни, больницаялдаго гьейги тун ячIаян лъазабун букIанин росасилан, бица­на гьелъ. Щаялиго, росасухъе ахIизеги биччан гьечIо гьелъ. Росасулгун ЗАГС гьечIолъиялда бан эмен гьечIеб лъимадаса кинниги инкар хъван буго гьелъ, — абун бицана больницаялда кколебщинаб лъидасаго лъикI лъалей санитар­каялъги.

Рехун тарай яс ячине бокьаралги рукIана гIолохъанал улбузда гьоркьор. Гьединаб сахаб лъимер гьитIичазул рокъоб хутIуларин, гьанже­го гьеб бачине иргаялда чIарал лъикIал хъиза­мал ругин нижер ракI гIодобе биччалеб хабар бицунеб букIана санитаркаялъ.

 

Гьелдаса нахъе ана анлъго сон.

Дидайин абуни рекIелъ къан хутIана – ки­наб гамачIдай букIана Маринал каранлъ абураб пикру. ГIалхул хIайваназгицин жидерго тIинчI гьедин рехун толаро. Сунцадай гьей тIамурай жиндирго гьанал бутIа черхалдаса тIун рехизе