Нобелил премия щвезеги бегьулаан

Дагьаб цебе дихъе щвана республикаялъул телевидениялдасан бихьи­забураб документалияб фильм тIад бугеб диск. Гьеб дие сайигъат гьабурас абуна гьелда бицунеб бугин дунялалдаго машгьурлъарав нилъер ракь­цоясул хIакъалъулъ. «Гьел кIочонгутIизе…» абураб цIар лъураб фильм батана бицун чи божуларебгIанги кIудияб гьунар БетIергьанасдасан на­сиблъарав, цIаррецц тIибитIиялъул тIогьиве вахинелдего, хъизангун цадахъ авариялде ккун гIумруялдаса ватIалъарав чиясул хIакъалъулъ. Гьеб ккун буго СШАялда, гьев 36 соналъул гIумруялде вахараб ме­халъ. Фильм бахъиялде авторал кантIун руго «Дагъистан» журналалъул 2007 соналъ къватIибе биччараб цо номералда гьесул хIакъалъулъ бетIерав редактор ТIалхIат АхIмадхановасул макъала кинодокумента­лист Хъайтмаз ГIабдулхаликъовас цIаларалдаса хадуб. Фильмалда тIад хIалтIизе гьес рачун руго предприниматель ГъазимухIамад МухIамадов ва сценарист Гулера Камалова.

 

Буйнакск шагьаралда минаби ра­лев чи ГIабдурахIимил ва республи­каялъул хIурматияй учителалъул цIаралъе мустахIикълъарай Саидал хъизамалда 1970 соналъул 31 мар­талда гьавурав васасда цIар лъуна Наби. Гьанибго баян гьабила, гьесул кIудияв эмен вукIана Хунзахъ райо­налъул ГIобода росулъа.

Школалда цIалулеб мехалъго за­гьирлъун буго химия лъазабиялде рокьиги. ГIемерал соназ хIалтIарай учительницаялъ абун буго, гьев цIалдохъанасда малъизе жо жин­дир хутIун гьечIин, химия гьесда жиндасаги лъикI лъалеб бугилан. ХIакъикъаталдаги, анцIабилеб клас­салъул цIалдохъан Набица химия лъазабулеб букIун буго МГУялъул химиялъулаб факультеталъул про­граммаялда рекъон.

 

Школа лъугIун хадуб Наби цIализе лъугьана Ленинградалъул университеталде. Гьенир препода­вателазда бихьичIого хутIичIо кинаб пагьму-гьунаралъул студент гьев ву­гевали. Профессор Анна Кольцо­валъ гьесул хIакъалъулъ абун буго: «Гьев вукIана творчествоялъулабги гIаданлъиялъулабги кIудияб нахъра­тел жиндилъ хутIарав чи», — ян.

Университет лъугIизабидал, Наби хIалтIулев вукIана диссертациялда тIад, амма гIелмияб цIех-рехги тун, гьев СШАялде ана Огайо штаталъ­ул цIех-рехалъулаб университеталда цIализе.

 

ГIенеккилин профессор Дэвид Хардил рагIабазухъги: «ЛъикIал студентал дир гIезегIан рукIана, амма дида цохIо нухалъ гурони дандчIвачIо гьесулалда релълъараб бажари-гьунар. Гьелъ дун битIахъе хагазавун вукIана», — ян.

Диссертация цIунун хадуб гIелмияв нухмалъулес гьев витIана Гарвардалъ­ул университеталъул профессор Дэ­вид Эвансихъе. Гьес Наби восана жин­дирго гIелмияб группаялдеги.

 

Набица СШАялде ячана лъади Наталья Щербинина. Гьейги йикIана гIалимчIужу, химиялъул факультет лъугIун хадуб гьелъиеги щвана Гар­вардалъул диплом.

КIиго соналдасан Наби, профес­сор Роберт Бекманица гьарун, Ро­черстералъул университеталде ана хIалтIизе.

 

Гьанир дагьал халалъаниги, хисизаричIого кьолел руго гьев профессорас нилъер ракьцоясул хIакъалъулъ абурал рагIаби: «2002 соналда вачIана гьев Рочестералде органикияб химиялъул дарсал кьезе. Гьесул букIана энциклопедиялъула­бин рикIкIине бегьулеб, океангIанги гъваридаб лъай. Гьев гIолохъанав гIалимчи цогидаздаса ватIа гьаву­леб тIокIлъилъун лъугьун букIана тIадчIун ва свак тун хIалтIизе ба­жари. Гьев вукIана гIемераб жо­ялъул пикру рекIелъан биччалев, кутакалда гIакъилав гIалимчи. Уни­верситеталда дарсал кьезеги мах­щел букIана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь цо студент гIелмабазул док­торлъунги вахъана», — ян.

Гьаниб рехсезе мустахIикъаблъун бихьула Рочестералъул университет лъугIарав 8 чи Нобелил премиялъ­ул лауреатлъун вахъанилан. Наби МухIамадовасеги щвезе бегьулаан Нобелил премия…

 

Набил гIумруялъул хIакъалъулъ гуребги, фильмалда кIудияб бакI кколеб буго американаз гьесулги хъизамалъулги гьабураб хIурматалъ.

ХIакъикъаталдаги гьеб хIурмат лъугьана бицун бажаруларебгIан кIудияблъунги, фильмалъухъ бала­гьарал хIайранлъизарулеблъунги. 2006 соналъул 4 марталда Гарвар­далъул университеталда цебе бу­геб Химиялъул ва химиялъулгун биологиялъул департаменталъул ва «Бош ва Ломб» компаниялъул хIаракатчилъиялдалъун тIобитIана гIумруялдаса ратIалъарал ракIалде щвезариялъул пашманаб тадбир.

 

Гьениб Дэвид Эвансица абуна: «Гьев в ачIиналъ ц Iияб г ьури б агъа­ризабуна дир лабораториялда. Гьев вукIана дида дандчIварал, жидер гIелмияб бутIаялда бищунго хIикматал гIадамазул цояв. Гьев дирго васлъун лъугьун вукIана дие», — ян.

Гьенир гьарурал киналго кIалъаял ингилис ва гIурус мацIазда гъор­лъе рачараб ракIалдещвеялъулаб тIехь къватIибе биччана, Наби МухIамадовасул хъизамалъул гIемерал сураталги лъун.

 

Гьеб дандеруссиналда гьабу­раб хIукмуялда рекъон гIуцIана МухIамадовасул ва Щербининал фонд. Гьеб фондалде 1500 доллар битIана МахIачхъалаялъул «Жили­ще» ГКУялъул генералияв дирек­тор, Хунзахъ районалъул ТIанусиса ГъазимухIамад МухIамадовасги.

Фондалъул гIарцудасан чIезабуна МухIамадовасул ва Щербини­нал цIаралда бугеб премия. Щи­баб соналъ гьеб кьола химиялъул гIелмуялъулъ лъикIал хIасилал ри­хьизарурав студентасе. ГIарцуда цадахъ кьезе гьабун буго Набил­ги, Натальялги, ГIамирилги сурат тIад бугеб гIаламат. Университе­талъул азбаралъуб буго гьел цIар рагIарал гIалимзаби – гIолохъанал химикал ракIалде щвезарулеб ска­мейкаги. Наталья ракIалде щвеялъе чIун буго гъветI, хъван буго гьелъул хIакъалъулъ поэма.

 

Лъималазул ахалъул хIалтIухъабазда кIочон гьечIо гьитIинав ГIамирги. Гьес гьенир кагътил къунцIунги ва цогидабги къагIидаялъ гьарун рукIарал жалги данде ракIарун, гьесул хIакъалъулъ жи­дерго ракIалдещвеялги тIаде журан, гьитIинаб тIехь хIадурун буго.

Фильмалъухъ балагьарал рухIдаллъизарула американазул гIаданлъиялъ, хIеренлъиялъ. ГIенеккилин гьезул мадугьал Лауренс Джон­сил рагIабазухъ: «Авариялъул ха­бар рагIидал дун божизе кIоларого вукIана. Кутакалда ракI къварилъа­на. Цогидал мадугьалзабазда цадахъ гIодана», — ян.

 

ЦIар рагIарав ракьцоясул гьуна­рал кIодо гьариялъе ва гьев ракIалде щвеялъе тIоритIарал тадбиразул­ги бицинин. Масала, Буйнакск ша­гьаралда Наби цIалараб № 2 шко­лалъул жанахIалъуб буго гьесул гIумруялъулги гIелмиял бергьенлъа­базулги бицунеб стенд. Химиялъул кабинеталда гьев ракIалде щвеялъе кидаго лъола чIагоял тIугьдузул квацIи. Набил букIараб партаялда гIодов чIезе изну кьола цIалулъ бер­гьенлъаби росулесе.

Набил кIудияй яц Дагмараца ки­нофильмалда бицунеб буго жи­дер тIолабго тухумалъего кIудияб ками кканин Набиги, нусги, васги ракIалдаго гьечIого гIумруялдаса ратIалъиялдалъун. КигIанго цIикIкIарал квалквалал дандчIваниги, жидеца гьезул жаназаби Дагъиста­налде росанила ва гIагараб шагьа­ралъул хабалалъ рукъанила.