Зобал, тIаса лъугьа дир гIанчIлъиялда

ХIамзатил Расулил хьолбохъ ПатIимат гIадайги, ГIабасиласул хьолбохъ Савдат гIадайги гIадан МухIамад Сулимановасда хьол­бохъги йикIарайани, гьесул асаразулги цIаралъулги къиса батIияб букIинаанилан хъвана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Бати­ровалъ.

 

 

 

Гьеб битIарабги буго. Араб ан­кьалда гьел рагIабазул магIна да­гьабги загьирлъана.

 

ГIедегIулел рукIана Савдат-эбе­лалъухъе. Гьеле гьей хIикматай хIурулгIиналъ Г1абасил Мах1ама­дил цIар лъуна цIвабзазда аскIоб. Жакъаги гьелъухъе рачIунел руго, шагIирасда цадахъ гьелъ г1умру­ялъго бараб ва киданиги жинхъе унеб нухда ч1ах1 бижизе гьечIеб гIаданлъиялъул сиялъухъе. Гьеб сидул щибаб ганчIилги буго жин­дирго къиса. ГIадамазде бугеб хIалхьолареб рокьул къиса.

 

 

Ракьалда бугеб алжанилан абун ГIабасилас тараб гьесул ЛъагIилухъ росулъе гIедегIун рачIунел рукIана магIарулалги цогидаб миллаталъ­ул вакилзаби-шагIирзабиги. Гье­сул цIар кьураб росдал школал­да рагьулеб букIана Россиялъул мустахIикъав художник ГIали МухIамадовас шагIирасе гьабураб памятник-бюст.

 

МугIрузда тIибитIун бугеб магIарулллъиялъул гьуинаб махIги цIулаго, кIичI-кIичIарал нухалги нахъа толаго, щвана ЛъагIилухъе. Гьенире гIагарлъанагIан, данде­го бачIунеб бугин кколеб букIана шагIирасул рухI, рагIулеб букIана гьесул гьаракь.

 

Гьалеха, макъратIисалъ кинигин, жиндехунго гIадамал цIалеб авар поэзиялъул гучаб рукъ, ГIабасиласул мина:

 

— Дир рукъ бечелъула,

                                     баче кверилан,

Кисаниги гьобол рагьде вахани.

БугIун бакъул цIола,

                                   духъе щванил

Щибулев вугеван

                                 гьудул вачIани…

 

 

Гьале жакъаги ГIабасиласул гъас­да бакараб цIадухъе вачIанщинав чи – унго-унгоги букIараб берци­наб горсвери шагIирасул гъанси­тохъ. Гьале гьадинаб гIумруялъул берцинаб ахирги ракьалда тун арав шагIирасухъ урхъараз цIуна азбар- къоно. Гьадале гьадал тIаде рала­гьарал рорхатал мугIрузги согIал кьураби-парсазги цадахъ лъугьун гъолеб букIун батила шагIирасул асаразда рухIги. Гьале росдал сухъ­махъалги. Гьанисан, лъимерлъиялъ­ул чангиталъ хадувги цIан, чанги хьвадун ватила халкъияв шагIир. Гьадале гьадаб, рукъалде тIаде ба­лагьараб гIажаибаб берцинлъи­ялъул гогьаралъул мегIералъул тIогьисан, тIолабго Аваристаналда рагIиледухъ, гIадамазде бугеб гьал­долеб рокьул цIураб керенги рагьун ахIараб шагIирас:

 

— Халкъги ВатIанги кколев,

Ккани, ахIуд вахъунев,

БачIани, кечI ахIулев –

Дун росулъа вас вуго… — ян

 

ГIабасилав абадиялъе хутIана ро­сулъа васлъун.

 

Гьале тIаде щвана шагIир чIаго гьа­вулеб лахIзат. ШагIирасул хIурулгIин Савдатица рагьана памятник. Гьениб букIана Савдатил магIуги, гIадамазул рохелги, шагIирзабазул шагIирасде бугеб рокьиги. Кодоб пандурги ккун, хъахIабросулъевги щвана тIаде. За­маналдасан Камилил Баширги гIунтIана. ГIакаро магIарда гIунарай Сабацаги бицана жиндирго рокьул къиса.

 

ГIабасиласул асаразул багьадур­заби гьоболлъухъ ахIун рукIана росдал гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз ва Авар театралъул ак­тераз. Гьез рихьизаруна шагIирасул пьесабаздаса бутIаби. Хадур дан­делъана росдал клубалде. Берцинаб байрамалде сверана шагIир ракIалде щвезавиялъул къо.

 

 

ГIабасиласул шигIрабазул улка­ялъул даимал гьалбаллъун ругел магIарул шагIирзабаз рикIкIана гье­сие сайгъат гьарурал кучIдул, бица­на гьесул гIумруялъул ва творчесто­воялъул хIакъалъулъ.

 

 

Рагьана памятник. ЦIидасанги цIилъана шагIирасде бугеб рокьи. Дагьабги гьелегьана гьесул гъанси­тохъ бакараб гьудуллъиялъулги ада­бияталъулги цIа.

 

Ва кечI рикIкIунев вугев шигIи- расул гьаракьалъ нуха регIана гьал­бал:

 

— Зобал тIаса лъугьа

                                дир гIанчIлъиялда —

ГIумруялъ къуличIеб

                               дир бетIералда,

Азарго как бугеб дуниялалда

Дицаго ургъараб

                              рокьул диналда.

 

ТIадруссунел руго ЛъагIилухъа. Нахъехун толел руго шагIирасул шигIраби тIегьарал, тIирщарал ра­салъабиги, мугIрул-щобалги, даим­лъиялде араб шагIирасул тIадегIанаб цIар дандерижилъун гаргадарал рос­дал къватIалги, гьенире гIадамал къабул гьарулел сухъмахъалги:

 

— Дун гIоле-гIолезул

                              гIолилав вуго,

ГIолохъанлъи гIадаб

                              гIумру лъаларо;

ГIанчIал хиялазул

                               нухлулав вуго,

НухтIа вукIин гIадаб

                              рохел лъаларо…

 

Жакъаги нухда сапаралъ вуго шагIир. ГIадамазул ракIазулъе лъу­раб рокьул кьолъун ругел гьесул асарал жакъаги гара-чIварулел руго нилъгун.

 

ЛъугIана халкъияв шагIирасулгун букIараб иргадулаб дандчIвай. Гьеб букIана ГIабасиласулгун къо-мех лъикI гьабулеб иргадулаб лахIзатги. ГIумруги хвелги. Авалги ахирги. Къисматги къисаги. Рохелги магIуги. ДандчIвайги ратIалъиги. Гьеб кинаб­гоги цолъун лъугьараб шагIирасул гъасда бакIараб цIаялъ цIидасанги нухарегIана гьалбал.