Ахиралде щвезегIан чIола нилъ

Пикруялъулги лъаялъулги рахъалъ церетIурал, Дагъистан тун къватIир гIумру гьабулел нилъерго ракьцоял рихьидал, батIияб асар лъугьуна.

 

 

Гьедин ккана гьал къояздаги – «ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIана Санкт-Петербургалда гIумру гьабулей невролог ПатIимат Асадулаева.

 

 

Дагъистаналъул медакадемия лъугIун хадуб, гьей цIалана Санкт-Петербургалъул Мечни­ковасул цIаралда бугеб пачалихъияб академиялъул ординатураялда.

 

Гьениб неврологасул махщелги камил гьабун, ПатIимат лъугьана аспирантураялде.

 

 

Гьединго, къокъаб заманалда жаниб Венаялда цIалунги камил гьабуна гьелъ махщел.

 

Гьеб заманалда жаниб ПатIимат кIиго ясалъул эбеллъунги яхъана. Редакциялде ячIараб къоялъ гьелда цадахъ йикIана кIудияй яс – Нияр-ханум. 15 сон барай гьелда лъалеб бугоан кореязул ва ингилис мацIалги.

 

 

Миллаталъул рахъалъ лъарагIай кколей йикIаниги, магIарул газеталда кьолеб буго дагъ­истанияздехун къватIибехун бугеб бербалагьиялда, ахираб заманалда тIиритIулел ругел цо- цо унтабазда ва цогидалда тIасан ПатIиматилгун нижер ккараб гара-чIвари.

 

— ПатIимат, Дагъистаналда щварал дипло­маздехун Россиялда тIаса-масагояб бербала­гьи букIунин бицунелъул, дуда халлъанищ гьеб?

— Доб мехалда Россиялда унго-унголъунги цо кIудияб божилъи букIинчIо нилъер дипло­маздехун. Гьединлъидал лъилниги кинабгIаги тIадкIалъай букIинаредухъ, дун ячIинахъего гIарцухъ цIалулеб отделениялде лъугьана.

 

Амма ракIчIун абизе кIола дие Дагъиста­налъул медакадемиялда щвараб байбихьулаб лъай гIезегIан лъикIаб даражаялда батанилан.

 

 

ГIадамазул бербалагьиялъул бицани, Петер­бургалъул чIахIияб гIелалъ кутакалда адаб гьа­була нилъер чагIазул. Гьоркьохъеб гIелалъул абуни, дагьаб божилъи гIолеб букIинчIо нилъ­еразде, хасго церегIан соназда. Нилъер гьаниса щуго яс йикIана доб мехалда ординатураялда цIалулей.

 

Цо къоялъ нижер кураторалъ абуна хIухьбахъизе ине бокьилаанин жиндие, амма Турциялде инегицин рес гьечIила. Санайилго сапараз унеб лъикIаб гIадат буго дозул. Нилъ­ерал абуни кирениги унаро, ремонтал гьаризе рокъорго чIола.

 

 

КватIичIого рокъое, Дагъистаналде инехъ­ин йигин дун, цадахъ йилълъайин абуна дица кураторалда. Гьеб мехалда берал чIахIалъун рачIана гьелъул. Белталги дицаго росилин, раз­илъеян такрар гьабуна дица хадубги. Гьейни разилъана, амма гьелъул эбел йикIун йиго йих­ха-хочун, кинаб Дагъистанин букIунебилан.

 

ЛъикIги-квешги ячIана гьей гьание. Ниже­ца гьей ячана гIагарал чагIазул мавлидалде, Дербенталде, Сарыкумалде, ЧIикIаб хIорихъе. ХIадурана умумузул квенал. Рихьизаруна нилъерго гIадатал.

 

 

Гьедин нилъедехун тIубанго бербалагьи хиса­на Елена Борисовная-лъул. Гьелъ бицун – цоги­дазулги.

 

Нижедаса хадур, тIасияб соналъ, нилъер гьаниса васалги рачIана добго ординатураял­де. Гьезухъаги борчIичIо кинабгIаги тохлъи. Бокьараб хIалтIукьаги хIинкъулароан. Гьедин­лъидал халкъалъе къимат кьей гьелъул вакил­забазда бараб букIуна.

 

 

— Дуца гIелмияб хIалтIи инсультазда тIасан хъван букIанин цIалана дица. Гье- лъул рахъалъ дуца щиб абулеб?

 

— Россиялъул даражаялда босани, 80 процент буго инсульт кколел чагIазул къадар. ГьитIинаб мехалдасаго сах гьаричIого тарал лъималазул гIиси-бикъинал гIузрабаздасан кколел жал руго инсультал. ТIадежоялъе, цере гIадин рагъа-ра­чарулелги гьечIо гьел. Масала, гимнастика гьабизе тIамулел гьечIо. Дарсал гьарулеб ме­халдаги телефонал-компьютеразда нахъаги, гуризабун гьодгун, чIолел руго лъимал гIодор. Дагьал кIудиял гIуралго, остеохондроз лъугьи­набула гьединал гIузрабаз.

 

Гьарулеб мехалдаго чорхое зиян ккеялдаги бараб букIуна хадубккун чиясулъ унтаби за­гьирлъи. Масала, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул 85 процент букIуна горбол гьо­диде хIал ккараб. Хадуб гьеб сверула габур гьетIиялде, бохдул къокълъиялде, гьединго хондрозалде.

 

 

— ГIемерисеб мехалда нилъер гIадамал Россиялъул шагьаразде унел руго лъикIал клиникаби цIехон. Дуда дандчIвалищ гьел?

 

— ТIокIалъ чIечIого рачIуна. Гьебги гIемерисеб мехалда онкология букIиналда щак­лъи ккани гурони рачIунаро. Лъималги рачIуна гIаммаб хал-шал гьабизе рачун. Эндокрино­логия хIажатал унтаралги гIемер дандчIвала. Амма нилъер гIадамазул квешаб гIадат буго — ахиралде ккезегIан чIолел рукIин.