Миллаталъухъ ракIунтарав хIаким ватулев гьечIо

Нилъер умумузул рухIияб тарих, халкъалда цереккун лъа­лел рукIинчIел исламалъул гIалимзабазул бечедаб гIумруялъул хIакъалъулъ баянал ракIарун кIудияб хIалтIи гьабуна магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ. Гьеб гуребги, ЦIоралда ругел нилъер умумузул наслаби жакъасел миллатцоязухъе сапар бухьун, гьезул яшав ва къварилъи-гIатIилъи цIехон, адаб бугел тадбиралги гьаруна гьез.

 

 

Цо чияс бахъулеб хъала букIунаро

 

— Жакъа магIарул милли­ябгун маданияб автономиялъ гьабулеб хIалтIуда тIасан гара- чIвари ккана нижер гьелъул цIияв нухмалъулев МухIамад МухIамадовасулгун.

— БитIун бицани, ракIалдаго букIинчIо гьаб хIалтIи тIаде бо­сизе. Амма нилъер миллаталъул тIалаб-агъаз гьабулеб, гьелъул ун­тарал суалал рорхулеб, гIунгутIаби рехсолеб идара цIакъ хIажалъулеб буго, гьединлъидал кигIанго за­ман букIинчIониги, тIаде босизе ккана гьеб хъулухъ. ШагIбаница (ШагIбан ХIапизовас) цIакъ гIемераб хIалтIи гьабуна автоно­мия рагьаралдаса, гIемерал тIахьал рахъана, батIи-батIиял тадбирал тIоритIана. Амма дие абизе бокьа­раб жо буго, ракI-ракIалъ нилъер миллаталъул ургъел гьабулев чи вуго гьелъие кьучI лъурав Сай­гидпаша ГIумаханов. Цогидазул гьединаб хIаракат дида бихьулеб гьечIо. Амма цIакъ бокьилаан, ки­набго тIалаб Сайгидпашаде рехун течIого, нилъер миллаталъул цо­гидалги вакилзабаз гьелъие кумек гьабулебани.

Заманги бихьуларищха исана хи­сараб куц. Хасго кIудиял хиса-баси­ял ккана гIаламалъулго гIумруялда жанир. Дунялалъул букIинесеб ме­тер кинабдай ккелаян абураб лъа­лареб бакIалде бачIинабуна иш коронавирусалъ. ГIемерав чиясул ракIалда рукIарал мурадалги, гьа­ризесел хIалтIабиги гьоркьор арал гIадин, гьедин ккана нижер гьаризе рукIарал тадбиразулги къисмат.

 

 

— Автономиялъул букIана «Та­рихалда лъалкI тарав нусго магIарулав» абураб проект. Гьеб рагIалде бахъун букIарабищ яги цIиял проектал ялъуни сапарал гьаризейищ ракIалда бугеб?

— Сапаралги руго гьарулел, гьел­даго цадахъ нилъер ГIелмияб цен­тралда хIалтIулел гIолохъабазулги буго кIудияб хIалтIи умуму­зул тарих цIи гьабиялъе гьабу­леб. Нилъер тарих кутакалда бе­чедаб букIин гуребги, аслияб куцалда гьеб хурхараб буго гIараб гIелмуялдаги гIараб мацIалдаги. Щайгурелъул киналго гIелмиял материалал хъван руго гIараб ва гIажам мацIазда. Гьел лъазариял­да тIад хIалтIулел руго гьабсагIат МухIамад ШейхмухIамадовги, ШагIбан ХIапизовги, Жамалудин МалламухIамадовги ва цогидалги гIолохъанал гIалимзаби. Гьез хIадур гьарурал тIахьал рахъизе ракIалда буго.

Гьединго руго нилъер шагIир- забазги хъвадарухъабазги лъималазе хъварал тIахьалги ва гьезул жидерго тIахьалги.

Амма дие цоги нухалда такрар­лъаниги абизе бокьун буго, цохIо Сайгидпашаде тIаде рехун течIого, гIарцудалъун автономиялъе ку­мек гьабулел чагIи гIемерлъизе къваригIун ругин.

 

 

— Пикру лъикIаб буго. Амма кумек гьабизе бокьарал чагIи рукIинадайха?

— ЦIакъ къанагIат гурони ратулел гьечIо. Мисалалъе, дица чанго ну­халъ хIаракат бахъана автономиялъ­улги диргоги цIаралдасан районалъ­ул нухмалъулезухъе кагътал хъван «ХIакъикъат» газеталъеги, «Гьу­дуллъи» ва «Лачен» журналазеги подписка гьабилародайин гьезилан. ГьабичIо. Жакъа хIукуматалъ лъи­малазе рахъулел тIахьалги гьечIеб заманалда гьезул кIудияб пайда букIинаан гIун бачIунеб гIелалъе. Гьеб гIемер бицараб, унтараб суалги буго, амма унго-унголъунги нилъ­ерго мацIалъухъ унтарав хIаким яги бечедав чи дида жеги дандчIвачIо.

 

— ЦIоралда ругел нилъер милла­талъул вакилзабазулги щулияб бу­хьен букIана автономиялъулгун, гьенире гьарулаан сапарал…

— Пандемия сабаблъун сапарал гьоркьор къотIаниги, бухьенал къотIизе тун гьечIо. Ц1оралда жакъ­аги руго хIакъикъаталдаги нилъер мацIалъул ургъелги, умумузул та­рихги, аслуги кIоченчIел къадруял гIолохъаби. Гьезул чангоязе иса­на февралалда букIараб рахьдал мацIалъул фестивалалдаса хадуб баркалаялъул кагъталги сайгъаталги ритIана нижеца.

Гьединго Томскиялда вуго Апса­лудин АхIмадов. ЦIакъ яхI бугев чи вуго, гIемераб хIалтIи гьабула мил­лияб тарих цIуниялъе. Москваялда бугеб Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб «Намус» абураб школалъ­ул директор ЧIарада районалъул Рилъаб росулъа МуртазагIалиева ПасихIатицаги гьабулеб буго бер­гьун кIудияб хIалтIи республикаялъ­ул миллатазул мацIал ва тарих малъ­иялда хурхун.

Жакъа гIадамазе бокьулеб гьечIо рахьдал мацIазда хъвараб жо цIализе. Дир хIисабалда, гьелъие гIилла буго гIадамал жидерго магIишаталдеги руссун, чед-хинкIалъул тIалабазда рукIин. Вакъарав чиясул рухIияб рахъ загIипаб букIуна. МагIишат- яшав роцIцIараб мехалъ, инсанасул гъира букIуна жиндирго цIали-лъай ва рухIияб дуниял цебетIезабизе. Амма кигIан захIматаб замана бу­гониги, нилъерго мацIги, тарихги, гIадат-гIамалги квер хьвагIун тезе бегьиларо.

 

 

 ГIолохъабазул гъира гIадада хвеларо

 

— МухIамад, дагьал ругони­ги магIарул мацIалдехун ро­кьи бугел гIолохъаби дагь- дагьккун цIикIкIунел руго. Мисалалъе, Авар театралда ри­хьана гIолохъанал артистал.

— Руго. Диеги мисалалъе бачи­не бокьилаан шагьаралда ругел гIолохъабаз гIуцIараб «Аварал» абу­раб жамгIияб гIуцIи. КIудияб хIалтIи гьабулеб буго гьез.

Амма бищунго дун вохараб жо буго, шагьаралда гIурал ругониги, гIолохъабазда бичIчIун буго рахь­дал мацI лъачIони, жал унго-унго­ял магIарулаллъун рукIунареблъи. МагIарул мацIалда батIи-батIиял тадбиралги данделъабиги тIоритIун, гьезул гъира буго мацI лъазабизеги, нилъер миллаталда хурхарал суалал мухIкан гьаризеги. Цо-цояз гIайиб чIвалеб буго гьезда мацI лъикI лъа­леб гьечIин абун. Амма гьеб гьезул гIайиб гуро. Шагьаралда гьарурал ва гIурал гIемерисезул унти буго гьеб. Шагьаралда гIумру гьабулел лъима­лазда рахьдал мацI лъангутIиялъул гIайиб тIоцебесеб иргаялда эбел-ин­сул буго. Гьез рокъоб лъималазда малъарабани, рахьдал мацI лъачIого хутIилароан.

Авар автономиялда ракIалда буго хадубккунги «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялъе кумек гьабизе.

 

Цо-цояз абулеб буго миллиял га­зеталги журналалги къваригIун гьечIилан. Дида гьединал чагIиги ричIчIуларо. «ХIакъикъат» газета­ги гьечIони, «Гьудуллъи» журналги тIагIани, Авар театрги къани, сун­ца ва лъица квербакъи гьабизе бу­геб нилъер миллаталъе рухIияб бе­челъи цебетIезабизе? Росабалъ жакъа магIарул мацI бицунеб буго. ЛъикI букIинаан хIукуматалъ магIарухъ ругел гIадамазе гIумру-яшав гьабизе лъикIал шартIал чIезаруни, газ ба­чани, нухал къачIани. Амма жакъа къоялде щвезегIанги гIатIиракьалде гочунезул къадар дагьлъулеб гьечIо. РакI гъанцIизабула магIарухъ нилъер умумуз гIасрабаз бетIербахъи гьабу­рал росаби чIунтун рихьараб мехалъ.

Амма гьел цIуни нилъер щивав магIаруласда бараб иш буго. ЦIи гьа­ризе ккела умумузул рукIарал рукъ­зал, тIалаб-агъаз гьабизе ккела росу- жамагIаталъулги.

БитIараб бицани, гIатIиракьалде гочин цIакъго хираго чIана магIарулазе. Хисана гIамал-хасият, хъарцинлъана рухIияб рахъ, нилъ­еда кIочана умумузул гIемерисел лъикIал гIадатал. Гьеб гуребги, гIалимзабаз абулеб буго рижа­раб бакIалдаса цогидаб бакIалде гочарал гIадамазул сахлъигицин загIиплъулин. Гьеб кинабго нилъеда бихьулебги буго.

 

 

 

Йохъ, цо миллион гуро…

Тарихалде ракке, аслияб бакIлъиги захIмалъиги магIарулаз босана тIаде. Киналго рагъазулъ, тарихиял лъугьа-бахъиназулъ цебе­себ кьерда букIана нилъер миллат. Нилъер миллаталъ кидаго хасаб бакI кколеб букIана республикаялъул тарихалда. Амма ахирал сона­зда миллаталъул церехъаби дагьал загIиплъана, чучлъана, республи­каялъул жавабиял хъулухъазда ру­гел магIарулазул къадар дагьлъана. Щай гьедин ккарабали бичIчIулеб гьечIо. Гьеб суалалъухъги автоно­миялъ цIакъ кIвар кьун хал гьаби­зе буго. Мисалалъе, 5000-6000 чи вугеб цахуразул ялъуни рутулазул миллатги, миллион чи вугеб нилъер халкъги цо цIадирабазда лъезе, цого даражаялда рекъон къимат кьезе бе­гьиларо.

 

— Амма цо-цо питна-хIур гьабизе бокьарал чагIазда дур рагIабазул магIнаги мекъи бичIчIун, мил­латчи вугин мунилан дуде гIайиб чIвалелги камиларо.

— Дидаги бичIчIула гьеб. Амма нилъеца, магIарулаз, цогидал гIисинал миллатазухъе куме­калъулаб квер бегьун, ккаралъуб мугъчIвай гьабун гурони, гьел ки­даниги къварид гьаричIо. Гьебги кIочон тезе бегьиларо.