ТалихIалъул кIул

ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIа- букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тIехьалдаса босун, гьединго, рагIаралъуса, цIаларалъуса тIадежураялги гьарун, цо-цо бутIаби рахъулел руго гьаниб.

 

 

 

Бокьулареб – кьогIаб

Пашманлъи тIаде бачIиндал пикраби гьаре лъикIабщиналъул. Пикрабаздаго цадахъ хIаракат бахъе лъикIаб иш гьабизе, лъие бугониги садакъа кьезе, щив вугониги рази гьавизе. Гьеб мехал­да дуда бихьила дурго ракI гIажаибго чIаголъун бачIунеб куц ва ракIалдеги ккезе буго дидаса талихIав чи щив вукIуневилан.

 

Вореха, лъица бугониги баркала кьезелъун хIалтIи батаниги, цоги щиб бугониги гьабуге. Гьабулебщинаб гьабе Аллагьасе гIоло, Гьесул разилъи тIалаб гьабун, Гьесдаса сайгъат щвеялде хьулгун. Гьабулеб хIалтIи букIине ккола ракIалъ тIаса бищараб, дуего бокьулеб, гъираялда гьабу­леб, цогидазеги кумек щолеб. Бокьулареб хIалтIи гьабизе цIакъ захIмалъулелъулха.

 

Гьабулеб ишалде тIаделъе тавакалгун, жакъаго гьабизе бегьулеб метералде тIамунги тоге. Ал­лагьас дуе кьун ругел рахIматазул, нигIматазул пикру гьабе, гьезул хIакъалъулъ бице ва БетIергьанасе реццгун щукру гьабизе кIочонге. Аллагьас кьун буго дуе лъикIаб сахлъи, ризкъи, хъизан-лъимал, хIалтIи. Гьеб киналдасаго разиго вукIине ва гьелъухъ щибаб къойил ТIадегIанасе аза-азар рецц гьабизе тIадаб гьечIищ?

 

ХIаракат бахъе гIадамазулъ лъикIабщинаб би­хьизе, гIунгутIабазде балагье бералги къанщун. Анкьабго рахъ рекъарал гIадамал рукIунареблъи лъай ва мунгоги гьединавлъун гьечIеблъи бичIчIа.

 

 

ЛъикIлъиялъ бекье хур

КIварго кьоге мацIихъабаз бицунелде ва къватIул харбазде. ХIаракат бахъе гIадамаз гьа­булеб лъикIаб иш бихьизе. ГъалатIал кколарев чи вукIунаро, амма лъил бугониги ккараб гъалатI гIочIода чIвазе лъугьунге. Гьедин гьабиялъ лъиего пайда кьоларо. Чияр гIунгутIаби рехсеялъ я мун яги дов чи талихIавлъун гьавуларо.

 

Халккве дурго черхалда хадуб. Сахлъиялда­са лъикIаб нигIмат цоги гьечIелъулха. Киданиги кIочонге Аллагь духъ балагьун вукIин. ГIибадат цIикIкIинабе, БетIергьанасда гьаре мунагьал чу­рагийин, дуегоги диналъул вац-яцазеги дугIа гьа­бизе къарумлъуге. Аллагьас кьурал нигIматазухъ шукру гьабиялдаго цадахъ, гьезул пикруги гьабе. Гьеб мехалда дуда бихьила ва бичIчIила кигIан гIемераб нигIмат, рахIмат кьун мун гьаб ракьалда тун вугевали.

 

 

Сахлъи ва хIинкъигьечIолъи, гьава ва лъим, квен ва ретIел, мина ва рекIине жо, мал-мулк ва лъимал, хъизан ва гьудул-гьалмагълъи… Гьебго­щинаб бечелъиги кьун рахIаталда тун вуго мун БетIергьанас, дудайин абуни гьеб кинабго би­хьулебцин гьечIо. Гьелъул гIаксалда, щукру-рецц гьабизеги кIочон, жеги тIадеги къваригIун вуго. Руго кверал, хIатIал, бохдул, гIундул, берал, кIал, мацI… Дуда кIола ният-къасд ккаралъуве ине, рагIула бицунебщинаб, бихьула хIажатабщинаб, кIалъазе кIола бокьарабщинабги бицун. Гьеб гу­рищ Аллагьасул рахIмат?

 

ГIалимчиясухъеги вачIун цо мискин зигардула Аллагьас пакъирлъиялда тун вугин живиланги абун. Гьеб мехалъ гIалимчияс гьесда абула гьеб дур канлъи щайин бичулареб нусазарго диргьа­малдеян. Бичиларин кIалъала мискинчи. Гьедин батани, нусазарго диргьамалде кверал яги бохдул ричейин гIалимчияс абидал, гьелдаги разилъула­ро мискин. Цинги гIалимчияс абула: «Нусаза-азар диргьамалъул бетIергьанлъунги вукIаго, кин дуда кIолеб зигардизе», — ян. Гьеб мехалда бичIчIула мискинчиясда Аллагьасул рахIматазе гIурхъи- рахъго гьечIеблъи.

***

 

 

Гьаб гIумрудул магIна бичIчIарав инсан,

ГIодов виччан уна жиндирго нухда.

Щибаб лахIзаталъул пикруги гьабун,

Ракьалда бекьула лъикIлъиялъул мугь.

Лъимадул кьижиги, херасул какги

Камилго бихьула сабру бугесда.

Балеб чвахунцIадги, гIазул теретги

Тартибалда букIин бичIчIула гьесда.

 

***

Пуланав чияс Сократида гьикъарабила, мунги лъалев, дудаги лъалев цояс дур хIакъалъулъ абу­раб бицинищин. Гьеб дида бициналде дуца дудаго рагIараб гьеб хабар лъабго цIалкIинисан бичча­нищин цIеханила Сократица. БиччачIин абун дов чияс жаваб гьабидал, Сократица нахъеги гьикъ­анила: «Дуца гьеб хабар цин ритIухълъиялъул цIалкIинисан биччай. Мун божулищ гьес битIараб бицараблъиялда?»

 

— Божуларо, амма дида рагIана гьес бицанин абун.

 

— Гьедин батани дуда лъалеб гьечIоха гьеб хабар битIарабищ-тIекъабищ бугебали. РачIаха гьан­же кIиабилеб, ай лъикIлъиялъул цIалкIинибе бан, цIалкIизе. Дида бицине бокьаралъ дие лъикIлъи гьабизе бугищ?

 

— ГьечIо.

 

— Гьедин батани, дуца дида бицинехъин бугоха ритIухълъи-тIекълъи лъалареб, дие зарал гурони щибго лъикIлъи гьабизе гьечIеб хабар. РачIаха лъабабилеб цIалкIуги босун, гьенисанги биччазе. Гьеб хабаралъ пайда кьезе ва гьелъул дие кIвар букIине бугищ?

 

— ГьечIо.

 

— Гьедин батани дуца дида бицинехъин буго­ха я ритIухъаб бугищали лъалареб, яги лъикIлъи гъорлъ гьечIеб, ялъуни щибго пайда кьолареб ха­бар. Гьединги бугеб мехалда гьеб дида бициналъул магIнаго щиб? — ян абунила Сократица.

 

 

МацI

Лъица бугониги нилъеда нахъасан рагIи абун яги какун калам гьабун батани, бихьулищин цо чиясул ягъзинлъийиланги абун цIакъ рахIатхун, ракIбакъван рукIуна ва лъугьуна нилъ. Пикру гьа­бидал, гьеб хIалалда нилъецаго нилъеего гIакъуба кьеялъе гIураб гIиллаги гьениб батуларо. Нилъее пайдаялъе, нилъ кантIизелъун абураб рагIи бата­ни, гьайгьай, рохизе ккола ва лъикIлъиялъе бица­раб рагIухъ баркала кьезеги намуслъизе кколаро.

 

Амма нахъасан гьабураб калам кьучI гьечIеб букIин дуда якъинго лъалеб батани, гьелъул­ги ургъел гьабиларо. Щайгурелъул, гьеб буго жахIдачагIазул пиша ва гьелъ дуе щибго зарал гьабизеги гьечIо. Я бицунесе, я гIенеккарасе щиб­го пайда кьолареб калам аскIосан биччан тезего рекъараб буго. Гьединазухъ гIенеккичIони, гье­зул рагIи гIадахъ босичIони, заманалдасан гьез жидецаго тезе буго дуда «ганчIал речIчIулеб» гIадат. Амма Аллагьасда ракI-ракIалъ божу­лел, гIибадаталъе кIвахIаллъуларел лъикIал гIадамаздаги рагIи абулел чагIаз мун какулев вата­ни, гьелдаса воха ва гьез рехсолел дурго гъалатIал ритIизаризе хIаракат бахъе.

 

 

ЖахIда

ЖахIда буго рекIее загьру. ХIапароялъ пихъ кваналебго гIадин, кванала инсан гьелъги жани­сан. ЖахIдачиясе киданиги рахIатги букIунаро. Гьев релълъуна жинцаго цIаги бакун живго цIадаве кIанцIулев чиясда. ЖахIдаллъиялъ ин­санасул тIабигIат квешлъизабула, лъикIал ишаз­даса нахъчIвала, хIалихьатал, къабихIал жал гьариялде гьетIизавула. ЖахIдаялъ ракI чIегIер гьаби гуребги, живго инсанги талихIкъаравлъун лъугьинавула. Гьединас хIаракат бахъула чияр талихIалда тIад жиндирго талихI гIуцIизе. Гьедин гIуцIараб талихIалъул ахир мекъи кколеблъиги нилъеда лъала. ЖахIда гьабизе бегьула лъабго жо­ялъулъ: Аллагьасе лагълъи гьабиялъулъ, садакъа ва чиясе гIакълу кьеялъулъ.