Жидедаго гьабизе лъалареб чияда малъулел

Кинаб заман тIаде бачIаниги, зигардулеб гIамал буго гIадамазул. Бугелда гIей гьабизе киназдаго бажарулебги гьечIо. ГӀемерисезе бо­кьулеб буго хехго ва гIемер гIакъуба бихьичIого бечелъизе. Гьелдаса пайда босулеб буго сихIирал ва гьездасаги хехго бечелъизе бокьараз. Ахираб заманаялда ссиялда руго бокьарал гIадамал бизнесалде ру­гьун гьарулел тренингал, курсал. ЦӀияб къагӀидаялъ гьелда абу­ла коучинг. Ингилис мацӀалдаса буссинабуни, коуч ккола тренер, насихӀатчи. 10 азаргоялдаса 500 азариде щвезегIан багьа бугел тре­нингазде хьвадулел руго гIадамал. ГIемерисел гьединал курсазул мурадги букIуна гIадамазда психологияб тIадецуй гьабиялдалъун жалго хехго бечелъизари.

 

 

Дагъистаналдаги камулел гьечӀо гьединал тренингал. Инсан мах­сараде кквезе бищунго санагIатаб бакIлъунги социалиял гьинал ккола. Гьединал тренингазул ас­лияб лозунг букIуна, чияда цере хIалтIичIого, нужерго бизнес гIуцIизе кумек гьабулин абураб. РФялъул депутатаз хIисабалде босунги букIана коучазул пиша, сертификация гьечIони, гьукъизе бугин абураб пикруги. ГIадамазул захIмалъабаздаса хайир босулезе ургъел гьечIо жидехъ гIенеккизе рачIунез ахириселги гъурщал гье­нир толел рукIиналъул. Гьединал сихIрабазде гъорлъе ккарал ва гIагарлъиялъулгун гьезул рукӀунел гьоркьорлъабазул бицине бокьун буго.

 

— ЦIалун лъугIаралдаса нахъе йихьичIей гьалмагъалъул Инста­грам-гьумералде тIаде ккана цо къоялъ. Гьумер-куц добго буго, гьаракь ва ягъа-яшариялъул ха­сият тIубан батIияб буго. ЦIарги гIурус мацIалда бигьаго абизе би­гьаяб гIадаб хисун бугоан, фами­лияги росасул босун бугоан. Пси­холог, «гIумру гьабизе малъулей» махщелчIужу (коуч) абун хъван бу­гоан гьелъул хIакъалъулъги. Гьей гIадан дида лъаларин абун телаан букIараб, гьелъ жинцаго дихъе хъван бачIинчIебани. Гьанже жий бизнесчIужу кколин, гIадамазда битIун гIумру гьабиялъул нухги, талихIаллъун рукIинеги малъулин жинцаян бицунеб бугоан гьелъ. РикIкIен гIемерал сертификатазул ва пуланаб тренингалде хьваданин абун нугIлъи гьабурал кагъталги ругоан гьелъул Инстаграм-гьуме­ралда лъун.

 

 

Хъизан-лъималазул цӀехедал, гьелъ бицана метер васасул гьаву­раб къо кӀодо гьабизе бугин. Дунги ахӀана байрамалде.

 

Аида ккола эбел-инсул цохӀо йигей яс, гьединлъидал росгун ва лъималгун цадахъ гьелъ гӀумру гьабулеб бугоан эбел-инсул мина­ялда жаниб.

 

Вас гьавураб къо кӀодо гьабулеб бугоан фотографги, видеограф­ги, аниматоралги ахӀун. Суратал рахъизе хасаб къагӀидаялъ къачӀан бугоан рукъалъул цояб къедги. Васасул суратги тӀад бахъараб цо кӀудияб тортги бугоан, тӀаде рачӀарал гьалбадерицаги бачӀун бугоан тортги сайгъаталги. Цо тор­талъул багьа 3000 гъурущ кколин чӀухӀадго бицуней йигоан Аидаги.

 

 

Гьеб чӀухӀараб байрамалда щаялиго пашманго йикӀана Аи­дал эбел ГӀайшат. Гьалбалги цо- цоккун нахъе ун, ГӀайшат адаги дунги цӀарагӀ чуризе лъугьана. Аи­даян абуни, Инстаграмалда пря­мой эфирги биччан, цо щибалиго бицуней йикӀана.

 

Байрамалъул хутӀел бакӀарулаго ГӀайшат ада къварилъахъдана, вай гьай ясалъул рихьдае гьабулеб хӀалтӀиги бизнесги жинда чӀалгӀун бугеб куцилан абун.

 

«Гьагъаб Инстаграм абулеб жо­ялъухъ балагьулездаги ракӀалде кколеб батилаха дир ясалъул ку­такаб бизнесги гӀемераб гӀарацги батилин абун. Вай, жакъа къоял­де щвезегӀан, гьелъ гьорое биччан тарабщинаб гӀарац рикӀкӀун хӀал кӀвеларо. Унго-унгоян абуни, ниж цӀакъ ресукъго руго. Росас хӀалтӀун рокъобе бачӀараб гъурущги нахъе лъезе гьелда лъаларо. Лъималги росги херай дир цӀобалде рехун тун рукӀуна. Дица гьабураб квен­ги росасдаги лъималаздаги квана­забун, цогӀаги нухалда кванилъе лъугьине гӀамал гьабуларо. Ки­набалиго тренингалда йикӀанин, сордо бащалъараб мехалда ячӀуна рокъое. Дица данде бачинчӀебани, хъизанги некӀого биххилаан гьелъул букӀараб. Бечелъизе ва цӀар рагӀарайлъун йикӀине малъ­улеб бугин абун, щалали лъала­рел гӀадамазухъе цӀализе хьва­дулаан гьей, гӀемераб гӀарацги хвезабун. Нижеца бицунелъухъги гӀинтӀамулеб гьечӀо гьелъ.

 

 

Росасдагицин лъачӀого, кинабго месед бичана гьелъ, тренингазде хьвадизе гӀарац хӀажалъидал. Щи­баб тренингалъул багьаги 10-20 азарго гъурущ бугин абула. 15-ял­даса цӀикӀкӀун батила гьелъул тре­нингалде хьваданин абун кьолеб свидетельствоги.

 

Дурго цӀалуда рекъараб мах­щелги тӀаса бищун щай чӀоларейин абидалги, жиндие школалъул ди­ректорасдаги цогидал нухмалъу­лездаги цее хӀалтӀизе бакьан гурин абула. Жийго жиндиего хважаин­лъун йикӀине бокьун бугин чӀана гьей. Бокьани яхъун хӀалтӀуде ун, бокьани рокъойго чӀезе рес букӀунин, жиндирго бизнес рагьа­ниян абулаан гьелъ. Гьале гьанже мурадалде щвана гьей — жиндие бокьани хӀалтӀудаго чӀола, бокьани къаси сордо бащалъараб мехалда щола рокъое. Школалда хӀалтӀулеб мехалъ, радал унаан хӀалтӀуде, бакъанида тӀадюссунаан, жиндир­го лъималги ясли-ахалдаса рокъо­ре рачун.

 

Гьанже лъималги цин хьвадула ясли-ахалде, хадуб цо моцӀица ре­хун тола. Гьел нахъе рачине инецин заман гьечӀелъул гьанже Аидал. Цо щибалиго проект гӀуцӀулейин йикӀуна, гьелъул щибго ккола­ро, хадуб цойги байбихьула. Ма­дугьалзабазда цеегӀаги нечечӀого йикӀунаан дун, радал хӀалтӀуде ун, бакъанида тӀадюссун ячӀуней яс йихьидал. Гьанжеян абуни, яс кий хӀалтӀулей йигейан гьикъани, кинан жаваб кьелебалиго лъаларо. Дида бичӀчӀуларелъул гьелъул коучингги тренингалги. Харж кигӀан щолебан цӀехезеги гьелъие бокьуларо.

 

 

Цин дармиде яна гьей, йичарухъанги тукатӀа тун. Гьелъул жо ккечӀо, гӀарац хвей гуреб. Хадуб, кинабалиго телевидение гӀуцӀизе бугин абун эбелалъулаб капита­лалъухъ щвараб гӀарцуде видео-ка­мераби ва цогидаб къайи босун ба­тана гьелъ. ГӀемераб гӀарацги харж гьабун шагьар бакьулъ кӀудияб зал­ги ккун букӀана гьелъ. УргъичӀого тӀамурабщинаб галухъ гӀемераб гӀарац кьезе ккараб гьелъ. Гьале гьанжеги, цо кабинетги рагьун, гье­ниб жаниб лъезе хирияб къайиги босун буго гьелъ. Гьабун цебе унеб хӀалтӀиги гьечӀо. Эбелалъ квешаб гӀакълу малъуларин, те гьеб пайда гьечӀеб пишаян абуниги, дунги сан гьайичӀого кӀудияб, гӀарац гьабизе лъугьун йиго гьей», — абун бицана ГӀайшат-адаца.

 

ЦӀияб баккарабщинаб пиша­ги кида-къадги пайда кьолеблъун букӀинеб батила, амма хъизан- лъималги кӀочон тун бечелъиялда ва цӀар-реццалда хадуй лъугьин чӀужугӀаданалда рекъолеб гьечӀо. Инстаграмалдаса берцинго ва бе­чедго бихьулеб гӀумруги кидаго гуро талихӀаб батулеб. Жидер­го лъималги эбел-эменги кӀвар гьечӀого тун, чияда гӀумру гьабизе малъизе рекъон бугодай?