ТалихIалъул кIул

ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIабукIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор алКъараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайи­ла гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи.

 

Щиб жоха кколеб талихI? Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жин­дирго гIакълулъаялда борцун, пикруялда рекъезабун жаваб. Амма хIакъаб жо буго Аллагьасде бугеб божиялда ва ракьалда бекьараб лъикIлъиялда жаниб букIин талихIалъул кIул. Гьеб кIуладаса битIун пайда босарасда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги хвасарлъиги батила. БетIергьанасукьа хIинкъиялъулъ жидеда талихI бихьулелги руго, хIакъикъаталдаги жидер ракIазда нур барал, абадияб рукъалъе гIоло дунялалъул чIаголъиялдаса пайда босизе лъарал гIадамал.

 

 

Аллагьасукьа кин хIинкъилел абун ибну МасгIудида цIехедал, гьес абун буго: «Аллагьасе мутIигIлъун, ай Гьесие хилиплъичIого. НигIматазе шукру гьабун, ай гьезде капурлъичIого. Аллагь рехсон, ай Гьев кIоченчIого», ян. Гьединго гьес абулеб букIун буго: «Аллагьа­сукьа хIинкъиялъ инсан хвасар гьавула захIмалъикъварилъабаздаса, ризкъиялъул рагьабиги гьесие рагьула ракIалдаго гьечIеб рахъалда­сан», абун.

 

Аллагьасукьа хIинкъи ккола жинда хадуб гIодобегIанлъи гьечIеб тIадегIанлъи. Муъминчиясда тIадаб буго жив вижарав Халикъасукьа нечезеги, хIинкъизеги, хIарамалдаса рикIкIалъизеги. ХIарамалдаса рикIкIалъарав Аллагьас хIалалаб кьун бечедги талихIги гьавула. Да­гьаб хIалалаб лъикIабги бугелъулха, БетIергьанасдаса машгъул гьабу­леб, гIемералдаса.

 

 

ТалихIалъул дарманал

ТалихIалъул кIул дурго кверщали­кье ккезе бокьун батани, тIалаб гьабе пайдаяб гIелму, гIемер цIалдей ва дур рекIелъ рукIун ккун букIараб паш­манлъиялъ мун рехун тела. ГIелмуги лъайги буго къимат гьабун бажару­лареб бечелъи. Жагьиллъиялдаса кIудияб язихълъиги, хъаркIаслъиги, бецIлъиги гьечIо. ГIелму ккола кан­лъи, лъавукълъи — бецIлъи. Лъайги тIалаб гьабизе ккола кIиябго рукъ­алъе хIажатаб. ЦохIого-цо динияб гIелмуги лъазабун чIани, дунявияб магIишат нахъе ккелин абулелги ка­муларо. Гьединазда бичIчIизелъунги батила, ХIасанул Басрияс абун буго: «Дица Къуръаналда, 90 бакIалда, цIалана Аллагь жиндир махлукъа­талъе ризкъи кьезе гъоркье чIарав вугин абун. Цо бакIалда батана шайтIаналъ хIинкъи кьолеб бугин нужее нуж мискинлъулин абунги. Нилъ щаклъулел руго Садикъасул, ай битIараб бицунев Аллагьасул 90 нухалъ абураб рагIиялда, цо нухалъ нилъер тушманалъ абуралдаги бо­жун», — ян.

 

ГIелму лъазабиги лъай тIалаб гьабиги буго щивав бусурбанчи­ясда тIадаб борч. ГIелму бугелъ­улха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни, рачуна бецIлъуде. Бусурбаби кидаго рукIана церетIурал, лъай бугел, гIелмуялда тIадчIараллъун. Амма гьаб зама­налдайин абуни, ай бусурбабазде­хун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо- цо «гIалимзабаз» хIаракат бахъула исламалъул нух ккурал лъавукъ­ал ва щибго жо бажаруларел чагIи рукIараблъи ва ругеблъи бихьиза­бизе. ХIакъикъатин абуни тIубанго гIаксияб букIин, гьайгьай, хIакъаб буго ва гьеб гьедин бугеблъи бусур­баби рихараздаги лъала. Амма лъа­ниги, гьезул мурад батIияб бугелъул, гьединаз хIаракат бахъула хъахIаб чIегIераблъун бихьизабизе.

 

 

Тавбуялъулъ – талихI

ТалихIавлъун вукIине бокьани, тIадчIей гьабе тавбуялда, гIасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гIумру-яшав букIуна, тIад берци­наб хъал бугин кканиги, жаниса турараб ва махIцараб. ТIадегIанав Аллагьас нилъее рахIматлъун кьу­разул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хIажалъуларев чиги вукIунаро. Нилъ киналго гьитIинабниги кIудиябниги мунагьазукье ккола, аварагзабиги малаикзабиги гурого мунагьазда­са цIунаралги гьечIо. Щиб бугони­ги гьабилалде, тавбу гьабун черх къачIазе ккола, хIалтIи гьабилалде, алат хIадур гьабулебго гIадин. Тавбу гьабун черх къачIачIони, гьабураб гIамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичIого, мунагьаз цIураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги чIун, щиб бугониги жо гьаризеги нечезе ккела­рищ? Тавбу къабуллъизе ккани, чара гьечIого лъабго жоги къваригIуна: гьарун арал мунагьаздаса паш­манлъи, тIокIалъ гьел мунагьазде вуссунгутIи, мунагь гьабичIого тезе­ян къасд гьаби. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихI щвезе», — абун.

 

ТалихIавлъун вукIине бокьани, гIемер цIале Къуръан, пикру гьа­бе гьениб хъван бугелъул, ракIги мацIги машгъул гьабе Аллагь рех­сеялда тIад. Къуръан ккола нилъ­ее битIараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гIададаги холаро. Анас асхIабасдаса бачIараб хIадисалда буго: «ХIакълъунго, жин­да жаниб Къуръан цIалулеб рокъо­ре малаикзаби рачIуна, шайтIаби рикIкIалъула, лъикIлъи гIемерлъула, квешлъи дагьлъула, агьлу-хъизамалде гIатIилъи, бечелъи рещтIуна», — абун. ДарукъутIнияс бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца Къуръан гIемер цIале нужерго рокъоб. Къуръ­ан цIалулареб рокъоб лъикIлъи дагь­лъула, квешлъи гIемерлъула, мискин­лъи тIаде бачIуна», — ян.

 

 

Сон, жакъа ва метер

Къасимех щвезегIан чIаго хутIун ватани, ракIчIун вукIунге радаллъагIанги чIаго хутIизе ватиялда. Радалги чIаго ватани, божуге къаси­ялдехунги гьебго хIалалда вукIине бегьулеблъиялда. Мун гIумру гьа­бун вуго жакъа, ай гьабсагIат. Араб нахъбуссунаро, букIинесеб кинаб букIинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. ГIумру гьабе, жакъа дунялалде вич­чарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гIадин. Гьабулебщинаб­ги гьабе, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин. Как базе лъугьиндал, гьеб ахирисеб букIин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букIараб? Гьайгьай, тIокIаб гьечIебгIан цIакъ Аллагьасе мутIигIлъун, хIинкъун, чвахулаго магIугун. Щайха гьедин баларого бугеб щи­баб как, хIакъикъаталдаги гьеб бан лъугIизегIанцин, чIаго хутIизе руги­щали нилъеда лъаларелъул.

 

ЛъикIаб хIалтIи-иш гьабулелъул­ги, гьеб гьабизе ккола, ахирисеб ну­халъ гьабулеб бугеб гIадин. Аралъ­ул пикру гьабун ракI къварилъизе биччаге, кигIан къварилъахъданиги, гьеб буго нахъбуссунареб гIумру. ХIинкъунги вукIунге бачIине- бачIинареб лъалареб букIинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кIолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тIамун тезе ккани, мун метерлъагIан чIаго хутIиялда ракIчIунищ вугев? Щибаб лахIзат хIалтIизабе жакъасеб къо гIадада инчIого букIиналъе, гьаби­зе рес букIараб лъикIлъи метер гьа­бизе щвечIого хутIизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукIа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцIулги метер щиб ккеле­бали. Жакъа талихIавлъун ватани, мун хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Сон яги церекъад талихIавлъун вукIанин ракIалде кколеб батани ва кигIан кIудияб талихIалъ дуда къвал бан букIун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихI балагьулев ватани, гьебги буго гIададисеб хIалтIи. Метерисеб къо я бачIина я бачIинаро. Гьединлъидал хIаркат бахъе жакъаго талихIавлъун вукIине. ХIалтIе ва диналдаго ца­дахъ магIишатги гьабе, дунялалда­ги ахираталдаги Аллагь разилъуле­духъ.

 

 

ЧIобогояб хиял

Цо-цо чагIи рукIуна, талихI би­кьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукIунаро, гIумруялдехун гьабулеб бербалагьи букIуна щивасул батIи- батIияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гIайиб. Гьелъие гIайибияллъун цогидал гIадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букIине кколедухъ гIумрудул къимат гьабунгутIи ва гьабизе лъангутIи. Гьединал чагIаз гIемер абула цо пу­ланаб жо щвани, жидедаса талихIал чагIи рукIинего ратиларилан. Мина бугони, машинаги босани, хIалтIиги щвани, машгьурлъиги бачIани, рикIкIине бегьилаха талихIавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалда­сан унелъул, мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукIуна миражалда хадув ва ахи­ралда, иццухъеги щвечIого, къечон хола. Гьединал чагIазда бичIчIуларо инсанасул анищазе гIурхъиго букIунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цоги­даб анищ ва гьес живго рикIкIуна талихIалъ рехун таравлъун. Гье­дин букIуна хвезегIан. Гьединал чагIазул талихIкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутIиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукIуна жи­дерго гьечIеб жо балагьулел. Гьеди­назда лъаларо БетIергьанас жидее кьуралдаса разиго рукIине, гьел­даса рохизе, гьелъул къимат гьаби­зе. Дагьабниги гIакълу бугев чияс киданиги абизе гьечIо цо пуланаб жо щвараб мехалда, вукIине вугин жив талихIавлъунин. Бугелда раз­илъи, БетIергьанасе рецц гьаби — гье­ле талихIав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цIикIкIинабулинги абун бугелъул, БетIергьанас цIикIкIинабула ва гьединав чи жеги талихIавлъунги лъугьуна. ТалихI буго щивав чиясул рекIелъ, амма ки­наздаго гуро гьеб бихьулеб ва кинав­го чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.