ХIасил квешаб ккечIо

Исана февралалдаса маялъул ахиралде щвезегIан «ХIакъикъаталъул» гьурмазда рахъана «Рагъул лъимал» абураб темаялда тIобитIараб кон­курсалде рачIарал цIалдохъабазул хIалтIаби.

 

 

Конкурсалда гIахьаллъана Болъ­ихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хун­захъ районаздасаги Ленинкент посе­локалдасаги ичIго цIалдохъан. Гьез нижехъе рачIана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал жидерго гIагарчагIазул къисматалъ­ул хIакъалъулъ бицунел макъалаби. РукIана рахъун авторасул ва макъа­лаялда бицунев чиясул сураталги.

 

ГIуцIун букIана кIиго номинация. ТIоцебесеб номинация – 5-8 классал. Гьелда гIахьаллъана: СултангIали Маллаев, ХIайбат ГIабдулаева, Ка­малодин ХIайдарбегов, МухIамад ХIасанхIусенов, МухIамад ХIусенов.

 

 

КIиабилеб номинация – 9-11 клас­сал. ГIахьалчагIи: ПатIимат Лаба­занова, Шамай ГIабдулмуслимова, ХIамзат ХIусенов.

 

Вузазул ва колледжазул цIалдохъабиги нижер конкурсалда гIахьаллъиялде хьул букIинчIо. Амма ниж рази гьаруна ДГУНХялъул студентка СаихIат НурмухIамадова гIахьаллъиялъ.

 

 

Конкурсалъул аслияб мурад букIана рагъул кьогIлъигун захIмалъи хIехьарал нилъер ракьцоя­зул къисмат рагьи. Гьеб махщалида бихьизабуна Болъихъ районалъул МигIарсо росулъа ХIайбат ГIабдулаевалъ, ПатIимат Лабазановалъ, Шамай ГIабдулмуслимовалъ, Ленинкенталдаса Камалодин ХIайдарбеговас ва МухIамад ХIасанхIусеновас, Хунзахъ районалъул ТIанусиса СаихIат НурмухIамадовалъ.

 

Рехсарал цIалдохъабазул хIалтIабазулъ якъинго цебечIолеб буго мех щвелалдего «кIодолъун рачIарал» лъималазул гIумру. Гьезул макъ­алаби цIалараб мехалда, нилъеда бихьулеб буго, рагъде бихьинал­ги ун, магIарул росабалъ хутIарал руччабазгун лъималаз хIехьараб захIматаб гIумру. Гьез гьабулаан колхозалъулги рукъалъулги хIалтIи. Свак-унтиялъул ва ракъи-къечалъул бицун зигардичIого, дол соназул лъимал регIулаан дарсал гьаризеги, школалъул тIадкъаял тIуразаризеги, батулаан заман эбелалъе кумек- квербакъиялъеги. Хьул буго, цIалдохъабазул макъалабиги цIалун, умумузул яхI-намусалдаса чIухIарал ва гьезул бахIарчияб къисматалъе мустахIикъал гIолилал куцаялъ­улъ редакциялъ лъураб гьитIинаб бутIаялъул мурад тIубаялде.

 

 

Баркала буго редакциялъулгун бухьен тIезе толарел цIалдохъабазе! Жеги баркала буго газеталъулгун гьудуллъи щулиял ва нижер тад­биразул рахъ кквезе жигаралда хIалтIулел магIарул мацIалъул учи­тельзабазе: Болъихъ районалъул МигIарсоса Жамилат ХIамзатовалъе, Хасавюрт районалъул Къар­ланюрталдаса МухIамадрасул МухIамадовасе, Ленинкенталдаса ПатIимат ХIайдарбеговалъе.

 

Конкурсалъул хIасилал гьари­зе ва гIахьалчагIазе сайгъатал кье­зе руго хасаб тадбиралда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабила газеталда­санги интернет-сурсатаздасанги.