Нараттюбеялъул габурлъухъ

Вуз лъугIарал студентазе дипломал кьеялъул гIадатияб гуреб къагIида тIаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ.

 

 

Арал гIодоркъояз студентал ракIарун рукIана МахIачхъалаялда тIаде балагьараб Таргъуялда гъор­кье. «Хъиргъу» тукадаса рикIкIад гьечIого, магIардехун унеб рацIцIалъиялда рищни-къулги бакIарана гьез. Гьезие хIалае рахъине гьенире рачIун рукIана МахIачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъимал­ги.

 

Нараттюбеялъул габурлъийин абулеб бакI ккола гьеб. БагIараб ТIехьалде росарал къанагIатал тIегь- хергун рухIчIаголъиги бугин гье­нибилан бицана факультеталъул мугIалимзабаз.

 

 

ПалхIасил, гьениб батараб рищни- къулги бакIарун, дипломалги кьун хадуб гIуцIана тепсиги.

 

Гьенире гьоболлъухъе ахIун рукIана Олимпиялъул хIаязул чемпион ХIайдарбег ХIайдарбеговги «Лез­гинка» ансамблялъул директор Жам­булат МухIамадовги.

 

 

Жибго экологиялъул факульте­талъул хIалтIуда хурхун, гьелъул декан ГIалимурад ХIажиевас «ХIакъикъаталъе» бицана гьанже факуль­теталъул къимат борхулеб бугилан.

 

— Масала, коронавирусалдаса ха­дуб бичIчIулеб буго тIабигIаталда лъугьунел хаслъабазе къимат кьолел вирусологалги, экологалги, гьезда релълъаралги хIажат рукIин.

 

 

Амма вузазде лъугьунелъул гео­графиялъул предмет тIадаблъун гьа­бун гьечIолъиялъ, ЕГЭ кьолезги гьеб предмет тIаса бищулеб гьечIо. Гье­динлъидал цIакъго дагьал гурони гьечIо экологиялъул факультеталде лъугьунел гIолилал.

 

Гьедин, тIолабго республикаялдаго ЕГЭялда географиялъул экзамен тIаса бищун буго 23 цIалдохъанас. Амма гьезул 16-17-ясда гурони кIвечIо гьеб букIине кколедухъ кьезе.

 

 

Нилъ рукIуна нилъее ватIан, Дагъистан бокьизе кколилан бицу­нел. Школаздагицин географиялде гьедин хашаб бербалагьи батани, кин нилъеца гIун бачIунеб гIелалда нилъерго ракь бокьизабилеб? Ниже­ца школлъималазда гьоркьоб (9-11 классал) анкетирование тIобитIун букIана. Гьезул жавабазда рекъон, нилъер гьанир рагIула хъахIал циял­ги, жирафалги, гьединалго цогидал хIайваналги.

 

Гьездаги гIайиб щиб, школазда географиялда тIасан хIучч цIалеб бугони? Ихтияр щун букIунилан, директорзабаз жидеего бокьарал предметазул сагIтал дагьлъизарулел руго, — ян бицана ГI. ХIажиевас.

 

 

Гьезул факультеталдаса къватIире риччарал гIолилал хIалтIулел руго ТIабигIиял бечелъабазул министер­ствоялда, Росприроднадзоралда. Хасго гьанже ракьазул суал хIалуцун бугеб мехалдаги къваригIунел руго экологиялъул специалистал (када­стралъул багьа-къадар чIезабиялъе, картография гIуцIиялъе).

 

Туризм цебетIезабизе кколин абураб суал цебе лъун буго республикаялда. Гьелъиеги махщелчагIи хIажалъула (масала, маршрутал чIезаризе).

 

Гьединго, деканас бицухъе, гIелмиял хIалтIаби цадахъ гьаризе Росси­ялдаса махщелцоялги рачIунел руго гьезухъе. Масала, гьабсагIаталда Хъумторхъала районалда руго Но­восибирскиялдаса, Томскиялдаса рачIарал экологал. Гьез цIех-рех гьа­булеб буго тIабигIаталда вирусал, гIункIкIал кин тIиритIулелали.

 

Амма, кин букIаниги, шко­лазда 23 цIалдохъанас гурони география кьолареб мехалда, жи­дее захIмалъулеб бугин хIалтIи гIуцIизеян абуна ГIалимурад ХIажиевас. Курс гIезе ккани, 60 чи восизе ккола цIализе.