ГIаммаб ишалъе гIоло гьабулеб хIалтIи

24-абилеб июлалда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзал­да данделъун рукIана магIарул шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, ре­спубликалъулаб «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабиги. Гьенив гIахьаллъана магIарулазул Миллияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовги. Дандеруссиналъул аслияб мурад букIана ца­дахъ рекъон рахьдал мацI ва адабият цебетIеялъе гьабулеб хIалтIулъ жигарчилъи бихьизаби.

 

 

Данделъи рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул предсе­датель МухIамад АхIмадовас. Гьес шагIирзабигун хъвадарухъабазе ва журналистазе гьарана магIарул га­зеталъул гIаммаб ишалъе гьабулеб хIултIуе цебетIейги икъбалги.

 

— Жакъа нилъ данделъиялъе буго цо гIилла — магIарул мацIги, адабиятги, маданиятги цIунизе гьабулеб хIалтIи дагьалъги чIаго гьабизе ккеялъул би­цине. Гьеб гьанжелъизегIанги гьабу­на нилъеца. Гьанжеялдаса нахъеги хIаракат бахъизе ккола.

 

 

Жакъа цIакъго гIемерлъун руго чIобогоял кучIдузул цIурал щиб­го кунчIи гъорлъ гьечIел ва хIатта магIарул махIцин жидедаса чIваларел тIахьал. ГъалатIазул бицинего бицинарин. Гьел ритIизаризе кьо­лелго ратиларо. Жалго бетIергьанал басмаханабазеги ургъел щиб­ха, тIахьазда гъалатIал ругониги, гьечIониги. Гьединал тIахьалги тIахьазда ругел кучIдузги кинаб бу­гониги тарбия кьоларо гIун бачIунеб бугеб гIелалъе.

 

Гьединлъидал лъикIаб букIинаан, газеталъул гьурмазда цIалдолезда ратизе классиказулги жакъасел ун­го-унгоял шагIирзаби-хъвадарухъабазулги асарал. Гьел дагьал гьечIо нилъер. Биччанте гIолилазда лъазе ва бихьизе магIарул адабияталъул бечелъиялъулги гучалъулги кьалбал гъваридал рукIин, — ан абуна гьес.

 

 

Газеталъул бетIерав редакто­расул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановасги бицана газеталъ гьа­булеб бугеб хIалтIулги гьелда цере чIарал кIвар бугел масъалабазулги хIакъалъулъ.

 

— Газеталъул аслияв цIалдолев вуго магIарул росулъ. Нижер бу­хьен кидаго букIана росабазулгун ва гIадамазулгун. Бокьун буго гьеб да­гьабги щула гьабизе. Гьеб мурадалъе гIоло цо-цо магIарул районазда тун руго газеталъул хасал мухбирзаби. Гьезул чIагояб хIалтIул кумекал­далъун ракIалда буго бухьен дагьаб­ги щула гьабизе. МагIарухълъидалха бугеб миллияб маданияталъулги, адабияталъулги, мацIалъулги гъан­сито.

 

 

Гьединго газеталъ кIвар кьолеб буго жидерго хасал мацIал ругел магIарул районазул фольклоралдеги. Гьеб бахъулеб буго газеталда.

 

Газеталда цIияб жолъун ккола шагIирзаби-юбиляразул ва классика­зул асаразе микь-микь ва ункъ-ункъ гьумер кьейги. Гьелъ кумек гьабизе буго магIарул мацIалъул учительза­базеги, — ян кIалъана ГI. ГIумаханов.

 

 

Газеталъ гьабулеб бугеб хIалтIул бицана газеталъул лъай кьеялъул от­делалъул редактор Кавсарат Сулей­мановалъги.

 

— Цебегоялдаса нахъе газеталъ тIоритIулел руго цIалдохъабазда гьоркьор батIи-батIиял тема­базда конкурсал. Исана, масала, тIобитIана «Рагъул соназул лъимал» абураб конкурс. Гьелъул хIасилалги гьарулел руго. Гьединал къецаз лъи­малазул гъира базабула миллияб маданиятги, адабиятги, гIадатал- гIамалалги лъазаризе. Конкурсал тIоритIизе байбихьараб заманалда, бергьарал цIалдохъабазе сайгъатал росизе кумек гьабулаан района­зул бутIруз. Гьедин, кIиго соналъ сайгъатал росизе кумек гьабун букIана Хунзахъ районалъ. ЛъикIаб букIинаан гьеб гIадат цIигьабуни, — ян бицана гьелъ.

 

 

Гьединго данделъиялда бицана росабазулгун бугеб бухьеналъул хIакъалъулъги. Масала, газеталъул редакциялде гIемер рачIуна роса­балъа гIадамал, рачIине санагIалъи ккечIел кIалъала. Бицуна жидер­го гIузрабазул. Нижецаги хIаракат бахъула гьезул щивасул къваригIел тIубазе. Щибаб газеталъул цо- цогIаги гьумералда бицинчIого толаро магIарул росабазул бугеб ахIвал-хIалалъулги магIарулазулги. Хъвадарухъабазулги рес буго жи­дерго асарал журналазда рахъизе, тIахьал риччазе. ЦIалдолесул гье­динаб рес букIунаро. Гьединлъидал гьев вохула, жиндирго макъала газе­талда батани.

 

Дагъистаналъул Хъвадарухъаба­зул союзалъул магIарул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас кIвар кьуна гьадинаб хIужаялде. Масала, хъвадарухъаби-классика­зул премиязе гIоло тIоритIулел тад­биразда жигараб гIахьаллъи гьа­бизе гьезул ракьцоял-районалъул бутIрузги. ЛъикIаб букIинаан гьез­ги, бергьаразе шапакъатал кьолелъ­улги, гьенибги лъикIабго гIахьаллъи гьабизе. Масала, «ХIакъикъат» газе­талъ гьабсагIаталда лъазабун буго МухIамад Шамхаловасул премиялъе конкурс. Щай бегьилареб гьениб гIахьаллъизе ЦIумада районалъул администрацияги!?

 

 

Гьединго МухIамадица бицана со­налдаса соналде гIодобе кколеб бу­геб подпискаялъул хIакъалъулъги:

 

— Нилъеца, магIарул мацIалда риччалел «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазги «ХIакъикъат» газеталъ­ги гьабулеб буго цохIо хIалтIи. Гьеб хIалтIул хIасил ккезе ккани, кидаго цадахъги рукIине ккола нилъ. Гье­динлъидал лъикIабги букIинаан, подпискаялъул заманалдаги, тадби­рал цадахъ тIоритIани. Щай бегьула­рел цадахъ гьоболлъухъ рилълъине магIарул росабалъе, гIодоблъиялда ругел магIарулал ругел районазде. Гьеб мехалда рес букIина подписка цIикIкIинеги, — ян абуна гьес.

 

 

Дагъистаналъул халкъияв шагIир КъурбанмухIамад МухIамадовасги баркала загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазе.

 

— Газета кидаго букIана щибаб магIарул рокъобе щолеб божараб гьудуллъунги гьоболлъунги. Гье­нисан лъалаан магIарулазда ждерго тарихги маданиятги. Гьеб цIалулаан гъираялда. Амма ахирал соназ гьеб хъвалезул къадар дагьлъулеб буго. Киналго социалиял гьиназде руссун руго. Бихьулеб буго газеталъулъ лъу­гьунел ругел лъикIал хис-басиялги, — абуна гьес.

 

 

Данделъиялде рачIараз цоги ну­халда хIалтIулъ чIахIиял хIасилалги бергьенлъабиги гьарана газеталъул хIалтIухъабазе.