Администрациялъул ишал

ШартIал ругони, гIадамал кирего гочунаро

 

Пачалихъалъул кверчIвай бугони, батIи-батIиял нигIматаздалъун
республикаго хьезабизе кIола росабазда

МагIарухъа гIатIиракьалде гIада­малги гочун, гIисинлъулел ругел нилъер росабазул, цо-цоялин абуни тIуранго чIунтун рукIиналъул хIа­къалъулъ нижеца цебеги хъван бу­кIана. Росаби цIуниялъул, гьенир гIадамазе гIумру гьабиялъе шартIал лъикIлъизариялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIи гIемерисеб бараб буго росабазул бегавулзабазул речIа-регIиялда, чIаголъиялда ва хIаракаталда. Росаби цIуни ккола нилъер тарих, умумузул лъикIал гIадатал, культура, махщел, гIумру гьабиялъул къагIида — къокъго абуни, нилъер хаслъи, мацI ва миллат цIуни. МагIарул хал­къа­лъул хадубккун букIинеселъе кIвар бугеб суал гьеб букIиналъ, «ХIа­къикъат» газеталъул редакциялъ кидагосеб кIвар кьола ва кьезеги буго гIагараб ракь цебетIезабиялъе бажарарабщинаб гьабулел росабазул ва районазул бутIрузул хIакъалъулъ хъвазе, гьезулгун гара-чIвариял гьаризе, гьез гьарурал пайдаял ишазул, гьаризе тIаде росарал хIалтIабазул хIакъалъулъ цIалдолезе бицине.
Жакъасеб гара-чIвари буго Хьаргаби районалъул чIахIиял росабазул цояблъун кколеб ГIаймаки росдал бегавул Мухтар ХIасанхIусеновасулгун.
— КIиго сон буго дуца росдае нухмалъи гьабулелдаса. Щиб нигатгун вачIарав мун росдал бегавуллъун, жамагIаталъул хIажалъаби лъа­лел рукIаралищ? Сунде кIвар кьураб, хъулухъалде вачIиндал?
— ГIагараб росдае, гIадамазе лъикI­лъи, гьезул гIумру, рукIа-рахъин це­бетIезабиялъе бажарарабщинаб гьа­­­бизеян, диего рагIиги кьун, лъун бу­­кIана дица кандидатура рищиязда. Росдал хIажалъабиги дида лъикI лъа­­ла. Школа лъугIун хадуб, росдал ма­гIишаталъул техникумалдаги цIа­лун, чанго соналъ хIалтIана Чапаевасул цIаралда букIараб колхозалда.
Бегавуллъун вачIун хадуб тIоцебе кIвар кьуна нухазде. Ункъабго рахъалде нухал рикьулеб мугIрузул аха­лъуда, танкелалда буго нижер росу. Росдал кваранаб рахъалдаса унеб нух буго Зуберха магIардасан Унсоколо районалъул ГьаракIунибехун, квегIисан — Лаваша районалде.
Росу къотIун уна Хьаргаби-ТIа­сажунгут нухги. ГIазу-цIад байдал, сверухъ ругел мугIруздаса росулъе ва росда аскIосан эхере унел иххаз хвезарула нухал. Гьединлъидал кверги берги кидаго нухазда хадуб букIуна. Росдал гIадамазул гIемерисеб магIишат, кулал, хурзал, харибакIал руго ТIадмагъилъ абулеб бакIалда. КIудияб квалквал букIана гьенибе бугеб нух чIун­тун, машина иналъе хIинкъи бугеб, санагIалъи гьечIеб букIиналъ. ГIатIидги гьа­бун, чанго километралъул манзилалда къачIана гьеб нух. Регьел хIалакарабго, ччукIарулеб бакIалда, нухлул рагIалда нусго метралъул халалъиялда гьабуна къедги.
Щуго километралъул халалъиялда тIибитIун бугеб росулъ жанирги къачIана нухал. Хасго хIал­къараб хIалалда букIана Хъарча-авалалдехун бугеб нух. ГIазу-цIад хIалакиндал, кIкIалахъан унел машинаби хIарщулъ къалаан. Къокъабго заманалда жаниб кьоги бан, гьеб суалги тIубазабуна. Къедги бан, сеткаги ккун, жанибе боцIи-панз инаредухъ, къачIана хобалги, гьаруна цогидал хIалтIабиги.
— ЦIибахъараб Хьаргаби-ТIаса­жун­гут нух рехун тун бугилан абуна. Лъил тIалабалда (балансалда) гьеб бугеб?
— 2013 соналда рагьана цебе анцI-анцI росабазул магIарулал лъа­рагIлъиялде хьвадулел рукIараб сухъмахънухккун гьабураб шагьранух. Нух гьабиялъе квербакъарав ХIамзат ХIамзатовасе аза-азар баркалаги буго. ХIисаб гьабе, цебе райцентралде, Хьаргабире, ниж хьваду­лаан Лавашисан. Райцентралдеги нахъеги машинаялда унаго тезе кко­лаан нусиялда къогогIан километр нухлул. ЦIияб нухдасан Хьаргабибе буго анцIила цо километр. ГIаймакибе щвезегIан нухда хъилги тIун буго. Хьаргаби-ТIасажунгут нух Дагъавтодоралъ балансалде босун гьечIо, гьелъ нухги кIвар кьечIого тун буго. Райцентралдаса росулъе бугеб нух нижецаго къачIазе ккола. Араб соналъул ахиралда тIубараб моцI ана ччукIунги, кьуру-къед ба­чIунги, чIунтизабураб гьеб нух къа­чIалаго.
— Аслияб магIишат, бе­тIер­бахъи сундасан бугеб гIай­мак­дерил? Ахирал соназда магIарул ро­саби мигьлъулел руго рахIатаб гIум­ру цIехон гIатIиракьалде гочунезул къадарги цIикIкIун. Нужехъ щиб хIал бугеб?
— МагIарда цураб бакI букIиналъ ахихъанлъи нижер росулъ гьечIо. Хьихьула гIи-боцIи. Гьанже гIемер бицунеб буго росабалъ хIалтIи гье­чIолъиялъул хIакъалъулъ. Росулъ чIарав чияс гьабе росдал магIишат – хьихье гIи-боцIи, жидерго бе­тIербахъиялъе гIологIаги рекье хурзабахъ тIоцебесеб хIажалъиялъул нигI­матал. Цебе ГIаймаки сверухълъиялдаго лъалаан, картошка, ламадур, хъабахъ лъикI бижулеб бакI хIисабалда. БитIараб бицани, гьел нигIматал гIезариялде кьолеб кIвар дагьлъун буго. Дир хIисабалда, ма­гIарухъ ракь хIалтIизабиялде пачалихъалъ кIвар кьуни, къватIиса бачIунеб нигIматалде росабазул гIа­дамал ккелароан. Мисалалъе, гIака хьихьарасе, гIи-хух хьихьарасе (гьебги бугеб-гьечIеб лъалареб) бетIер ри­кIкIун гIарац, субсидия кьолеб бу­го. Щай бегьулареб магIарухъ хIал­тIизабураб ракьул сотих бихьун, субсидия кьезе?
Гьеб мехалда гIицIго магIарул­лъиялъ хурул нигIматаздалъун хьезабилаан тIо­лаб­го республика.
Гьанибго абила, бича-хисиялда­лъу­н, даран-базаралдалъун бетIерба­хъи гьабулелги дагьал гьечIо. АнцIи­ла хадуб жалго бетIергьанаб тукен буго росулъ. Хъулухъ-ишалда гьечIевщинав чи шагьараздаги дармида гурищ ругел? Росулъ гIатIидаб рукъ-бакIги гьабун буго бича-хисулезе, къватIиса рачIаразе дармие санагIалъиялъе. Цо тайпа гIадамазул риидалил заманалда хIалтIизе къватIире уна, хаслихъе тIадги руссуна.
КIиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила, росулъе анцIго соналъ цебего бачун буго газ, хIалтIизе ва гIумру гьабизе бокьарасе росулъ гIурал шартIалги руго. Микьнусиялда кIикъоялда анцIго цIаракиялда гIумру гьабулеб буго лъабазаргогIан чияс. Росу тун къватIиб буго церего росулъа гочарал, цIали лъугIун махщалида рекъон шагьаразда чIаралги малъун гIага-шагарго лъаб­нусиде гIагарараб цIараки. Ас­лияб къагIидаялда гьез гIумру гьа­булеб буго, Буйнакскалда, Ма­хIач­­хъалаялда ва Каспийскалда. Рос­­далгун гьезул кидагосеб бухьенги буго. Щибаб къойил росулъа маршруталъул такси уна гьел шагьаразде, къасиялде тIадги руссуна.
Росулъа къватIире гIадамал гочин нижехъ гьечIо, гьелъул гIаксалда, росу кIодолъулеб ва цебетIолеб буго.
— Росулъ гIадлу-тадбир букIиналъе гIоло, законалда данде кколарел хIужаби ккунгутIиялъе гIоло лъида мугъчIвай гьабулеб росдал бегавулас?
— Гьеб рахъалъ цIикIкIараб асар буго Херазул советалъул, гьелъул председатель Сагитов ГIабдулагьил. Гьелгун ва росдал мажгиталъул советалъул председательгун, мажгиталъул имамгун дандбала гьаризе ругел хIалтIаби, росулъ тIоритIулелщинал кинал рукIаниги тадбирал.
Росдал советалъул депутаталги дунгоги щола школалде, цогидал социалиял идарабазде, гьабула хIажатаб кумек. КIочон толаро хе­рал, бецал, унтарал, ригь арал гIа­дамалги, хIаракат бахъула гьезул му­радал тIуразе.
— Хадурккун гьаризе хIисабалде росарал хIалтIаби кинал ругел?
— Аллагьас квербакъани, гьел гIе­мер руго. Рехселин цо-цоял. Дунял хин­лъарабго байбихьизе буго гъоркьиса кьучI лъураб спортивияб зал базе, ухIладерил рохьосан, лъабго километргIан манзилалъ рогIралги лъун, росулъе бачине буго лъим. Ресал ралагьулел руго нусиялда къого лъимадуе бакI бугеб ясли-ахалъе ва участкаялъулаб больницаялъе цIиял минаби разе. Росулъе ток бачарал хIубал басралъун, бакI-бакIаздасан ту­рун руго. Гьеб суалгун гьал къоязда дун ун вукIана «Дагъэнергоялъул» нухмалъулев ГьитIиновасовасухъе. Бу­геб хIакъикъат гьесда бицана ва бичIчIизабуна. Хьул буго исана гьеб хIалтIи рагIалде бахъиналдеги.
Пайзула Пайзулаев