Пособие щвезе ккани…

Эбелалъулаб капиталалъул болжал цIикIкIинабуна

 

2018 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе хIалтIизе байбихьана 2006 соналъул 29 декабралда къабул гьабун букIараб «Лъимал ругел хъизамазе пачалихъияб кумек гьабиялда бан, тIадеги тадбирал гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб №256 федералияб законалда гьарурал хиса-басиял.
Эбелалъулаб капитал кьезе буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегIан кIиабилеб ва хадусеб лъимер гьабураб (яги бесдалазул рокъоса бачараб) хъизамалъе. Гьелъие ихтияр кьолеб сертификат кьеян хитIаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалъул бакIалъулаб отделениялде.
2018 соналда эбелалъулаб капиталалъул багьа бащалъана 453026 гъуршида. Гьеб хIалтIизабизе бегьула мина-рукъалъул шартIал лъикIлъизариялъеги, лъимадуе лъай кьеялъеги, эбелалъул пенсиялъул бутIаялъеги (накопительная часть), сакъатал лъималазе хIажатаб къайи босиялъеги.
2017 соналъул 28 декабралда къабул гьабуна «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцIалъ кьолеб гIарцул хIакъалъулъ» абураб №418 федералияб закон. Гьеб къуваталде лъугьараблъун рикIкIуна 2018 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. Гьелда рекъон, кIиабилеб лъимер гьабураб яги бесдалазул рокъоса лъимер бачараб ва эбелалъулаб капитал щвезе ихтияр кьолеб сертификат бугел хъизамазе щибаб моцIалъ кьезе буго пособие. Амма гьеб киназего гуро кьезе бугеб. Пособие щвезе буго, хIалтIун бажарулел гIадамазе моцIрое гIолеб гIарцул хIисабги гьабун, гьелдаса 1,5 нухалъ дагьаб бугони хъизамалъул щибаб рухIалъе моцIрое щолеб хайир. Масала, 2017 соналъул кIиабилеб кварталалда хIалтIизе бажарулел гIадамазе гIолеб къадарлъун Дагъистаналда чIезабуна 9922 гъуруш. Гьеб гьабуна 2017 соналъул 14 августалда ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабураб «2017 соналъул II кварталалда Дагъистан Республикаялда щивав чиясулги социалиялгун демографиял группабазулги хIисаб гьабун, гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищун гьитIинаб къадар чIезабиялъул хIакъалъулъ» абураб №174 хIукмуялда рекъон. Гьелда рекъон, лъималазул пособие кьеян хитIаб гьабизе ихтияр буго моцIрое хъизамалъул щибаб рухIалъе 14883 гъуруш гурони щоларезул.
Гьелде тIадеги, «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцIалъ кьолеб гIарцул хIакъалъулъ» абураб №418 федералияб законалда рекъон, щибаб моцIалъ пособие кьезе буго тIоцебесеб лъимер гьабурай (хьихьизе бачарай) эбелалъе, яги инсуе, ялъуни лъимадул тIалаб гьабулесе, нагагь эбел, эмен (хьихьизе рачарав) хвани, гьел эбел-инсул ихтияралдаса махIрум гьаруни, ялъуни хьихьизе бачараблъун рикIкIунеб гьечIони.
ТIоцебесеб яги кIиабилеб лъимер гьабиялда (хьихьизе бачиналда) бан, пособие кьеян хитIаб гьабизе бегьула МФЦялде яги гIумру гьабулеб бакIалъул социалияб рахъалъ цIуниялъул управлениялде. Эбелалъулаб капиталалдаса щибаб моцIалъ, ай бутIабазде бикьун, гIарац кьеян хитIаб гьабизе бегьула МФЦялде яги РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб идараялде. Гьебги гьабизе бегьула лъимер гьабуралдаса (хьихьизе бачаралдаса) лъагIелгун бащдаб базегIан заманалда жаниб.
ТIоцебесеб яги кIиабилеб лъимер гьабуралдаса анлъго моцI базегIан, МФЦялде яги социалияб рахъалъ цIуниялъул идараялде пособие чIезабеян гIарза кьураб мехалда, пособие кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдаса нахъе. Нагагь гIарза хъвазе анлъго моцIидасаги кватIани, пособие кьола гIарза кьураб къоялдаса нахъе.
Щибаб моцIрол пособие чIезабула цо лъагIалие. Гьелдаса хадуб цIидасан гIарза хъвазе ккола пособие босизе гIоло. Гьеб гIарзаялда цадахъ рукIине ккола гьал хадур рехсарал документалги:
— лъимер гьаби (хьихьизе бачин) тасдикъ гьабулеб документ;
— лъимерги гьесул эбелги Россиялъул гражданал кколеллъи тасдикъ гьарулел документал;
— лъимадул эбел хварайлъи, эбелалъул ихтияралдаса махIрум гьаюрайлъи, хьихьизе бачараб лъимер нахъе кьураблъи чIезабулел документал;
— ригьин биххараблъи тасдикъ гьабулеб документ;
— хъизамалъе щолеб хайиралъул хIакъалъулъ баянал;
— эмен рагъулаб хъулухъалда вукIин тасдикъ гьабулеб рагъулаб комиссариаталдаса справка;
— банкалда рагьараб счеталъул реквизитал.
Щибаб моцIрол пособие кьоларо, пачалихъалъ хьихьулел лъимал ругелги, эбел-инсул ихтияраздаса тIубанго яги пуланаб заманалъ махIрум гьаруралги гражданазе. Пособие битIула Россиялъул банкалда рагьараб счеталде.
Лъималазул пособие чIезабиялда бан суалал ратани, гражданаз хитIаб гьабизе бегьула Дагъистан Республикаялда бугеб Инсанасул ихтияраздасан жавабияв вакиласул аппараталде.