Турциялъул магIарулазул гъасда накъитал

(Цебесеб 25-аб. номералда)

«ГьечIо дунялалда Кавказалъул­гIан берцинал гIадамал. Нагагь ра­тани, гьелги нилъераздаса лъугьарал наслаби ратила». Гьадинал пикрабалъ йикIана дун Турциялъул тахшагьаралда, дир гьудулзабазул рокъоре ракIарарал магIарулазул наслуялъухъги балагьун. Аваданал, чIурканал, рагьарал гьурмазул, тарихияб ватIан биларал нилъер миллатцоял!

Гьеб къоялъ ракIалде щвана, церегIанго соназ, рикIкIадаб магIарул росулъ дицаго бараб гьоболлъи. Нилъехъе гьобол ячIун йигин абун рукъалъул бетIергьабаз гIага-божаразухъе битIулеб ругьел, дир хIурматалда данделъарал руччабигун ясал, гьезул аваданлъи, хIурмат.
ГIажаиблъи, Дагъистаналдагицин лъугIун унеб гьеб гIадат, гIасраби свераниги жеги цIунун буго, чияр ракьалда гIолел аваразул наслабазулъ. Нилъеда бичIчIизе захIматаб гIажаибаб хIасрат, хIурмат буго гьезул Дагъистаналдехун, чIухIигун цIунун буго гьез ракIазулъ умумузул ракьалде рокьи, рикIкIунебги буго жал магIарулал ругин.
(Гьанир цIидасанги ракIалде щвезарила дун рещтIараб рукъа­лъул хва­жаинзаби: Яшар — Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгIияб гIу­цIиялъул цевехъан, Турциялда ругел дагъистаниязул бухьен щулалъизабиялъе хIаракат бахъулев, Ингишосагун ГIандиса умумузул вас. Асият- гьесул лъади, Бакуя­лъул университеталда филология­лъул лъай­ги босун, гьенибго гIелмияб хIал­­тIи цIунарай Къабакъчолиса ма­гIа­рулай. Нилъер гIемерисезда гьей лъала мацIазул гIалимчIужу Асият ТIинаева хIисабалда).
Яшарил авалалда данделъаразул батIа-батIаго бицун хIалкIвеларо. Гьезда гьоркьоса бищунго цIи­кIкIа­раб ригьалъул, Оксфордалъул университет лъугIарай, гIумруго му­гIа­лимлъиялда арай, лъабкъоялда анцIилъе яхуней Шукран-адал бицен гьабун тела гьаб нухалъ.

ЖамгIиял гьиназги гьаруна гIагар

Шукранилгун дир лъай-хъвай кка­на 6-7 соналъ цебе Фейсбукал­дасан. «Мун ПатIимат югищ? Дун Шукран югу. Дир эбелги ма­гIа­рулай, ПатIимат юкIана» — бек-бе­караб магIарул мацIалда ригь арай гIаданалъул, цебеккун лъалареб букIараб гьаракь рагIана телефоналъуб. Щокъроб магIу къараб гIадин, хIалкъан кIалъалаан тIоцее дида гьей. Хадурккун ниж латиналъул хIарпал хIалтIизарун хъвадарулаан цоцазухъе. Анкьида жаниб цо нухалъниги ахIунги бачIунаан «ПатIимат, бегьулищ дун кIалъазе духъе мех-мехалъ? Дир ракIалъе лъикI буго мунгун кIалъалаго», — янги абулаго.
Къойилго гIадин мессенджералдасан кIалъалаан гьей дихъе. Бицунаан жиндирго кIудияй эбелалъул, имгIалзабазул, Дагъистаналдехун гьезул букIараб хIасраталъул, Турциялда щущан бугеб гIагарлъиялъул. Амма гьелда лъалеб гьечIоан эбел ПатIиматил умумул Дагъистана­лъул щиб росулъа рукIаралали. «Дир эбелалъул эбел ШугIайнатица абулаан Шамил имамасул тухума­лъулгун жидер гIагарлъи букIанилан. КIо­доэбелалъул гьеб бицен гьитIинаб мехалдаса нахъе кIоченчIо дида. МагIарул мацIги дида кIудияй эбелалдасан лъана. Эбелалъул вацаз рокъоб турк мацI бицине толароан нижеда. Амма дир лъималазда лъаларо нилъер мацI».
Шукраница бицана эмен ва рос туркал рукIанилан. Амма гьелъ жийго магIарулайлъун рикIкIуней йиго.
«Дургун лъай-хъвай ккаралдаса нахъе гIемерал магIарул рагIаби ракIалде щвана, саламатго кIалъазе бажарулеб буго», — ян абулаан гьелъ дида. Дагъистан бихьизе ячIаян гьоболлъухъ ахIулей йикIана дица гьей. Гьеб мехалъ Шукраница бицана жиндир захIматаб унти бугин, мадар лъугьани ячIинин.
«Мун цо эбелалъ гьаюрайгIанги дир эбелалда релълъарай йиго, ни­лъер гIагарлъи батичIого рес гье­чIо. ЧIаго эбел йихьарай гIадин йо­ххила дун мун йихьани», — ян абу­лаан шакърахунаго Шукрани­ца. ГIажаибаб хIасрат букIана гье­­лъул дун йихьизе. Хехго эбела­лъул ками лъарай, хIурматияб ригьалде рахарал гIадамал къиматай диеги къойил рагIулеб гьелъул гьаракь гIагараблъун лъугьана. Нагагь дица жаваб кьечIони, хъван битIун батулаан: «Дир яс, мун кин юго? ЛъикI юги? Дур ургъел буго дие, цо кIалъай», — абун. Нилъеда баян кьун бажарулареб хинлъиялъ гIагар гьарула нилъ гIумруялда лъикIал гIадамалгун. Гьеб Аллагьасул хIикмат батила. Шукранил ва цогидал гьудулзабазул ахIиги къабул гьабун бухьараб сапарги букIана гьеб.

Анкараялъул бакьулъ
аваразул годекIан

Сордоялъ нухдаги рукIун свакан ругониги, Анкараялде щвараб къоялъго ана ниж Шукранихъе. ГIе­мераб мехалъ цоцахъ урхъарал эбел-ясалъул гIадаб, рохелги магIуги жу­бараб, кIочонареб дандчIвай бу­кIана гьеб. «ПатIимат, жакъа къо щве­зегIан дир лъабго яс йикIана, жа­къаялдаса нахъе ункъо ясалъул эбел йиго дун. Мун дир бищун кIудияй яслъун лъазаюлей йиго дица. Турциялда гIадат буго лъимал гьарураб мехалъ гIагарлъиялъ гьезие месед сай­гъат гьабулеб», — инги абун, жиндирго гарбидаса бахъун меседил рахас бана Шукраница дида. – Дирго ясаз гьаюраб къоялде сайгъатлъун кьун букIана гьаб, дица бищунго кIудияй дуе кьела.
Амма цо гIунгутIи букIана Шукран-адал рокъоб нижер данд­чIвая­лъул — авар мацI чиярал цIиял яцазда бичIчIулеб мацI бицине дидаго лъангутIи.
Анкараялда рогьараб кIиабилеб къоялъ Асиятил гъасда цIакъ ракI гъураб горсвери лъугьана нижер.
— Аваразул бихьинал, кир гIуниги, къапарал рукIунел ратила. Амма Дагъистаналда ва Азербайжаналда ругезда данде ккуни, Турциялда гIурал магIарул васал руччабазе хIурматалъе цIакъалха ругел, — ин абуна, елъулаго росас хIадурарал кванил нигIматалги остолалда тIи­ри­тIулаго Асиятица. — Дир махсаро гуро, ПатIимат, Яшар цIакъав вуго квен гьабизе. Гьалбал цIикIкIун ругони, гьес кидаго кумек гьабула дие.
Жалго цоцазда рихьиялдаса рохел, цохIо шагьаралда гIумру гьабун ругониги, цереккун лъаларезулгун цIиял лъай-хъваял ккеялдаса разилъи загьир гьабулеб букIана данделъараз. Байбихьуда лъарас лъараб бицун магIарул мацIалъ кIалъалел рукIана, хадуб хабар чваххана гьезие ругьунаб турк мацIалда. «Дагъистан, имам Шамил, Муш, Ялова Гуней, Мараш». Гьал рагIаби такрарлъиялъ бичIчIулеб букIана гьезул щивас Дагъистаналдаса гочун рачIарал жидерго умумузул, гьез чIей гьабурал вилаятазул бицунеб букIин. Гьениб дида ракIалде щвана Яловаялда, Барласил рокъоб Жагьидица бицараб гьединабго ахIвал-хIал: «Цо чанго соналъ цеве Гъизилюрталде щун вукIана дун. Дие салам кьезе рачIарал нилъерго гIолохъаби рукIана данделъун. Бицунеб мацIги нилъерго букIинарищха. Цо заманалдаса дида бичIчIулареб гIурус мацI хъуризе лъугьана киналго. «Ле, гIолохъаби, дунгиха гьанив вугев, дие нужер гIурус мацI къваригIун гьечIоха, ле!» Гьеб мехалъ рекIеда ратун, цIидасан нилъерабго бицине журана. Гьедин билун унеб буго мацI гьанибги добаги батIалъи гьечIого».
Жагьидица гIадин кьваризаби­чIо­ниги, Асиятицаги недегьго рекIеда ратизарулаан жиндирго гьалбал мех-мехалъ.
ХIалицаго йилълъанхъулей Шукран-ада кIиабилеб къоялъги йихьизе дир хьул букIинчIо.
— Гьале, ПатIимат, дур цоги яц, — инги абун, тIоцебесеб къоялъ дида йихьичIей жиндирго кIудияй ясалъулгун дир лъай-хъвай гьабулаго, Шукран-адаца абуна:
— Гьай цIакъ рикIкIадаса ячIун йиго дуда къочизе. Мунги жеги ри­кIкIадаб нухги тун ячIун йигелъул дихъе.
Гьелъ киназдаго бицунеб букIана сон лъазабунин дица ПатIимат дир кIудияй яс йигин. Гьалъул эбелги рукъги Анкараялдаги бугин гьанжейилан.
-Жакъа магIарулал данделъараб къо — дун цIакъ йоххараб къо буго. Дур баракаталъ ракIарана ниж. Гьадинал дандчIваял Анкараялда гIемер рукIунароан цере, — ян абуна, горсвери буцIцIун гIодор чIедал, Шукран-адаца. — Дида бицен рагIун букIана Яшарица гьаниб кавказалъулазулгун бухьен щулалъиялъе гIемер хIаракат бахъулеб бугилан. Дир ракI рекъана гьев васасда. ЦIикIкIарал цереса индал, рикIкIалъулел руго нилъ. Дир гIелалдагицин дагь-дагь­ккун кIочонеб буго магIарул мацI. КIа­лъазе чи щоларогогиха гьеб кIо­чонеб бугеб. Гьанир нижер умумул хвана гIащикъго Дагъистаналъулги бицунаго. ГьитIинаб мехалъ нижеда цо хIикматаб маргьудал улкалъун цебечIолаан Да­гъистан. Нижер гIолохъанлъиялъул заманги захIматаб букIана, умумузул ракьалъулгун бухьен гьабизе нагагьги чиясе рес букIинчIо. Гьанже гIорхъаби рагьун руго, интернета­лъулги кIудияб кумек буго, лъалеб буго Дагъистаналда бугеб ахIал-хIал. РачIине рес ккечIониги, умумузул ракьалъул суратал, видео бихьизе рес буго. Гьединго, дагъистанияздаги лъалеб буго жидер би жубарал наслаби Турциялда рукIин.

Цидулгун гени кванаге

— Шукран-ада, гьанир ругел дагъистаниязде щиб бербалагьи букIунеб турказул? — ин гьикъана дица гьелда.
— Цогидал миллатазда данде­ккун, нилъ гьазие рокьула, хIурмат гьабула. Гьазие курдал рокьуларо. Гьазда лъала Кавказалъул халкъа

зул ракIазулъ къвакIи, пахрулъи букIунеблъи, хIалихьатаб ишалда гьоркьоре нилъ лъугьунареблъи. Курдал цIакъ гIемерлъун руго гьанир, хIалихьатаб жо гIемер гьабула гьез.
— ПатIимат, дир яс, дуе суал кьезе бегьилищ? — ин абуна Шукран-адаца жиндирго жавабги гьоркьоб къотIизабун. — ГIурусаз къварид гьарулел ругищ дагъистаниял? Нужее хIалтIи, гIумру-яшавалъе гIураб мухь кьолищ гьез?
Кин жаваб гьабилебали лъаларого хутIана дун байбихьуда. Нилъ гIурусазул лагълъуда ругеб гIадаб пикру дандчIвана гьениб чангоязул. ХIухьелккун дир жавабалъухъ балагьун рукIана киналго данделъарал. ГIурусазул кверщаликь гьечIинги кин дагIба балеб, ругинги кин тасдикъ гьабилеб?
— ХIалтIуларев кивго кваналарелъул, Шукран-ада, лъикI цIаларав, кIвахI тун магIишат гьабурав чиясул яшав гIемерго лъикI буго Дагъис­таналда. Кваникъав, ратIликъав, рукъзал гьечIого къватIив хутIарав чиги вугин абизе кIоларо. Нилъер гIадамал цоцазе кумекалъе цIакъал руго. МагIарухъги росаби цIилъулел руго, дин гьабизе, бокьараб лъай босизе квалквал гьечIо, миллиял мацIал цIунун руго.
— Кин бугониги, Россия къуватаб улка буго. Бицунеб жоялъухъ балагьун гьев Путин рекIее гIуна дие. РагIуда данде ккараб гIамал гьабулеб батаниха.
Турция Россиягун ракълида бу­кIин бугоан Шукранил мурад. Гье­лъие рекIее гIолеб гьечIоан Америкаялъул политика.
— Мунагьал чураяй дир кIодо­эбелалъ абулаан «Цидулгун гени кванаге, генул магъ щокъроб къала», — ян. Ци гIадаб Америкагун рекъон хIалтIулеб бугони, чанги ракьа щокъроб къазе буго Турциялдаги.
Къо рукIкIунеб гIужалъ биххана нижер годекIан. Гьенир жидерго гьитIичалгун рукIана гIолохъанал улбул, гIумрудул завалалде рахарал руччаби, магIарулазулгун би жубарал гъалгъаял, асатIинал, кабардинал. Ниж ратIалъулел рукIана разиго, цIидасан рихьизе къотIи-къайги гьабулаго.