ГIедегIун кIетIана дур рекIел сагIат

ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвеялъе

 

3 июлалда нилъедаса ватIалъана ГIабдулманап НурмухIамадов. Гьев щив ва щиб пишаялъул чи вукIаравали газета цIалулезда бицинчIониги лъала. Гьесул вас ХIабибица цоялда хадур цоял машгьурал бергьенлъаби росун хадуб, цадахъго тIибитIана ГIабдулманапил цIарги нилъер пача- лихъалда ва улка бахун къватIибехун. Дунялалъул 18 чемпион хIадур гьавурав чи хIисабалда, гьесул цIар босун буго Россиялъул Гиннессил тIехьалдеги. Апрелалъул ахирада гIадин, ГIабдулманап НурмухIамадовги коронавирусалъ унтун вугин рагIараб кьогIаб хабаралъ гIемерав чиясул рахIат хвезабуна. Социалиял гьиназда къо гьоркьоб бахъун гьесие мадар лъугьагиян дугIа-алхIамалда букIана бащдаб Дагъистан. 

ХIакъикъаталдаги гьесие мадар лъугьун бугин абураб хабарги бачIун букIана дагьаб цебегIан къватIибе. Амма гIемер къоялго ралелде щвана гьев къанщун вугилан пашма- наб ругьелги. ЦIакъ гIемерав чиясул ракIхвана гьеб хабаралъ: цоцада зигара балел, ГIабдулманапил лъикIлъаби рехсолел рукIана магIарулал гьаб анкьица. «Кутакалда гIадамасул адаб бугев, иманги гIамалги берцинав чи вукIана мунагьал чурад», — илан абулеб буго киназго цо кIалдиса гIадин.

Нижер пикру ккана ГIабдулманап лъалев вукIарал, гьевгун цадахъ чанги гIодорчIарал гIадамаз, гьесул гьудулзабаз рицарал ракIалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.

 

ГьитIинго балугълъана 

ЦIумада районалъул Силдиса МухIамад ТIалхIатов, ГIабдул­ манапил гIагарав чи: «ГIабдулманап, мунагьал чурад, дида лъалаан гьавураб мехалдасаго. Амма цогидазул гIадаб гIадатияб лъимерлъи гьесул букIинчIилан абизе бокьун буго дие. Щайгурелъул гьев вукIана гьитIинго кIудияв гIурав чи. Цогидал лъимал гIадин, расандабазде, рекIелгъеязде вуссун гьев киданиги вукIун ватиларо, гьелъие гьесул заманги букIинчIо. 

Щайгурелъул школалда цIалиги, гьелдаса хадуб эбел-инсуе гьабулеб кумекги, хадув жиндаго тIад хIалтIиги — бикьун букIунаан гьес заман. Цо батIияб тIабигIаталъул вас вукIана гьев гьитIинаб мехалъго. ЦохIо ГIабдулманап гуревги, жеги лъабго васги рукIиндалха гьезул хъизамалда, амма ГIабдулманап цо лъиданиги релълъинчIев, цо бахилаб гIамал-хасияталъул инсан вукIана, гьединавлъун хутIана дие гьев чан сон аниги.

Армиялде инелде цебе байбихьана гьес росдал гIисинал гIолохъаби спорталъе куцазе. КиналгIаги шартIал гьечIеб, гъоркь тIамизе сахаб ургуцин гьечIеб спортзалалде ракIарулаан гьес лъимал. РакIаризеги, живго хадув рокъовеги ун рачун рачIунаан. Гьединаб инсулаб тIалабги, цадахъго кьвариги букIана гьесул гIун рачIунел гIолохъабаздехун. Гьелъ росдаего кIодолъана гьев. Гьединабго рокьи букIана гьесул диналдехунги. Паризаялин, суннаталин какал ратIа гьаричIого, гьел гIужда разе хIаракат бугев чи вукIана мунагьал чурад. Кутакалда иман щулияв, гIадатияв чи вукIана гьев. ЦохIо ХIабиб гуревги, жеги кIигоги вас вуго гьесул, гьев лъабавго васасулъ жиндирго бугеб тIабигIат куцазе бажарана гьесухъа, гьеб кIудияб даража буго инсанасул. Гьев гIемер вачIунаан дир рокъовеги. Кироваулалда дир рукъалда аскIоб буго рузман балеб кIудияб мажгит. Кидаго рузманалдаса хадур ниж кIиялго дир рукъалъул азбаралъуб бугеб тIадхъваликь гIодор чIолаан хабар-кIалалда. Гьесул гьабизе ракIалда бугебщинаб жо букIунаан росдае, жамагIаталъе гIоло киридахъ гьабизе ният ккараб. Жиндирго рукъалъе гьединаб жигарги хIаракатги гьесул букIун батиларин кколаан дида ракIалде. Нижер Кироваулалда 30 км. батила гьес хъил тIун къачIарал нухазул. Гьединго гIагараб Силди росулъ гьес рагьана киналго санагIалъабиги ругеб гьанже заманалъул спортивияб комплекс. Жеги чIахIиял планалги хьулалги рукIана мунагьал чурадил. Гьанже ХIабибица абуна инсуда ракIалда рукIарал киналго мурадал жиндица гIумруялде рахъине гьарилин, Бичас биччани. Аллагьас тавпикъ кьеги гьесие. ГIабдулманапги Аллагьас Алжан кьун вохизавун ватаги», — ян ракIалде щвезавуна МухIамад ТIалхIатовас ГIабдулманап.

 

Машгьурлъи щваниги, живго хисичIев

МухIамад БисавгIалиев, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор: «Диргун ГIабдулманапил тIоцебе лъай-хъвай ккана 2012 соналъ. Фейсбукалъул гьурмазда нижерго тIомуразул, некIсияб Журмуталъул биценал, тарихиялгун этнографиялъул хъвай-хъвагIаял дица лъезе байбихьараб заман букIана гьеб. ГIабдулманап вукIана кутакалда магIаруллъи бокьулев чи. МагIарулазул гIадат-гIамал, халкъиял кIалзул гьунарал, нилъер маданият цIакъ хирияв чи вукIана гьев. Живго спорталъул вакил вугониги, гъваридаб миллияб бичIчIи бугев чи вукIана. Гьедин тIоцебе виртуалияб куцалда лъай-хъвай ккана нижер. Гьелдаса гIемер мех инелде гьес ахIун бачIана Сулейман Стальскиясул къотIноб дудаса гIемер рикIкIад гьечIого бугеб жиндир офисалде вачIине рес гьечIищин дур, чайги гьекъезе, хабар-кIалги бицине. Гьениб бицана гьес мухIканго, хъанда шаригIаталъул заманалда жиндирго умумул Ставрополь краялде гочинариялъул, эбел-эменги хун, гьитIинав вас цо эрмениязул хъизамалъ вичун восиялъул ва гьесул хадусеб къисматалъул хIакъалъулъ. ТIабигIаталъго кьураб къвакIараб, щулияб къуват бугев чи лъугьуна гьев васасул. Цо-цоккун гьес жиндирго кьерилал рухулел рукIин бихьарабго, цо эрменияс хIехьезе кIвечIого, абула гьесда: «Мун эрменияв гуро, къватIиса лъутун вачIарав чи вуго», — ян. Гьеб рогьо хIехьезе кIвечIого, живго хьихьарав инсуда гьикъула гьес: «Дун щив ва мунги щив кколев, кин дун духъе ккарав», — абун. Гьев херав эрмениясги бахчичIого бицуна дур умумул Дагъистаналдаса кколин, къисматалъ гьел чияр ракьалде кканин, гьел хведал мунги жидеца вачанин хьихьизе абун. Гьеб хIакъикъат лъарабго гьениса Гуржиялде ун, хадув ЦIунтIе вачIун, ЦIунтIаса Силдиве щун жиндирго кIудияв эменги, кIудияв инсул вацги ватула гьесда ва гьенийго чIужуги ячун яшав гьабизе байбихьула. Гьесдасан лъугьараб наслу кколеб буго ГIабдулманапил. Гьесул эбелалъул рахъалдаса наслу наибзабазул тухумалъул чагIиги жанир рахъараб, къадруяб наслу буго, гьезул тарихчагIаз бицухъе. Нижер лъикIаб гьоркьоблъи букIана ахирал соназда. ГIемерав щолаан гьесухъе хIалтIудеги, гьев вачIунаан дихъе рокъовеги, цо-цо чайкаби кваназаризе ралъдахъеги хьвадулаан. Гьедин цоцаздехун хIажалъи цIикIкIараб гьоркьоблъи букIана нижер. Жакъа гьесул вас ХIабиб вугин абизе бегьула Кавказалда бищун машгьурав чилъун. Амма ГIабдулманапил гIакълу гIуна, кигIан кIудияб машгьурлъигун цIар-рецц, хIатталдаса ун гIемераб гIарац васасе щваниги, гьелъ жиндирго бетIер сверичIого хутIизе. ЦIакъ гIадатияв чи вукIана гьев. Гъваридав, сабурав, тIаде вачIарав чиясухъ гIенеккулев, гьесул хIажалъи тIубазе хIаракат бахъулев. ХIабиб чемпионлъун вахъун хадуб щвараб машгьурлъиялдаса хадусевги, гьелдаса цеве вукIарав ГIабдулманапидаги гьоркьоб дида батIалъи батичIо, гьев хисичIо. Гьев вукIана иманги щулияв, гIакълуги камилав, гIадамалги рокьулев, тарихги бичIчIулев, пикруги бугев инсан. Аллагьас иманалда тIовитIун, ахират лъикIаб щун, вохизавун ватаги БетIергьанас гьев. Нахъе ругезе халатаб гIумруги, рекIее сабруги кьеги. Амин».

 

Чемпионазул къебелъи куцарав

МухIамадгIарип Къадиев, рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпион МухIамад МухIамадовасул эмен:

«2001 сон букIана. Автодорожнияб техникумалда бугеб кикбоксингалъул залалде хьвадулев вас вачIана рокъове, (гьебго соналъ гьев вахъун вукIана кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъун) жив батIияб клубалде инехъин вугилан. 

Щиб батIияб клубгIаги гьеб, щай мун эниве уневин гьикъидал, рагъулаб самбоялъул цIияб клуб рагьун бугин, эниве хьвадизе бокьун бугин жиндиеян бицана гьес. Щив элъул тренерин цIехедал, ГIабдулманапин жаваб кьуна васас. «Щибха гьабилеб дуе бокьун батани», — ян, дунги батIаго тIад вахъинчIо. Васас байбихьана цIияб спортивияб клубалде хьвадизе. Цо къоялъ дунго щвана гьениве, ккана ГIабдулманапилгун лъай-хъвай. ТIоцеве вихьараб мехалъго гьес дие гьабураб асар дида гьаниб тIубан рагIа-ракьанде щун бицун бажариларо. ЦIакъ гIадатияв, сабурав, иман бугев чи гьев ватаравго, унголъунги гьадинал чагIиги рукIунел ругин дунялалдаян, вохизе бачIана. ГIолохъабаздехун гьесул букIана хинаб бербалагьи. Вега-вахъунги спортзалалдаго вукIунаан гьев. 2002 соналъ дир вас вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ республикаялъул чемпионлъун. КIиго соналдасан гьевги, Шамил Завуровги, жеги чанго гIолохъанчиги рахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. МахIачхъалаялда тIобитIун букIана гьеб кIудияб тадбир. Гьел кIиялго ккола ГIабдулманапица хIадур гьарурал тIоцересел чемпионазул цоял. Жин- ца ругьун гьарулел гIолохъабаздехун инсулаб тIалаб букIунаан гьесул. Тренировка лъугIун хадуб, гьел рокъоре эбел-инсуда аскIоре щун ругищали лъазабулаан гьес, щивасул рокъобеги ахIун. Доб мехалъ спортивиял турнирал тIоритIизе кIудиял ресал рукIунароан республикаялъул Спорталъул министерствоялъул. Гьединлъидал ГIабдулманапица жиндирго кисиниса гIарацги кьун кумек гьабулаан гIолохъабазе къецазда гIахьаллъизе. Гьединав, гIаданлъиги иманги цIикIкIарав чи вукIана ГIабдулманап. Щиб гьабилеб, ворчIичIо гьев гIажалалдаса, Алжан кьун вохизавун ватаги Аллагьас».

 

«Кумекни кIваричIо, квалквалгIаги гьабуге»

МухIамад ХIайбулаев, педагогикиял гIелмабазул кандидат:

«ГIабдулманапилги дирги лъай-хъвай ккана 40 соналъ цебе, гьев Кироваулалда совхозалъул председательлъун хIалтIулел сонал рукIана гьел. Хадуб совхозал риххараб, ракьалги гьасухъе-досухъе рикьизе байбихьараб мехалъ, цоцазулгун гьоркьоблъи хвезе байбихьана гIадамазул. Дора Россиялде гочун арал гIадамазулги ратулаан гьанир-дора хъвай-хъвагIай гьабурал совхо- залъул рукIарал ракьал. 

Гьеб сабаблъун гIемерав судазде хьвадизе ккана ГIабдулманап. Гьесул гьудул вукIана лъикIав адвокат, гьес кумек гьабун, кидаго бергьинеги бергьунаан гьев судазда. ЦIакъ чIалгIунги букIана ГIабдулманапида гьеб гизма. Цо къоялъ абуна дица гьесда щайин дуе гьаб кинабго гIала-гъважа, кидаллъагIанин мун гьазулгун дагIба-рагIиялда вукIинев, шагьаралде щай мун вахъунаревилан. Дида ракIалде ккун букIана хъизангун цадахъ вачIинин гьевилан, амма лъицаниги гьабулареб гIадаб жо гьабуна гьес. Живго инеги ун, 11 гIолилавги вакIарун гьел куцазе байбихьана. Доб мехалъ колледжалъул директорги вукIун, нижерго спортзал кьуна дица гьесухъе. Гьес хIадур гьарурал 11-ясул щугояв вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. Хадуб гьесул хIаракаталдалъун дунялалъул чемпионат тIобитIана МахIачхъалаялдаги. 

ГIемерав чи дандечIунги вукIана гьесда. РакIалда буго, доб мехалъ спорталъул министрлъун вукIарав ШагьгIабас Шагьовасда гьес абуна дур кумекги къваригIун гьечIин, гIарацги хIажалъиларин, квалквал гьабичIониги тейилан. Амма толеб букIинчIо гьесие рахIат гьез. Республикаялда цебе ккураб спорт, эркенаб гугариги букIун, гьебги нахъегIан цун, рагъулаб самбоялъе гьединаб тIадегIанаб даража щвей рекIее гIун букIинчIо гьезие. 

Амма ГIабдулманапица течIо гьеб рагIалде бахъинабичIого. Гьев вукIана кIвахI гьечIеб, къвакIараб хасияталъул, щулияб пикруялъул чи. Гьес кидаго абулаан спортсменасул кидаго бицун цебесеб кьерда букIине кколин гIадлу-низам. Гьеб гьечIони, гьесул иш цебехун унарилан. Гьеб жиндирго гIолохъабаздасаги тIалаб гьабулаан гьес. ХъахIлъи барабго рахъинарун, ралъдахъе рекеризе тIамун, чорхое лълъадарулел гьабун, эркенаб минуталъ чIун толароан гьес гьел. Хвалидеги хIадур вукIана. Гьес жинцаго гьедин абизеги абуна «Нилъеда лъаларо кида нилъ гьаб дунялалдаса унелали, амма дунги мунги гьелде кидаго хIадур рукIине ккола» ян. Цойги гьев вукIунаан жиндие цIакъ бокьилаанин жив хун хадуб, валлагь ГIабдулманапица жинхъаго бажарараб кумек гIадамасе гьабичIого течIин, жиндаго аскIове вачIарав чиги нахъчIвачIилан абизе. Гьедин магIарулаз абизе букIиналдаги дир щибниги щаклъи гьечIо, гIемерав чиясул ракI бохизабурав чи вукIана дир гьудул. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги.