Динияб лъай кьеялъеги интернеталдаса пайда босула

Дагьал церегIан къоязда ГIахьвахъ районалда лъималазда гьоркьоб Къуръан цIалиялъул конкурсалъул хIасилал гьаруна. Киса-кибего коронавирус унти тIибитIараб заманалда динияб лъай кьейги чIезабун течIо районалда. Мадрасаялда цIалулел рукIарал лъималазе рес букIана интернеталъул кумекалдалъун онлайн-дарсаздаса пайда босизе. 

 

Пандемиялъул заманалда Инстаграмалъул кумекалдалъун муфтияталъул ГIахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул (просвещение) отделалъ Къуръан цIализе лъалел лъималазда гьоркьор къецал тIоритIана. Гьоркьоса къотIичIого гьарулел рукIана гIадамазе бичIчIикьеялъул вагIзабиги. Рамазан моцIалдаго тIобитIун букIана гьитIинал васазда гьоркьоб Къуръан берцин цIалиялъул къец. Бергьаразе шапакъатал ва сайгъатал гьаруна ГIахьвахъ районалъул депутатазул собраниялъул предсетатель МухIамад МуртазгIалиевасул ва цогидал районцоязул кумекалдалъун. Гьеб къецалъул кумекалдалъун гьитIинал мутагIилзабазе рес щвана цебеккун тIадчIун мадрасаялда лъолел рукIарал дарсал ракIалде щвезаризе ва лъай жеги камил гьабизе. 

Районалъул муфтияталъул ГIахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъ дагьаб цебегIан ясазда гьоркьобги тIобитIана гьединабго къец. Гьенир гIахьаллъана магIарулазул чанго районалдаса ункъо сон баралдаса 12 сон базегIан ясал. 

Гьеб отделалъул нухмалъулев Шамсудин Шамсудиновас бицана: «Щибаб соналда районалъул росабалъ батIа-батIаго тIоритIула лъималазда гьоркьор исламалъул кьучIал лъазариялъул, как базе, Къуръан цIализе лъаялъул, «МухIамад (с.т.гI.в.) аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ» лъазабиялъул конкурсал. 

Районалда зама-заманаялдаса наркоманиялде, экстремизмалде, терроризмалде данде къеркьеялъул тадбиралги тIоритIула. ГIолилазе ватIан бокьиялъул, рухIияб рахъ цебетIеялъул тарбия кьеялда тIадчIей гьабула. Ислам щиб кколебали бичIчIи кьола. Хъалиян цIай, гьекъолди гIадал гIамалазде гIолилал руссинаредухъ», — ян.