Дуца кьураб дуего батула

Исана гьабураб хIалтIул, коронавирусалъул пандемия тIибитIиялда бан ккарал хиса-басиязул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместитель,ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадханилгун.

— МухIамадхан, исана щиб гьа­бизе ракIалда букIараб Фондалъул хIалтIухъабазда ва щиб гьабун ба­жарараб?

 

— ЛъагIалида жаниб нижеца гьабизе кколеб хIалтIи тасдикъ гьабула ДРялъ­ул хIукуматалъул хIукмуялдалъун. Коронавирусалъул хIасилалда, исана гьединаб хIукму къватIибе бачIана 8 июналда. Гьелда рекъон, исана ни­жеца къачIазе руго церехун кидани­ги къачIачIелгIан гIемер минабиги (132 гIемертIалаяб мина (490 азарго кв. метралъул гIатIилъи), 2019 со­налда къачIан букIана 99 мина). Гьеб хIалтIул гIаммаб багьа бащалъула 597 млн гъурщида. Гьелдаса 497 млн гъу­рущ бакIаризе ккола гIадамазухъа, хутIараб 100 млн буго лифтал къачIаялъе (законалда рекъон гьебги бакIаризе кколаан гIадамазухъа) ре­спубликаялъул бюджеталъ биччараб гIарац.

Амма коронавирусалда хурхун лъазабун букIараб карантиналъ ра­лел бакIазул хIалтIи лъалхъизабуна, Фондалъул аппараталъул хIалтIул низам хисизабуна. Мисалалъе, цо моцIалъ гIадамазухъе щвезаричIого хутIана гьез кьезе кколеб гIарцул счетал-квитанциял. ХIукуматалъул хIукму цIакъго кватIун къватIибе бачIиналъ минаби къачIаялъул хIалтIи жеги байбихьичIониги, тIадбан унеб буго проекталгун сме­таби гIуцIиялъул хIалтIи.

 

— Минаби къачIаялъул кинаб­го хIалтIи гьабула гIадамазухъа бакIарараб гIарцухъ. Гьеб бакIариялъул рахъалъ щиб хIал бугеб?

— ГьабсагIаталда гIемер беццизесеб хIал гьечIо. Гъоркьиса гьабго зама­налде дандеккун, исана бакIарараб гIарцул къадар, коронавирусалда ва гьелда хурхарал гIиллабаздалъун, дагьлъана 20-гIанасеб проценталъ.

Гьедин бугониги, тIаде босараб иш тIубазабизе буго. Киналго про­ектазулгун документазул ишги тIубан, тендералги тIоритIун, ав­густ моцIалда байбихьизе буго ки­набго хIалтIи ва декабрь моцIалда лъугIизеги буго. ЦIидасан, кьучIдасанго байбихьун ралел ми­наби гурелъул гьел, гьеб хIалтIулъ лъикIаб хIалбихьи буго нижер. Ки­набго хIалтIи гьабула (хадубккун гIарац кьезелъунги) тендераздаги гIахьаллъарал, нижер министерство­ялъул реестралдаги ругел, церегоял­даса нахъе нижгунги хIалтIулел под­рядчиказ.

 

— Ахираб заманалда пачалихъ­алъ гIадамазе гIезегIан бигьалъ­аби гьаруна. Капиталияб ремон­талъухъ кьолеб гIарцуда хурхун ругищ гьединал бигьалъаби?

— Жидеего хайир щвезелъун па­чалихъалъ гIадамазухъа бакIарулеб ялъуни гьелъ нилъехъа босулеб налог гьеб гуро. Капиталияб ре­монталъухъ нилъеца кьолеб гIарац ккола, тIаде рачIунел процентал гьечIониги банкалъул картаялда лъураб хIисабалъул, ирга щвараб за­маналда нилъецаго гIумру гьабулеб мина къачIазе бакIарулеб гIарац. Гье­дин бугеб заманалда кинал бигьалъ­абиха рукIинел. Цого-цо исана гьабу­раб жо буго тариф (цо кв метралъухъ кьолеб гIарац) цIикIкIинабичIого тей. Исана гьеб букIине кколаан 6,5 гъурущ, гьабсагIаталда буго гъор­кьисаго букIахъе, ай 5,67 гъурущ.

Нижехъ букIуна пачалихъалъул программаялде гьоркьоре росарал гIемертIалаял минабахъ ругел сек­циязул бетIергьабаз кьураб гIарцул мухIканаб хIисаб-суал. Регионалияб программаялда рекъон, цо пуланаб гIемертIалаяб мина къачIазе заман щваниги, гьениб гIумру гьабулел гIадамаз хIажатаб гIарац бакIарун батичIони, нижер ихтияр буго гьеб мина сияхIалъул ахиралде бачине.