Роол хIухьбахъи – законалда рекъон

2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб ва 2019 соналъул 27 октябралдаса нахъе къуватаблъун рикIкIунеб «Лъималазул хIухьбахъи ва сахлъицIуни гIуцIиялъулъ пачалихъалъул гIахьаллъи камил гьабиялъул рахъалъ ругел законазул цо-цо актазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб № 336 федералияб законалдалъун хиса-басиял гьаруна 1998 соналъул 24 июлалда къабул гьабураб «Россиялъул Федерациялда аслиял лъималазул ихтиярал цIуниялъул хIакъалъулъ» абураб №124 федералияб законалдаги.

 

Масала, тIоцебесеб статьяялъул ичIабилеб абзацалда тIаде жубана «лъималазул хIухьбахъи ва сахлъи щула гьаби гIуцIулел идарабазде ращалъула гьеб ишалда гIахьаллъулел ва гьабго федералияб законалъул тIалабал цIунун хIалтIулел хасал предпринимателалги» абун.

    1988 соналда къабул гьабураб №124-ФЗялда хъван буго, нагагь хIухьбахъизе ва сахлъи щула гьабизе сакъатал лъимал къабул гьарун ратани, гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIел киналго шартIал гIуцIизе кколин абун. Гьелде тIаде жубан буго, лагералъул бетIергьабазда тIадаб бугин сакъатал лъималазе тIоцебесеб ва медицинаялъул кумек гьабиги, хасго туристазул сапаразда рукIаго, слетазда гIахьаллъулаго ва цогидал тадбиразда рукIаго. Лъималазул хIухьбахъигун сахлъи щула гьабиялъул идарабазул сияхIалда гьоркьоре рачиналъул мурадалда гьединал идарабаз жидер хIакъалъулъ баянал кьезе ккола РФялъул субъекталъул пачалихъиял идарабазде.

    Гьединго 1998 соналъул 24 июналда къабул гьабураб №124-ФЗялде тIаде журан руго 12.2-12.4 статьяби. Гьениб бицунеб буго лъималазул хIухьбахъигун сахлъи щула гьаби гIуцIулел идарабазул сияхIалдаса пуланаб лагерь бахъиялъулги гьенибе халгьабиялъул хIалтIухъаби ритIиялъулги шартIазул хIакъалъулъ. 

    Гьелде тIадеги, 2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб №338 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна РФялъул Административияб низам хвезабиялъул хIакъалъулъ кодексалдаги. Гьениб тIаде жубана 14.65 статья: лъималазул хIухьбахъигун сахлъи щула гьаби гIуцIулеб идараялъухъа яги хасал предпринимателазухъа, реестралда гьечIого гьеб хIалтIи гIуцIаралъухъ, миллон гъурщиде гIунтIун гIакIа бахъиялъул хIакъалъулъ.