«Медилаб фонд»

МахIмудихъ гьоболлъухъ

 

Рукьбалъ бугеб цIеца цIун буго дунял

Щибаб март бачIингун,
магIарул чIужу,
МахIмудил хабада
лъе ихдалил тIегь…

Гьадин хъвана рокьул гIашикъасул хIакъалъулъ ХIамзатил Расулица. Гьеб кечI цоги нухалда ракIалде щвана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччарал шагIирасул тIахьал цере росараб къоялъ. Библиотекаялде данделъун рукIана гIалимзаби, журналистал, студентал, учительзаби, цIалдохъаби ва МахIмудил шигIрабазул борхалъуда жидедаги рещтIен батулел магIарулал.
«Дагъистаналъул классикаялъу­л меседилаб фонд» проекталда рекъо­н, «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччазе байбихьун руго щибаб миллаталъул адабияталда сунарел лъалкIал тарал рагIул устарзабазул тIахьал. МагIарул адабияталъул классик, рокьул гIашикъ, гIишкъудал асир МахIмудил кучIдузул гьеб проекталда рекъон бахъараб тIехь ккола тIоцебесеб. Гьелда гъорлъе рачун руго жеги кирниги рахъун рукIинчIел шагIирасул цо-цо кучIдулги. ТIехьа­лъе цеберагIиги хъван буго гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас.
Дандеруссин нухда бачарав Зик­рула Илясовас цоги нухалда ракIалдещвезаруна шагIирасул ко­чIолаб дунялалъул балъголъаби.
ТIехь данде гьабураб ва гIемерал со­наз гIелмияб къагIидаялда МахI­мудил адабияб гьунаралъул цIех-рех гьабурав, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас бицана жиндирго гIелмиял цIех-ре­хазул хIасилазул хIакъалъулъ. Гье­лъул аслияб хIасил — берцинго къа­чIараб, цIалдолезул ракIал тIаде цIа­леб шагIирасул асаразул кIиго том.
БацIцIадаб рокьул цIураб шагIи­расул кочIолаб дунялалде магIарулал ахIана Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар ГIумархIажиевас. Цеве вачIунев вукIана, пандур кодоб ккурав, рокьул гьелегьараб цIаялъ ургьимесго гьалдезабурав, талихIабги талихIкъарабги рокьул бетIергьан ХъахIабросулъа МахIмуд:
— ТIурун араб чанихъ чараги тIагIун,
Черхалда кор буго кидаго боркьун.
Кодоса тIурараб тIавусги бокьун,
Рукьбалъ бугеб цIеца цIун буго дунял…
МахIмудил рагIабазда кучIдул ахIана МагIарул театралъул артистал ПатIимат ХIажиевалъ, ПатIимат ГIисаевалъ ва ДГПУялъул студентка ПатIимат Камиловалъ. ГIенеккаразе кIудияб асар гьабиледухъ шагIирасул кучIдул рикIкIана МахIачхъалаялъул №35 гимназиялъул цIалдохъан МухIамад Халовас ва Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул рукъалъул хIалтIухъан МухIамад Дудуевас.
ГIажаибго панаяб асар гьабуна магIарулазе ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимчи, тумав ГIиса ГIабдулаевас магIарул мацIалда МахIмудил кучI­дулги рикIкIун гьабураб кIалгъаялъ.
КIалъазе рахъарал ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимчи МухIамад МухIамадовас, МахIмудил цIа­ралда бугеб фондалъул председа­тель МухIамад ХIасановас, Ма­хIач­хъалаялъул №51 гимназия­лъул магIарул мацIалъул учитель Зарият Базаевалъ, шагIирасул кучI­дуздаса мисалалги рачун, бицана шагIирасул рокьул улкаялъул ба­цIцIалъиялъулги, недегьлъия­лъулги, хIеренлъиялъулги, пасихI­лъиялъулги хIакъалъулъ.
Шамай Хъазанбиева