ХIухьдузда тIад гьабураб хIалтIи

ГъотIоеги бегьула кьезе кIиабилеб гIумру

 

МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул минаялда аскIоб бугеб ахикье ракIарун ратана гIемерал гIадамал. Гьел ралагьун ругоан «херлъарал» гъутIбиги къотIун, гьезул хутIарал хIухьдузда тIад художник-скульпторас гьабураб некIсияб магIарул кIиго росдал художествиял композициязухъ. Скульпторасул махщел гIун буго некIсияб росдал тIубараб сурат цебечIезабизе. ТIуцал минаби, гьезда гьоркьоса рахъ-рахъалде унел гьетI-гьетIарал, чIедерал нухал, росутIарада даималъго хъаравуллъиялда эхетараб си, гьелда аскIобго росдал мажгит…
ГIажаибаб асар гьабуна диегоги гьеб берцинлъиялъ, ракIалдещвана нижерго басрияб ГьентIа росу, гIадамазул букIараб мискинаб гIумру, хIатIал гIи­цIаб, амма талихIаб лъимерлъи. Бихьулеб букIана цогидазеги гьеб хIалтIи цIакъ бокьун букIин. Гьез цIехолеб бу­кIана художник-скульпторасул цIар, ам­ма лъалев чи ватичIо. Дица рагIи кьуна гьев валагьизе ва «ХIакъикъаталдасан» гье­сул хIакъалъулъ цIалдолездаги бицине.
Гьеб хIалтIи гьабурав лъабго художникасда гьоркьоса валагьизе кIвана Гъуниб районалъул ЧIохъ-Коммуна росулъа МухIамад-Мирза ШагIманов. Жамалил цIаралда бугеб художествияб училищеги лъугIизабун, гьев цIалулев вуго Дагъистаналъул медучилищеялъул цаби-гIусазул факультеталда. ЦIалудаго цадахъ МухIамад-Мирзаца художникасул хIалтIиги гьабулеб буго.
ХIухьдузда тIад гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес: «Гьеб буго нижер учитель Магьди МухIамадовичас, дипломияб хIалтIи тIубазабизе абун, нижее кьураб тIадкъай. ХIалтIи гьабуна лъабго студентас: Сугъралъа Атрачев МухIамадица, Лак районалдаса Мирзаев ПатахIица (гьес гьабуна композициялъе хIатIул макет) ва дица. ДРялъул Культураялъул министерствоялъул минаялда цебе гьабураб гьебго темаялъул нижер дипломияб хIалтIуе щуйил къимат щвана. Дуца бицунеб бугеб ккола горзеленхозалъул заказалда рекъон гьабураб. Дица абиларо гьеб гьедигIан кIудияб гьунар-махщел къваригIунеб хIалтIи бугин. ТIадчIун хIалтIани, бокьарав чиясухъа бажаризе батила жиндирго яги шагьаралъул ахикь, росулъ минаялда цебе къотIараб гъотIол рохтиялда гьединаб темаялда тIасан скульптурияб композиция гьабун. Амма дие бокьиларо гьеб мурадалъе гIоло цониги чIагояб гъветI къотIизе. БатIияб хIалтIи ккола къотIараб гъотIол хIохьода тIад берцинлъи гьаби, ай гъотIое кIиабилеб гIумру кьей».
Гьабизе ракIалда бугелъул бицунаго, МухIамад-Мирзаца абуна риидал, МухIамад Атрачевгун цадахъ, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортзалалда цебе бугеб бицатаб чIалуялда тIад жидеца гьабизе бугила магIарул некIсияб росдал темаялдасан тIубараб художествияб композиция. Гьеб букIинила тахшагьар берцин гьабия­лъе жидер сайгъат. Бокьун бугила цогидал бакIаздаги гьединалго хIалтIаби гьаризе. Заман гIуни, планалда бугила чIахIиял ганчIазда гьарурал гьединалго скульптуриял композицияз тахшагьаралъул паркал берцин гьаризе.
— МухIамад-Мирза, гьеб махщел дуе киса щвараб, нужер тухумалда вукIанищ гьелъие гьунар бугев чи?
— Дир кIудадал эмен МухIамад-Мирзада (гьесул цIар лъурав вуго дун) анкьгьунарилан абулеб букIун буго. Гьесул букIун буго суратал рахъизеги скульптураби гьаризеги лъикIаб махщел. Дир эменги вукIана художествиябгун графикияб институт лъугIизабурав чи, кIудияб махщел букIана гьесул, кьер-кьерал цIорол кескал данде гьарун, батIи-батIияб сюжетазул композициял гьаризе. Гьеб ккола цIикIкIараб гьунаралъул художникасухъа гурони гьабун бажарулареб захIматаб хIалтIи. Дирги анищ буго витраж ва цIул цадахъ хIалтIизабулеб рукъзабазул дизайн абулеб хIалтIуде машгъуллъизе.
— Мун гIахьаллъанищ художниказул выставкабазда?
— ЦохIо нухалъ гIахьаллъана, «Басрияб росу» абулел дир суратал лъун рукIана МахIачхъалаялда тIобитIараб выставкаялда. Балагьараз гьезие лъикIаб къиматги кьуна.
— Цого квералъ кIиго хъарпуз кквезе бегьуларин абулаха…
— Дуца гьабулеб бадибчIваялъул магIна бичIчIана. Амма ракIалда буго цаби-гIусазул тохтурлъиги художник-скульпторасул хIалтIиги цадахъ бачине. ЦIализе дун лъикIав вугин абиларо, амма практика лъикI унеб буго. Щайгурелъул дие бокьула квераз гьабулеб хIалтIи.
— МухIамад-Мирза, букIине кколедухъ бицине магIарул мацI лъалеб гьечIолъиялъе гIилла щиб?
— БитIараб буго, магIарул мацI дида лъикIго лъаларо, гьеб буго дунго нечолеб хIужа. Гьединлъидал дица диего рагIи кьун буго, рагIа-ракьанде щвезабун, исана рахьдал мацI лъазабизе.
— ГIумру гьабиялъе гIураб гIарац гьабулеб буго дуца. Кидаха рукъалде вуссине вугев?
— Хъизан гьаби ва лъимал гIезари ккола кIудияб жавабчилъи. Гьединлъидал, лъикIаб ресалде вахинчIого, бертин гьабиялда тIад дие ургъизецин бокьун гьечIо. Лъеберго сон бараб мехалъниги дун гьеб даражаялде вахина, гьеб мехалъ дица мунги берталъе ахIила.
— Нилъеца гара-чIвари «Устарзабазул шагьар» абун цIар кьураб бакIалда гьабулеб бугелъул, устарзабаз, художниказ ва скульптораз гьаниб гьабураб хIалтIуе дуца кинаб къимат кьолеб?
— «Устарзабазул шагьар» чIухIизабун къачIан буго цIакъ лъикIаб махщалил устарзабаз. Гьаб буго республикаялъул цогидал шагьараздаги районаздаги жидерго паркал ва скверал къачIаялъе бихьизабулеб мисал ва кьолеб унго-унгояб дарс. Гьаб берцинлъиялъ дие кIудияб асар гьабуна. Диеги бокьун буго гьаниб бутIа лъезе. Дун ургъулев вуго дицаго гьабураб цIулал скульптура яги кинаб бугониги магIарул росдал сюжеталъу­лаб композиция гьаниб киндай тIаде жубалебилан.
Нури Нуриев