Халкъияб педагогика – тарбия кьеялъул аслу

Масъалаби гIемераб гьанжезаманалъул жамгIияталда бищунго кIвар кьезе кколеб суал буго гIолеб гIелалъе тарбия кьей. Гьанжесел гIолилаз санго гьабуларо миллияб парталалъулги, халкъиял гIадатазулги, гIадамазда гьоркьов вукIа-вахъиналъул низам цIуниялъулги. Гьединаб хьвада-чIвадиялъе квербакъула нусгоялдаса цIикIкIун телеканалалда­са бихьизабулеб жоялъги, социалиял гьиназдасагун интернеталдаса що­лел баяназги. Гьезул кьучIалда куцалеб цIияб гIелалъе хасиятаблъун лъугьун буго хъачIлъи, чIахIиязул адаб тей, чIужугIадан хIакъир гьайи, чамгIаллъи. Жеги гIакълу цIубачIел ва гьанжего гьанже балугълъиял­де рахунел гIолилазда гьединаб хасият берцин бихьула, ва гьел ругьун­лъула гьелда рекъон хьвадизе.

 

 

Гьединаб ахIвал-хIалги букIаго, Дагъистаналъул лъай кьеялъул цIакъго «церетIурал» хIаракатчагIаз школазул цIалул планаздаса нахъе бахъана «Дагъистаналъул халкъазул маданият ва гIадатал» абураб дарс. 1992 соналдаса нахъе гьеб кьолаан ре­спубликаялъул школазул ункъабилеб ва 8-11 классазда. Гьел дарсал кьезе байбихьана лъай кьеялъул унго-ун­гояв патриот ва халкъияб педагоги­каялъул магIна бичIчIулев министр Бадави ХIажиевасулги ДНИИПалъул директорлъун вукIарав ХIамидуллагь МухIамадовасулги хIаракаталдалъун. Тарбия кьеялъул рахъалъ нилъер хал­къазул букIараб гIасрабазулаб бер­балагьиялдаса махIрумлъулеб буго гьанже гIолеб гIел.

Халкъияб педагогикаялъул аслу буго халкъияб этикет. Эти­кет (oppetuquette — ярлык, этикета) ккола жамгIияталда гьоркьор рукIа-рахъиналъулги хьвада-чIвадиялъулги низам. Гьелъул хIубилъунги ккола халкъиял гIадатал, моралиял къанунал, кагътида хъвачIониги, щивасул рекIеда бикIун цIунараб жамгIияталъул закон.

Дагъистаналъул халкъазул буго гIицIго жиндие хасиятаб этикет – гьелдалъун гьеб батIабахъула Россиялъул цогидал халкъаз­даса. Гьанже гIемерисез гьелда абула «менталитетилан». Дагъи­станиязул этикеталъ тIалаб гьа­була цогидав чиясул адаб гьаби, гьесул напс хIакъир гьабунгутIи, дандеккунгутIи, жахIда, рагъ- кьалалде сверизабичIого, маслихIаталдалъун битIараб нухде бачин. Этикеталъ малъула батIи-батIияб ригьалъул гIадамалгун, чIужугIадангун, бечедав-мискинавгун, хIакимчиясулгун ва цогидалгун вукIа-вахъунеб къагIида.

ТIабигIаталъги, тарихиялгун со­циалиял ва экономикиял шартIазги квербакъун, дагъистаниязул этике­талъул аслиял рахъаллъун ккезару­на гьадинал гIадатал: цоцазе хIалае рахъин, гьоболлъи цIуни, мадугьал­гун рекъон вукIин, кьураб рагIи кквей, халкъалъул цолъигун гъунки, мадугьалихъ гIумру гьабулеб халкъалъулгун гIаммаб мацI бати ва цоцазул адаб гьаби, хъизамалъул, гьавураб рукъалъул ва эбел-инсул адаб гьаби, херлъараб мехалда, эбел-инсул тIалаб гьаби, херазул гIакълу кIодо гьаби, чIужугIаданалъул намусги гIумруги цIунизе рахъин (гьей гIагарай кко­лей гьечIониги яги лъазего лъаларей ятаниги), гIагарлъиялъулгун бухьен кквей ва гь.ц.

Халкъалъул этикеталъул тIалабал рессун руго кицабигун абиязулъ. Масала: «Инсанасул мацIалда буго гьоцIоги балагьги», «ЧIахIиязул адаб гьабуларесда адабго лъала­ро», «ЛъикIаб рагIуца гамачIги хIеккинабула», «Гьабураб лъикIлъи, ралъдалъе реханиги, гIадада хола­ро», «РикIкIадав вацасдаса аскIов вугев мадугьалго лъикI» ва гь.ц.

Этнографиялъул ва цогидал гIелмиял тIахьазул баяназда рекъон, халкъияб этикеталъул тIалабалги цIунун куцарав чиясулъ букIуна: ритIухълъи, хIилла-рекIкI гьечIолъи, жахIда гьечIолъи, щивасдехун ракI разияб бербалагьи, кьураб рагIуе ва гьабураб къотIуе хилиплъунгутIи, нич, хIеренлъи, гурхIел-рахIму, цо­гидаз гьабураб квешлъиялдаса тIаса лъугьине бажари, гIаммаб ишалъулъ гIахьаллъизе гъира, чорокаб мацI бицунгутIи, мацIихъанлъиялдаса рикIкIалъи ва гь.ц.

Дагъистаналъул халкъияб педа­гогикаялъул аслиял тIалабал руго гьадинал:

1) эбел-инсул адаб цIуне, эбелалъул тIадегIанлъи кIочонге;

2) эбел-инсуда цебе ясалъулаб (ва­сасулаб) борч тIубай;

3) чIахIиязул адаб гьабе;

4) цIуне ва щулалъизаре гIагарлъиялъулгун бухьенал;

5) гьоболлъи цIуне;

6) цIуне чIужугIаданалъул къадру, напс; гьей йигеб бакIалда адабалда вукIа-вахъине лъай;

7) къадруял, рагIи билълъарал хе­рал гIадамазул тIадегIанлъиялъул адабги гьабулаго, цIуне халкъалъул (жамагIаталъул) къиматаб цIар;

8) кьураб рагIи ккве, бараб гьа тIубазабе;

9) квербакъе (моралиябгун матери­алияб рахъалъ) гIагарал чагIазе (бес­далазе, унтаразе, щокъазе, язихъазе);

10) цоцазе кумек гьабе ва гь.ц.

Гьединал малъа-хъваязул кьучIалда куцалаан нилъер уму­муз лъимал. Гьезда рекъон хьвада- чIвадулищалиги балагьун, кьола­ан гIолилазе къиматги. Эбел-инсул къадру хвараб иш гьабунгутIизе хIаракат гьабулаан лъималазги. Школалда цIалулел лъималазе тарбия кьеялъул программаялда рукIине мустахIикъаллъун рихьула нижеда цереккун рехсарал тIалабал.

РукIуна гьадинал хIужабиги: рокъоб эбел-инсуца кьолеб тар­бия рекъонкколаро рукъ тун къватIиб букIунеб лъимадул хьвада- чIвадиялде. Масала, чIужугIадан хIакъир гьайизе бегьулареблъи лъа­ниги, пуланав васас чорокал рагIаби абула классцоялде. Гьедин ккола малъарабги щибаб къойил бихьу­лебги данде кколареб мехалда. Гье­динлъидал дарсида, классалъул дан­делъабазда ва цогидал тадбиразда гIолилал ругьун гьаризе ккола хал­къияб педагогикаялъул малъа-хъва­ял хIалтIизаризе.