Бокьани божа…

МагIаруласул цIар лъабцIул хъван буго

 

«Гиннесс» абулеб Ирландия­лъул фирмаялъул пиво гьабулел заводазул нухмалъулесул ишал тIуразарулев Хью Би­верица, жидерго пивоялъе реклама бу­кIиналъул мурадалда, хIукму гьабуна хасаб тIехь бахъизе. 1955 соналъул 27 августалда къватIибе биччазе байбихьидал, гьеб тIехь, цоцахъа бахъун, цIалулеб букIана. Жакъа Гиннессил тIехь нусго улкаялда бахъула, гьездаго гьоркьоб Россиялдаги. Гиннессил тIе­хьалдаса росарал цо-цо мисалал рачинин.
Чорхол 251 сантиметр борхалъи бугев турказул фермер Султан Кёсен рикIкIуна дунялалда бищунго ворхатав чилъун. Бищунго къокъав чи ккола китаялъулав, Хи Пинджин. Гьесул чорхол борхалъи буго 74 сантиметр.
Бергьенлъабазул сияхIалда йиго Волгоградалдаса Панкратова Свет­ланаги. Чорхол 195 сантиметр борхалъи бугей гьей баскетболисткаялъул бохдузул халалъи буго 132 сантиметр.
Калифорниялдаса Никил ма­цIа­лъул халалъи буго 10 сантиметр, гьединлъидал гьев восана «Дунялалда бищунго халатаб мацI» абулеб бутIаялде.
Лъедон, анлъго нухалъ Атлантикияб ва кIиго нухалъ Индиялъул океанал рахарав машгьурав спортсмен Саймон Чок восана тIехьалъул спорталъулаб бу­тIаялде.
Жакъа къоялда дунялалда бищунго халатаблъун рикIкIуна тIехьалде босараб 81.8 метралъул халалъиялъул сигара.
Ираналъул шахматист Эхсан Гаем-Магамидил гIакълу гIуна цого заманалда 604 шахматазул партия хIазе. Гьелъие къваригIана 24 сагIат. 580 партиялда Эхсаница бергьенлъиги босана.
Дунялалда тIад бищунго кIудияб сэндвич гьабуна 2004 соналда Мехикоялда. Гьелъул цIайи бащалъана 3178 килограммалда.
Твералда гьабураб кIитIалаяб Москва-Воронеж поезд ккола Россиялда цо бугеб, 1320 чи рекIунеб поезд.
Тихий ва Северияб Ледовитый океаназда, Чукоткаялдаса Арктикаялде щвезегIан лъедон, Красноярскиялдаса Николай Петшаковас ва Наталья Усачевалъ нахъа тана 134 километралъул манзил.
Шуйский уездалдаса Федор Васильевасул (1707-1782) лъадуца 27 нухалъ гьаруна лъимал: 16 нухалъ гьелъие гьабун буго кIи-кIи лъимер, анкьго нухалъ — лъаб-лъаб ва ункъо нухалъ — ункъ-ункъ лъимер. ЧIаго хутIун буго 67 лъимер.
Лев Козлов ккола самолетазул спорталъул 52 нухалъ дунялалъул рекордсмен, авиациялъул генерал-лейтенант, СССРалъул мустахIикъав рагъулав летчик, летчик-снайпер ва халкъалда гьоркьосеб классалъул СССРалъул спорталъул мастер. Гиннессил тIехьалде гьев восана 1990 соналда Ан-124 «Руслан» самолеталда дунял сверун воржиналдалъун. 72 сагIатги 16 минуталда жаниб дунял сверана Козловасул бетIерлъиялда гъоркь экспедициялъ, гьез нахъа тана 50005 километралъул манзил, гьелдаса 93 процент дунялалъул киналго океаназул акваториязда тIасан.
Владимир Турчинский ккола къуватал тайпабазул спорталъул рекордсмен, гьединго «Гиннессил тIехьалъул халкъазда гьоркьосеб рекордсменазул клубалъул» дипломалъе ва меседил медалалъе мустахIикълъарав чи. Рекордазул тIехьалде росарал Турчинскиясул гьунаразда божизецин захIмалъула: спортсменас хадуб цIана 260 тонна тIад бугеб «Руслан» самолет, борхана 3,5 тонна бакIлъи бугеб пил, цого квералъ 100 метралъул манзилалда хадуб бехъерхъана 20 тонна бакIлъи бугеб кIитIалаяб автобус.
Валентина Закорецкая парашюталъул спорталде машгъуллъана 16 сон барамехалда. Дунялалда бищун цIикIкIун парашютгун кIанцIарай гIаданинги абун, Гиннессил тIехьалда лъабго нухалъ гьабуна гьелъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай. Парашютгун гьей кIанцIун йиго 11500 нухалда.
Дагъистаналдаса ГIумар ХIанапиев Гиннессил тIехьалде восана лъабго нухалъ. Гьес, цабзазги ккун, хадуб цIана электровоз, ралъдал лайнер ва самолет. МахIачхъалаялъул вагоназул депоялда ХIанапиевас хадуб бехъерхъана 140 тонна тIад бугеб тепловоз. МахIачхъалаялъул ччугIил порталда гьес 15 метралъ ралъдадасан хадуб цIана 567 тонна тIад бугеб танкер.
Нури Нуриев