Гъизляралъул тарихалда чIегIераб къо

Бидуца белъараб балагьаб гьатIан

 

Питна бекьизе бокьаразухъа киданиги бажаризе гьечIо халкъалъул гьудуллъи-вацлъи биххизабун

18 февралалда Гъизляр шагьаралъул килисаялдаса къватIире рахъунел насраниязде кьвагьдана гIолохъанчи. Гьес чIвана ункъо чи ва лъукъана щугояв. ТIаде щварал Росгвардиялъул хIалтIухъабаз гьевги чIвана. Лъукъаразда гьоркьов вуго низам цIунулел идарабазул кIиго хIалтIухъанги.

Такъсир гьабурав ватана 22 сон барав Халил Халилов. Гьеб такъсиралъул жавабчилъи жидедаго тIаде босана ИГИЛалъ (Россиялда гьукъараб къокъа).

Гьеб такъсиралъул хIакъалъулъ гьадин бицана МахIачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул иеромонах Иоанница: «Бакъанил гIужалъ килисаялдаса къватIире рахъунел рукIана насраниял. Гьезде кьвагьдезе байбихьана гIолохъанчияс. Нижеца хехго къана килисаялъул нуц. Жаниве лъугьине бажаричIелъул, гIолохъанчи кьвагьдолев вукIана килисаялъул къадазде. Гьес чIвана ункъо чIужугIадан. Хадубккун больницаялда хвана цоги чIужугIадан. Лъукъана кумекалъе тIаде щварал полициялъулалги. Гьединаб вахIшияб иш Дагъистаналъул ракьалда ккей буго тIасан борчIараб лъугьа-бахъин. ГьабсагIаталда Дагъистаналъул тIолалго килисабазда чIезарун руго полициялъулал. Къварилъи ккарал гIадамазеги хваразул хъизаназеги кумек гьабулеб буго епархиялъги республикаялъул ва шагьаралъул нухмалъиялъги».

Щуазаргониги дагъистанияв вачIана чIварал рукъулеб къоялъ гьезулгун къолъикI гьабизе. МахIачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул архиепископ Варлаамил бихьизабиялда рекъон, гьел рукъана килисаялъул ракьалда.

«Нижер килисаялъул кIалт садакъа гьарулей йикIарай Ирина Мельниковалъул къвач нахъе босизе кIолеб гьеч нижеда. Гьелъул бахIарчилъиялъ хвасар гьаруна килисаялда жанир рукIарал гIадамал. Кодоб къвачIагун яхъана гьей чIвадарухъанасде данде. Гьесул кверазда къвачIаги кьабун, гьесухъа туманкI бортизабизе хIаракат бахъулеб букIана гьелъ. Гьеб заманалда жаниб рес щвана нижее килисаялъул нуцIби рахазе», — ян бицана килисаялъул иерей Павел Каликиница.

Килисаялъул азбаралда чIвана: Вера Моргунова, Людмила Щербакова, Надежда Терлиян, Ирина Мелькомова, Вера Блинникова. Больницаялда руго Надежда Кушнарева, Наталья Плетухина, ППСалъул хIалтIухъан МухIамад Рамазанов ва Росгвардиялъул аскарияв Султан Хизриев.

Людмила Щербакова 40 соналъ хIалтIана больницаялда, гьей йикIана ДРялъул мустахIикъай тохтурлъун. Бесдаллъана гьелъул кIиго яс.

Вера Моргунова йикIана Гъизляр районалъул ЗахIматалъул ветераназулги тылалъул захIматчагIазулги советалъул председательлъун.

 

Къварилъи киназего гIахьалаб буго

Гъизляралда ккараб лъугьа-бахъиналъ ракI лъукъарал дагъистаниязги Россиялъул политиказгун жамгIиял хIаракатчагIазги загьир гьарулел руго гьадинал пикраби.

Россиялъул патриарх Кирилл: «Килисаялъул кIалтIа щибго гIайиб гьечIел гIадамал чIвай ккола вахIшияб такъсир. Гьеб гьабурав чиясухъ, щиб бицаниги, ракIбухIизе бакIги гьечIо. Гьединаб иш бажарула гIицIго илбисалда хадув лъугьарав ва рекIелъ ракълилабги рокьулги къатIра гьечIев чиясухъа.

Нус-нус соназ Кавказалда гIумру гьабулеб буго насраниябги исламиябги диналда рекъон. Гьез хIаракат бахъула цоцалъ гьуинго рукIинеги, мадугьаласе зарал ккеларедухъ гIумру тIамизеги, хIажаталъуре кумекалъе рахъинеги. Гьез адаб гьабула цоцазул тарихалъулги маданияталъулги. РакIчIун абила – гьабураб квешлъиялде рекъонкколеб тамихIги букIине ккола такъсирчиясе.

РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Олег Белавенцев: «Низам цIунулел идарабаз ралагьулел руго гьеб вахIшияб такъсир гьабизе ракIалде ккарал такъсирчагIи. Гьезие гьабизе буго мустахIикъаб тамихIги. Сунцаниги ритIухъ гьаруларо гьединал ишал гьарурал гIадамал. РакIчIун божарав вуго питна бекьизе бокьаразухъа бажаризе гьечIо Северияб Кавказалъул вацлъиялъул халкъазул гьудуллъи биххизабизе».

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев: «Дица зигара бала къварилъи ккарал киназдаго. Лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьабулеб буго. Лъукъаразе кумек гьабулеб буго тохтурзабаз. ГIуцIун буго оперативияб штаб. Республикаялъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго хваразул хъизаназеги къварилъи ккаразеги».

МахIачхъалаялъулги Грозныялъулги архиепископ Варлаам: «Насранияб диналъул хIаракатчагIазе къварилъи кканилан рагIидал, дун цIакъ пашманлъана. Хьул буго, КIудияб кIалкквеялъул сордоялъ накълулъарал гьезие алжан насиб-лъиялда. Жинца дунялги инсанги вижарасда гьарула къварилъи ккаразул хъизамазе сабру, лъукъаразе сахлъи кьеян.

Кин гьеб иш ккун батаниги, дир ракIчIола, такъсирчагIазухъа бажариларо республикаялда ракълилаб гIумруялъе ахир лъезе. Нилъ – бусурбабиги насраниялги – вацал гIадин гIумру гьабизе ругьунал руго ва кинабгIаги вахIшияб хIужа сабаблъун гьеб вацлъи-гьудуллъи биххизе теларо. Нилъ руго цо Инсул лъималги лъикIал мадугьалзабиги».

Пачалихъияб Думаялъул депутат Юрий Левицкий: «Щибго гIайиб гьечIел гIадамал чIвай сунцаниги ритIухъ гьабуларо. Дида лъала Дагъистаналда ругел киналго диназул вакилзабаз гьеб такъсир гьабурал гIадамазе нагIана кьолеблъи. Гьеб буго нилъер халкъазда гьоркьоб питна бекьизе мурадалда гIуцIараб иш. Амма Дагъистаналъул халкъал гьедин бигьаго рикь-рикьизарун бажаруларо».

Дагъистаналъул муфтият: «Пашманаб хабар щвана нижеде: вагьабиясул кверзукьа хвана щугояв ва жеги чанго чи лъукъана. Инсанасе зулму гьаби Дагъистаналъул муфтияталъ рикIкIуна вахIшилъилъун. Исламалъул цIаралдаса такъсирал гьарулел чагIазул кинабгIаги бухьен гьечIо нилъер диналъулгун».

Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделение: «Терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде данде къеркьеялъги республикаялда ришватчилъи тIагIинабизе хIаракат бахъулеб букIиналъги хIалхьи толеб гьечIо республикаялъулги Россиялъулги халкъазул гьудуллъиги территориалияб цолъиги биххизабизе гъира бугел къокъабазе.

Нижер пикруялда, килисаялъул азбаралда ккараб лъугьа-бахъин буго Дагъистаналъул нухмалъиялъулги халкъалъулги божилъиялде данде гьабураб иш. Амма ниж божула, дагъистаниязул жамгIияталъ гьезие мустахIикъаб жаваб кьезе букIиналда, ай жеги гъункун, вацлъи щулалъизабун, квешлъиялде данде къвакIизе рукIиналде. ЧIвадарухъан ритIухъ гьавизеги гьечIо цониги дагъистанияс».

Гъизляралда ккараб ишалъ пашманлъизарурал дагъистанияз – Пачалихъияб Думаялъул депутатазги, республикаялъул парламенталъги, муниципалитетазул нухмалъулезги, жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазги – рачIунел руго зигараялъул кагътал. Гьел рачIунел руго тIолабго Россиялъул шагьараздасагун росабалъаги.

Кавсарат Сулейманова