Жаниб ракI бецIцIулеб бугониги…

Избербашалдаса Ризван (цIарал хисизарун руго) лъади Дианагун ва кIиго лъимергун Сириялде ана 2015 соналда. Лъабабилеб лъимер гьезие гьабуна доба.

 Лъимал Сириялде араблъи Ризванил эбелалда нусалъул гIагарлъиялдаса лъан буго.

Гьелъулгун ккараб гарачIвари кьолеб буго гъоркьехун.

 

— Дун цIакъ къварилъана гьеб ха­бар лъайдал. Цинги гIагарлъиялъ гIодое йиччазаюна кватIичIого гьел нахъруссун рачIунинги абун. РачIинеги рачIана чанго къоялдасан.

Цогидаб улка бихьизе анищгун гьабураб сапар букIанин жидеца гьебин бицана лъималаз. ХIалтIиги балагьун, гьенир чIезеги бокьун букIанила жидее.

 

 

Кутакалда чIагояб, тIаде босараб иш рагIалде бахъинабичIого тола­реб гIамалалъул вас вукIана гьев. Гьединлъидал гьесухъа бажари­лаан доба гIумру гьабунги. Амма букIаниги, дица ахIи-хIур бахъина­буна, тIокIалъ гьенибе хIетIе чIезе гьечIин лъазабуна.

Ризваница чIужу ячана 22 сон байдал. Жиндиего йокьун ячана гьес гьей. Ниж разиги рукIинчIо, щайгурелъул нижер хъизамазул дандеккунгутIи букIана. Араб-хва­раб жоги кIочон тун, чIезе ккана.

 

 

Диана цIакъ модаялда рекъон ретIа-къалей яс йикIана. Керен- бетIер цебе лъураб ретIелги гьурщун расги букIунаан кидаго. Амма Риз­вание ячIун заман иналде, хIижабги чIвана, гьесие бокьулеб бугинги абун.

Нижеда аскIор рукIана гIумру гьа­бунги. Даран-базар гьабулаан, квер­да махщелги букIана: канализация, лъим, газ бачунаан жинцаго, мина­базул къватIиса къадал къачIалаан цIакъ берцинго. КучIдулги гьарула­ан, сураталги рахъулаан.

 

 

Жиндие шагьаралъул мэрасул све­рухълъиялдаса чагIаз нухал къалел ругин рази гьечIогоги вукIунаан. Киналдаго тIад кверги лъун цохIо гьелищдила рукIине кколел, цогидал кваназе кколарищилан кIалъалаан. Амма администрациялда гIезегIан гьудулзабиги рукIана гьесул. Поли­циялдаги рукIана.

Спортги бокьулаан гьесие. БатIи- батIиял хIаязда цересел бакIалги росулаан. Гьединлъидал кIудияв васасдасаги божилъи дир гьесдехун букIунаан. Киве кканиги, гIадада хвеларин кколаан.

 

 

Цо заманалда тун мегежгун чIана гьев. 60 сон байдал таниги гIелин абулаан дица, къокъниги гьабеян се­мулаан.

Турциялде иналде мажгиталде­цин хьвадулев вукIинчIо гьев.

 

 

Мегеж таниги, лъиданиги ракIалде щолев вукIинчIо. Участковыясги цIехечIо гьев цониги нухалда. Гьев нижехъе вачIана вас кIиабизеги дове индал.

Дица Ризванида абуна мун киве­ниги инчIого вукIине, дица кьелин дуе гIарацги, босилин мина базе ракьги.

 

 

Босана гьебги. Мина базеянги лъугьун вукIана гьев.

Амма рехун кинабгоги тун, ана цIидасанги Сириялде.

 

… Дида жеги бичIчIулеб гьечIо лъица махсарадеги ккун гьел доре аралали. Гьесул гIумру гьаб шагьа­ралда ана. Цо чанго нухалда гуро­ни къецазде Москваялдегун Санкт- Петербургалдеги ун вукIинчIо гьев.

Ризван, хъизангун цадахъ, цин Турциялде, хадув ГIиракъалде, гье­нисанги Сириялде ун вуго.

 

 

Щай, дир вас, дуе гьеб букIарабилан гьикъана тату хварай дица гьесда телефоналдасан. Нилъер диналъул яцал-вацал чIвалел ругин гьанирин жаваб кьуна дос.

Валлагь, кинабгIаги исламги гьечIинха гьениб, нартие гIоло гьа­булеб чорокаб политика гурониян абуна дица. Гьанже гьедин мекъи ккун вугелъул мун, рагъдениги вахъинчIого чIайин гьарана.

 

 

…Ризван гьечIилан кIалъана цо къоялъ нус.

Гьелъ бицухъе, Ризван хъизаналда аскIов вукIун гьечIо.

 

 

Гьел (боевикал – авт.) унел рукIун руго хъизамалги жалго тун. ГIиракъалъулгун гIорхъода ругел на­ртил вышкаби цIунулел рукIун руго гьез.

Цо къоялъ Ризван лъукъун вуго. Чачанас нахъе вехъерхъулев вукIун вуго. Жив хвезе теян ахIдон вуго Ризван.

 

 

…Нусалъе бокьун буго лъималги рачун рокъое ячIине. Амма гьей на­хъе йиччай щакаб жо буго. Лъимал рачIинеги бегьула. Гьединлъидал дица къайимлъиялъул документал хIадурун руго. Диана разилъун йиго гьел гьанире ритIизе.

Ризванилгун Дианал РФялъул паспорталги лъималазул киналго документалги рокъор руго. Загран­паспорталги гьарун ун руго гьел къватIире.

 

 

 

-ГIорхъодасан киндай гьел рич­чарал документалги гьечIого?

— Гьеле гьеб жоха диеги лъазе бо­кьун бугеб. Цо чи вукIун ватила гьеб кинабго тIаде босарав, гьел дорехун ритIизе къваригIарав. Гьединал чагIи рукIанин рагIана дида. Чанги сахал гIолохъаби ана доре.

Нижер васги гIадал гьавурав гIадин вукIана гьанив вугеб мехал­да. Амма дове щведал бичIчIун буго гьесда живго ккараб бакI. Амма нахъвуссун вачIине ресги гьечIого, чара къосун вукIана дов. Нахъе ани, хъизамго чIвалиланищ гьезда лъаза­булеб букIарабали.

 

 

Хвелалде цебе Ризваница ни­жехъе кагъат битIун бачIун букIана, къо-лъикI гьабулеб гIадин хъвалеб букIана гьес диеги росасеги баркала­ги кьун, жив чIухIулила нуж жиндир эбел-эмен рукIиналдаса.

Амма кигIан ракIбакъван йигони­ги, цо-цо мехалда кутакалда ццим бахъинеги бачIуна дир гьесда, гьаб балагьалда нижги тун, гьабун тараб гIантаб жо бихьуларищха гьес.

 

 

Дове иналде цебе дица чанцIулго гьикъана гьесда щай уневилан. Ине кколин жаваб кьун гурони, тIокIаб щибго бицинчIо гьес. Амма гьанив щивго вукIинчIо гьесие квалквал гьабулев чи.

ВукIинчIониги, гьев дове иналъе гIайибиял ралагьулей йиго дун гьан­же. Цин росасде ягъула, цинги досул гьудулзабазде тIаделъула, нужгIаги кире ралагьун рукIаралинги абун.

 

 

 

-Цощина чIаго вугодай нужер вас?

— Ватиларо. ЧIаго вукIаравани, хъизамги рехун тун, вахчарилароан гьев.

 

 

 

-Гьедин ккаралдаса гIадамазул бербалагьи хисанищ дудехун?

— Хисанин кколаро. ГIицIго ракIгурхIи букIунеб батила. Амма ракI бецIцIулеб бугониги, дица дир­го загIиплъи лъиданиги бихьизабу­ларо. Гьале, сон-церекъад гIагарав васасул берталъецин ана, расги лъугьинчIеб гIадин.

Дица къо хIехьезе ккола. Гьаб рукъ­алъул иш дида тIад буго. Щиб лъа­леб, кватIичIого Ризванил лъималги рачIине бегьула. Щиб гьабилеб? Ал­лагьас гьадин хъван букIун буго.