ТалихIаб лъимерлъиялъул гвангъарал лъалкIал

Сугъралъ гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб…

 

«Рагьарал» библиотекабаз асар гьабуна

ХIажи ГIабашиловасул цIаралда бугеб гьоркьохъеб школа. Ва гьелъул нухмалъулей Аминат ТIолбоева. ГIемер рагIулаан школалъул хIакъалъулъ бицунеб. Бицунеб рагIаралдаса бихьараб лъикIиланги абун, Халкъазда гьор­кьосеб рахьдал мацIазул байрамалда цересел къояз, дие рес щвана гьеб школалде гьоболлъухъ ине. Школалъул нухмалъулейги щаялиго цеечIезаюн йикIана цIакъго кьварарай хIакимлъун. Амма, кIитIалаяб школалъул азбаралъуе лъугьарайго, тамашалъизаюна — киса-кибего рацIцIалъиги талихIаб лъимерлъиялъул лъалкIалги. Школалъул жанахIалъуре лъугьаралго, дандего бортун бачIана магIарул гьуинаб калам.
Ва нижеде данде ячIана Аминат ТIолбоева, гьурмада разияб гьимиги, гIадамазухъ урхъараб хIикматалъ цIурал бералги, рекIелъе бортун унеб недегьаб каламги, елъулаго, бицунеб хабарги.
Ва Аминатица ниж рачана школа бихьизе.
ТIоцебесеб тIалаялъул жанахIалъуб бугоан школалъе жиндир цIар кьурав, машгьурав журналист ХIажи ГIабашиловасе сайгъат гьабураб бокIон. БахIарчияв росуцоясе сайгъат гьарурал суратаз бицунеб букIана хIинкъи лъачIев журналистасул гIумруялъул ва гьунаралъул хIакъалъулъ. Гьеб ккола гьитIинаб ватIаналдеги гIагараб миллаталдеги букIине кколеб рокьул кIудияб мисаллъун.
КIиабилеб тIалаялда бугеб рагьараб библиотекаялъ тамашалъизаюна. Киназего квегIенаб бакIалда бугоан гьеб гIажаибаб библиотека. Бокьарав цIалдохъанас вачIун, бокьараб тIехь босулеб буго цIализе. ЦIалун бахъарабго, букIараб бакIалда лъолебги буго. Гьенирго руго столалги бакIалги.
Дица Аминатие суалгицин кьуна гьадинал цIакъал тIахьал рахай-къайго гьечIеб бакIалдаса рикъун унарищилан. Елъулаго, гьелъ абуна, цIогьилан абураб рагIи жидер школалда гьечIила. Гьеб ккола школалда лъималазе кьолеб рухIияб тарбиялъул берцинаб мисалги лъикIаб хIасилги.
ХIикмалъизе ккараб жо гьечIищха-рагьараб библиотека. Гьенире киналго тIахьалги сайгъат гьарурал руго. Аслияб къагIидаялда библиотекаялъе тIахьал кьун руго сахаватав росуцояв ХIамзат ХIамзатовас. Гьединаб библиотека жеги кIиго-лъабго букIине бугин абуна. Щвана щибаб классалде. Республикаялъул бокьараб школа бахиллъиледухъ цIиял технологияздалъун хьезарун руго классал. Гьединго щибаб классалда бухIараб-цIорораб лъимгун умывальникалги. Школалда буго интернатги. Лъималазе чIезарун руго киналго шартIал. Гьез гIумру гьабун ругел рукъзалги руго рекIее лъикIаб асар гьабулеб хIалалда. Буго школалъул жанахIалъубго хасалил ахги — гьелъие лъикIаб хъулухъги гьабулеб буго лъималаз. Гьелеха эстетикияб тарбия кьеялъул мисалги — нилъеда сверухъ бугеб берцинлъиялъул къимат гьабизе малъи ва лъай.
Дица хIалтIул рахъалъ щибниги гьикъичIо Аминатида — кинабго берда цебе букIана. Къадазда рарал суратаз бицунеб букIана школалъул гIумруялъулги, цIалулъ ругел хIасилазулги, цIалдохъабазулги умумузулги жамгIияб хIаракатчилъиялъулги хIакъалъулъ.
Гьаб захIматаб заманалдаги Аминат ТIолбоевалда кIун буго гьединаб тIадегIанаб даражаялда школа цIунизеги сахаватал гIадамал ралагьизеги. Гьединазул квербакъиялдалъун жакъаги школа чIаго буго, гьалдолеб, хIалуцараб гIумру жинда бугеб.
Гьанибго ракIалдещвезабизе ккола цо гьадинаб хIужаги: школалъул жанахIалъуре лъугьунаго, лъималаз хьиталги хисулел руго. Гьеб рахъалъан низам цIакъ кьварараб буго гьениб. Байбихьуда захIматго букIараб батаниги, гьан­же гьелде ругьунлъун руго лъимал. ГIадлуги гьез жидецаго жидеего гьабулеб буго. Цоцазухъги гIенеккулел руго лъимал. ГIемерал руго гьеб школалда цогидаз мисал босизе гIадал ишал.
Кинабго — лъималазул талихIалъе гIоло. Гьединаб буго школалъул нухмалъулелъул хIалтIул ахIиги. ХIалтIул хIасилалги церего цере руго.

Рахьдал мацI-дир рухI, дир хIухьел

Гьединаб цIаралда гъоркь гьеб къоялъ тIобитIулеб букIана магIарул мацIалъе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул залалда рагIулеб букIана пандрида ахIулеб магIарул некIсияб кочIол гьаракьги.
Аваристаналде рагьараб каву. Хунзахъ тахшагьар. Ургъалида вугев хан. Гьидалъа Хочбарие гъураб къор. Божуда рекIкI. Хочбарил ахирисеб кечI. Гьев вухIизе гьелегьизабулеб бугеб цIа. БахIарчи вухIи. Хунздерил ханасул васазухъ магIу.
Гьедин цоги нухалда школалъул цIалдохъабаз сценаялдасан ракIалдещвезабуна хунздерил ханасулги гьидерил Хочбарилги къваридаб къиса.
Гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицунеб букIана лъималаз бацIцIадаб, гIажаибго берцинаб хъу­ди жиндир бугеб рахьдал мацIалда.

Баркиял, баркиял…

ЦIалдохъабаздаги учительзабаздаги магIарул мацIалъул байрам баркизе рачIун рукIана магIарул шагIир ТубхIат Зургьаловаги, магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидиноваги, ГIахьвахъ районалъул бетIерасул заместитель Раисат ГIабдулбасироваги, «ХIакъикъат» газеталъул мухбир, МахIачхъалаялъул № 11 гимназиялъул магIарул мацIалъул учитель Шамай Хъазанбиеваги.
ТубхIатица лъималазе бицана рахьдал мацIалъул къвакIиялъулги, кьвариялъулги, не­дегь­лъи-хIеренлъиялъулги хIакъалъулъ. РакIалдещвезаруна миллаталъул чIухIилъун кколел, гьелъул тарихалда тIагIунарел лъалкIал тарал лебалал васал. Бицана шагIиралъ имам Шамил­ги, ХIажимурадги, ХIамзатил Расулги щал кколелали. Хадур гьелъ цIалана жиндирго кучI­дул. Гьединго ТубхIатица школалъе сайгъат гьаруна жиндирго тIахьалги.
Баху МухIидиновалъ бицана миллаталъул мацIги цIарги цIунулел ругел магIарул мацIалъул учительзабазул хIаракатаб хIалтIул хIакъалъулъ. Дагъистаналъул мугIрузул тIогьиб жавгьарлъун кенчIолеб бугеб рахьдал мацIалъул щибаб хIарпалъухъ гьоболлъи базе ахIана гьелъ цIалдохъаби. Бахуца гьединго бицана ассоциациялъ мацI цIунун хутIиялъе гьарулел ругел ишазул хIакъалъулъ.
Раисат ГIабдулбасировалъ лъималазда байрам баркана ва бицана Дагъистаналда миллиял мацIал хадусел наслабазе цIунун хутIиялде кьолеб бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Гьелъ тIадчIей гьабуна ва цоги нухалда гьалбадериеги цIалдохъабазеги бицана Аминат ТIолбоевалъ нухмалъи гьабулеб сугъулдерил школа республикаялъул бищунго лъикIал школазул кьеразулъ букIинги.
Шамай Хъазанбиевалъ цIалдохъабазе бицана магIарулал цолъизарулеб литературияб магIарул мацI жакъа киназдаго лъазе ккеялъулги, шагьаразул школазда гьелде кьолеб бугеб кIва­ралъулги, «ХIакъикъат» газеталда лъималазе бахъулеб «БурутI» гьумералъулги, гьенир тIо­ритIулел батIи-батIиял конкурсазулги хIакъалъулъ.

Аминат ТIолбоевалъул
гIумруялъул бакъ

Директоралъе цIакъ рокьулел ругоан лъимал. Лъаларо, гьелъ гьеб гIажаибго недегьаб рокьул лъималазда лъазе толебищали, амма цIалдохъа­базул хIакъалъулъ бицунеб гьоцIо хъвараб каламалъ хIайран гьарун рукIана ниж.
Аминатица жиндирго гIумруялъул бакълъун рикIкIунеб буго школа. Гьеб бакъул чIораллъун кколел цIалдохъабаз даимаб хинлъи кьо­леб буго гьелъул кIудияб, 180 цIалдохъанасе бакI бугеб ракIалъе. Гьелъул талихIалъул чIвабилъун ругел лъималаз бакараб цIадуца хъизамалъул гъанситоялъеги кьолеб буго хинлъи. Ва гьел чIваби цолъулел руго. КIиго хинлъи — цохIо бакъ. КIиго хъизан — цохIо бакъ. КIиго талихI- цохIо бакъ. Гьеб бакъалда цIарги — Аминат. Биччанте гьеб кидаго гвангъун хутIизе сугъулдерил лъималазе.