Ана цоги лъикIав инсан ва тохтур

Коронавирус тIибитIизе байби­хьаралдаса респу­бликаялда хварал медицинаялъул хIалтIухъабазул къадар 32 чиясде бахана.

 

Гьезие ва тIолго улкаялда хварал киналго тохтурзабазе иса­на 5 октябралда памятник лъе­зе ракIалда буго Россиялъул миллиардер Игорь Рыбаковасда. Памятникалъе проек­тал ритIизе хасаб конкурсги лъазабун буго.

 

Гьеб киб лъелебали жеги мухIканлъун гьечIо. Цояз Санкт-Петербургалдайин, цо­гидаз – МахIачхъалаялдайин абулеб буго.

Амма памятникалъул цо бутIа гIахьалаб букIина Хунзахъ районалъул ГIорутIаса тохтур МахIамад ХIасанхIосеновасеги.

 

БитIун коронавирусалъ къвал жеми­зе байбихьараб заманалда, цIа-канги гIодобе ккезабизе кIвечIого, гIумруялдаса ватIалъана гьев.

Гьал къоязда МахIамадил махщелцояз редакциялде бачIана гьадинаб кагъат:

 

«Халат бахъараб унтудаса хадув нилъеда­са ватIалъана цоги лъикIав инсан – махщел тIокIав тохтур, гIолохъанал тохтурзаба­зул насихIатчи — МахIамад ХIасанхIосенов.

1956 соналда Харахьи гьоркьохъеб шко­лаги лъугIизабун, МахIамад цIализе лъугьа­на Буйнакскиялъул медицинаялъул учили­щеялде.

 

 

ЦIали лъугIун хадув, 1964 соналде щвезегIан, хIалтIана Гумбет районалъул Килалъ росдал ФАПалъул заведующийлъун.

 

Цинги гьебго соналъ Дагъистаналъул ме­динституталде лъугьана цIализе.

 

 

Гьелдаса хадув, 1970 соналдаса 1976 со­налде щвезегIан хIалтIана Гъизилюрт ша­гьаралъул больницаялда педиатрлъун.

 

1976 соналъул 5 февралалдаса на­хъе гьанжелъагIан МахIамад хIалтIулев вукIана Харахьи больницаялда лъималазул тохтурлъун.

 

 

Гьев вукIана кутакалда жиндирго хIалтIи бокьулев, гIадамал хирияв, мах­щел камилав, гIолохъанаб гIелалъул лъикIав насихIатчилъун.

 

Гьединлъидал гьесул кутакалда къимат­ги гьабулаан унтараз ва цадахъ хIалтIулез.

 

 

ГIумруялъго ракIбацIцIадго гьабу­раб хIалтIухъ МахIамад мустахIикълъун вукIана ДРялъул мустахIикъав тохтур абураб цIаралъеги гIемерал шапакъатазе­ги. Гьев кколаан тIадегIанаб категориялъ­ул тохтур-педиатрги.

 

Нижеда кидаго кIочон теларо МахIамад, гьесул гIаданлъи, гIамал-хасият, гIадан хи­ралъи».